Рагъухъан, пачалихъияв хӏаракатчи ва хӏапиз Сурхай II-абилев (1744-1827) ханлъуде ккана 1789 соналда, эмен Мухӏамад-хан хун хадув

XVIII гӏасруялъул ахиралда цӏидасан байбихьана Россиялъул империялъ Дагъистан квегъиялъул мурадалда гьабулеб хӏаракат ва гьелде данде магӏарулаз гьабураб къеркьеялъул церехъабазул цоявлъун вукӏана гъазигъумекдерил Сурхай-хан II. Халкъалъ гьесда абулаан «Хъунбуттаян» («кӏудияв эмен», «кӏудада»).

Сурхай-хан II-абилес байбихьана Дагъистаналъул югалъул ракьал кквезе ва гъазигъумекдерил ханлъиялъул гӏорхъаби цевеккун ханлъуда вукӏарав Сурхай-хан I-сесул заманалдаго рукӏараб хӏалалде ккезариялъул мурадалда. Гьебго заманалда, Россиялъулгун гьабураб къотӏиялдаса рази гьечӏеб Турциялъги байбихьана Кавказалде тӏадбуссиналъул мурадалда хӏадурлъи гьабизе. Турциялъул султанас битӏана Сурхай II-лев Россиялде данде гьусулеб магӏнаялъул кагъат.

1795 соналда Ираналъул цӏияв шагь Агъамухӏамад-ханасги битӏана Гъазигъумекдерил ханасухъе кагъат. Гьелда бицунеб букӏана жив ханлъуда чӏеялъул хӏакъалъулъ ва гьарулеб букӏана, жиндие мутӏигӏлъи загьир гьабулеб кагъатгун жиндихъе чапар витӏеян абун. Гьеб гьариялъе жаваблъун букӏун батизеги бегьула Сурхай-хан II-лев Персиялдехун гьетӏи, гьелъул кумекалдалъун Дагъистаналъул югалъул ракьал жиндираллъун хутӏиялъул мурадалда.

1796 соналда Россиялъ Дагъистаналде битӏана В. Зубовасул нухмалъиялда гъоркь армия. Мухӏамад-шамхаласулги, Хайдакъазул Рустам-ханасулги, Табасараналъул Рустем-къадилги квербакъиялдалъун, пачаясул армиялъ ккуна Дербент ва гьениса нахъе хъамуна Ших-Гӏали-хан. Гьев лъутана Куралалде, Сурхай-ханасул аскаралъул кумекалде хьулгун. Дагъистаналъулгун

гьоркьоблъи хвезабизеги бокьуларого, гӏурус аскаралъул нухмалъиялъ Сурхай-ханасда абуна Россиялъул нухмалъи къабул гьабеян. Ичӏго къоялъ халалъарал гара-чӏварияздаса хадуб гьев разилъана гӏурусазде данде къеркьей къатӏинабизеги, цебеккун гьезухъа бахъараб давла тӏадбуссинабизеги, асирлъуде ккарал гӏурус солдатал риччазеги.

Россиялде гъорлъе Гуржистан ккарабго, гӏурусаз байбихьана Дагъистаналъул ишазда гьоркьобе лъугьине. Батӏи-батӏиял экономикиял къагӏидабиги хӏалтӏизарун, Кавказалда вугев гӏурус сардарас хӏаракат гьабулеб букӏана Дагъистаналъул ханзаби рикь-рикьизаризе. Россиялъул нухмалъи тӏубанго къабул гьабуна Таргъуялъул шамхаласги, Хайдакъалъул уцмиясги, Табасараналъул майсумасги, гьединго цо-цо росабазул жамгӏиятазги. Ираналъул шагьасе Азербайжанги Дагъистанги квегъизе бокьун букӏиналда бан ва Кавказалда жиндир тӏадецуй щула гьабиялъул мурадалда, 1802 соналъул сентябралда пачаясул сардарас Георгиевск шагьаралда тӏобитӏана данделъи. Гьениб гьабуна Дагъистаналъул ханзабаз Россиялъе мутӏигӏлъи цӏунизе бугин абураб къотӏи. Амма Сурхай-хан II-лев гьеб данделъиялда гӏахьаллъичӏо ва къотӏиялъе мукӏурлъунгутӏи загьир гьабуна цӏидасан Россиялде данде къеркьей цӏигьабиялдалъун: гьес гьужумал гьаруна Северияб Кавказалда рукӏарал гӏурус гарнизоназде.

Персиялдегун Турциялде данде рагъал байбихьиялда бан, гӏурус командованиялъе бокьун букӏана Дагъистаналда парахалъи цӏунизе. Гьелъул мурадалда, генерал Г. Глазенапуда тӏадкъан букӏана гӏурус пачаясе Сурхай-хан II-лев мутӏигӏ гьави «аскар цӏуниялъул мурадалда, гьарунги хӏинкъизавунги, щайгурелъул, гьев мутӏигӏлъизавичӏони, захӏмалъизе буго яргъил къуваталдалъун Баку квегъизе».

1806 соналда Сурхай-хан II-лесда цебелъуна Россиялъе мукӏурлъиялъул бицунеб кагъат. Гьелда рекъон санайилго пачаясе кьезе кколаан 3000 гъурущ ва аманаталъе кьезе кколаан Сурхай-ханасул вас. Гӏурусаз Къубаги бахъун, Дербенталъул ханлъиялдаса Ших-Гӏали-хан хъущтӏизавун хадуб Сурхай-ханас гьа бана, Россиялъе ритӏухълъи цӏунизе, амма инкар ккуна трактаталда гъоркь гъулбасине.

1811 соналда Сурхай-хан II-лесулги Ших-Гӏали-ханасулги цолъизабураб аскаралъ Къуба эркен гьабун хадуб, гьезде данде битӏана генерал Н. Хатунцевасул аскариязул къокъа ва гьез Къуба нахъе бахъана. Гьелдаса хадуб генерал Н. Хатунцевас абуна Ших-Гӏали-хан аманаталъе кьеян абун. Гьелъухъ Гъазигъумекдерил ханасдаса тӏасалъугьунеб букӏана пачаясул нухмалъи. Амма Сурхай-хан II-лесулгун гьарулел гара-чӏвариязул пайда гьечӏеблъиги бихьун, генералас Аслан-бегида (Сурхай-ханасул вацасул васасда) тӏадкъана Куралалъе нухмалъи гьабизе. Хӏукмуги гьабуна, нагагь

Сурхай-хан II-лес трактаталда гъоркь гъулбасине инкар гьабуни, Гъазигъумекиб нухмалъи Аслан-бегида тӏадкъазе. Гьелдаса хадуб байбихьана имгӏаласдаги вацасул васасдаги гьоркьоб питна ва гьеб халалъана гӏемерал соназ. Рагъулаб икъбалин абуни, кколаан цин дагъистаниязул, цинги гӏурус аскаралъул рахъалде.

Гьелдаго цадахъ Сурхай-хан II-лес гьарулел гьоркьоса къотӏуларел рагъаз тӏубанго мискинлъиялде ккезабураб гъумекдерида 1813 соналда ракӏалде ккана гьесдаса эркенлъизе. «Тумазул магьалазул жамагӏаталъ Дурчӏидагъалда тӏобитӏана данделъи ва гьениб хӏукму гьабуна Сурхай-хан II-лесул вас Муртазагӏали (Аслан-ханасе эбелалъул рахъалъ вацлъун кколев) тезе Гъазигъумекдерил ханлъун, Россиялъул пачалихъалъе мутӏигӏаллъун рукӏиналдеги цоцазда гьоркьоб питна бекьунгутӏиялдеги хьулгун». Муртазагӏали ханлъуда тана ва гьесул цӏарги щулалъана Гъазигъумекиб. Сурхай-хан II-лев хӏажатавлъун ккана Ираналде лъутизе, персазул шагьасул кумек щвеялде хьулги хьихьун. Амма 1813 соналъул 12 октябралда Ираналдаги Россиялдаги гьоркьоб гьабуна ракълилаб къотӏи (Гюлистаналъул рекъел) ва Персиялъ рагӏи кьуна, Дагъистаналъул ишазулъ киданиги гӏахьаллъунгутӏизе.

Ираналъул кумекалдаса махӏрумлъарав Сурхай-хан тӏадвуссана Дагъистаналде. 1814 соналда, гьитӏинабго аскарги бакӏарун, гьев ана жиндир букӏараб ханлъиялъул гӏорхъабаздехун, амма, Кура гӏор бахунаго, гьесда хадур гъола гӏурусал ва гьесул аскарги щущахъ биххизабула. Хваликьа ворчӏарав ханги гьесул аскаралъул хутӏелги уна Хосрех росдахъе. Нухдасан ханас тӏибитӏизабуна Дагъистаналда бугеб гӏурус аскаралъул кӏудияс жиндие ихтияр кьунин Аслан-хан нахъе хъамизеян абураб хабар. Аслан-хан лъутула Гӏахъушасан Хайдакъалде, гьенисанги Табасараналдегун Къасумкенталде ва гьенив гьев цӏидасан тӏамула Куралалъул нухмалъулевлъун.

Гьелдаса хадуб, Гъазигъумекдерил хан хӏисабалда, Сурхай II-лес хитӏаб гьабуна Кавказалъул армиялъул бетӏерав командующий генерал А.П. Ермоловасухъе, гӏурус пачаясе мутӏигӏлъиги загьир гьабун. Гьесул гьари къабул гьабуна. Гьес мутӏигӏлъи загьир гьабулеб къо тӏобитӏана байрамалъул къагӏидаялда. Амма ханасда кӏочон течӏо жиндирго планал. Гӏурус командованиялда лъана Сурхай-ханас балъго кумек гьабулеб-лъи Дагъистаналъул гӏатӏиракьалда гӏумру гьабулел халкъазде гьужумал гьарулел рукӏарал магӏарулазул хан Султан-Ахӏмадиеги, Хайдакъазул уцмий Гӏадил-Гиреясеги, Гъазданущиса Гирей-бегасеги ва Ших-Гӏали-ханасеги.

1819 соналъул кӏиабилеб бащалъиялда генерал А. Ермоловасда ракӏалде ккола Сурхай-хан II-лев тахидаса хъущтӏизавизе ва ханлъи кьезе жиндие мутӏигӏав Аслан-ханасухъе. Гӏурус командованиялъ байбихьула Гъумекибе сапар. Сурхай-хан II-лес хиял гьабуна гьездаса цеве кӏанцӏизе ва гьев гьужумалъ ана Чирахъ гарнизоналде, амма икъбалги ккечӏого, гьев нахъе къазе ккана Лакиялъул росабалъе.

1820 соналъул июналда генерал А. Ермоловас лъазабуна Гъазигъумекдерил ханлъун толев вугин Аслан-ханин абун. Гьелъул мурадалда Гъазигъумекибе битӏана генерал В. Мадатовасул къокъа. Сурхай-хан II-лесда гӏурус аскариял дандчӏвана Чирахъ росдада гӏагарлъухъ, гьениб ккараб рагъулъ ханасул аскар биххизабуна ва гьев живгоги гьанжесалалъги лъутизе ккана Дагъистаналдаса.

1820 соналъул августалда Сурхай-хан II-левги гьесул вас Нухӏ-бегги гьитӏинабго къокъагун цадахъ гочана Персиялде. Гьениб гӏумру гьабулебгӏан заманалъ гьес Персиялъул хӏукуматалъухъа гьарулеб букӏана жив махӏрумлъараб мулк тӏадбуссинабиялъе кумек гьабеян абун. 1826 соналда Ираналъул аскар лъугьана Гуржиялъе. Гьелдаса пайдаги босун, Сурхай-хан II-лев вахъана Шемахаялде, гьенисаги – Гъазигъумекиве ва хадубккунги – Сугъралъе ана, Аслан-ханасдеги гӏурус пачаясдеги данде халкъ бахъинабизе къеркьолаго. Гьебго заманалда гьес, Турциялъул султанасухъа кумекги

гьарун, гьесухъе витӏана вас Нухӏ-бег. Амма гьесул хӏаракаталъул хӏасил ккечӏо.

Сурхай-хан II-лев хвана 1827 соналда, 83 сонил ригьалде вахараб мехалда. Гьесул васигаталда рекъон, гьев вукъана бичун босун букӏараб сугъулдерил ракьалда.

Доб заманалда гӏумру гьабулел рукӏаразул баяназда рекъон, Сурхай-хан вукӏана логода ворхатав, «кьварараб сипаталъул, бусурбабазда гьоркьов гӏалимчиясул цӏар тӏибитӏарав ва ритӏухъав къади».

Хӏажимурад Доногъо