Мухӏамад Нурмухӏамадовасул цӏваялъул кунчӏиялъухъе гьоболлъухъ ахӏун рукӏана
Киноялда букӏа, театралда букӏа, батӏалъи гьечӏо, лъикӏал гурел ролал хӏалев артистасдехун цо кинабалиго рокьукълъи бижун бачӏуна. Гьеле гьединавлъун вукӏана диеги Магӏарул театралъул артист Мухӏамад Нурмухӏамадов. Махӏмуд Гӏабдулхаликъов цеве вачӏиндал, киналго релъулаан, Хӏосен Казиевасда берчӏвайдалги, разилъула. Амма Мухӏамадица роль хӏалелъул, спектакль лъугӏизегӏан гьесде хьандолелги камулароан. Ракӏалда буго, цо спектаклялда немцасул роль хӏалеб букӏана гьес. Спектакль лъугӏун хадубги, чанго къоялъ нахъе унеб букӏинчӏо гьесда бахъараб ццин. Гьев дие вукӏана ццидалав ва квешав артистлъун. Гьеб гурищ доб Тӏадегӏанас кьураб кӏудияб пагьму-гьунар — гӏадамазда рихинеб хӏалалда жиндирго роль хӏан бажари.
Амма гӏумруялда батӏияв вукӏун вугоха халкъияв артист.
Мугӏрузда лъадарараб унго-унгояб кьварараб хасияталъул, гьединабго кӏалъаялъул, гьурмада бессараб гӏажаибго гӏадамазул ракӏазулъе рещтӏунеб гьимиялъул, жиндирго цӏваялъул тӏадегӏанлъиялда аскӏоб жиндиргоги цӏар хъварав, тӏадегӏанаб махщалил актер Мухӏамад Нурмухӏамадов.
15 ноябралда гьеб цӏваялъул кунчӏиялъухъе гьоболлъухъ ахӏун рукӏана Магӏарул театралде артистасул творчество бокьулелщинал дагъистаниял. Кӏодо гьарулел рукӏана Мухӏамад Нурмухӏамадовасул гӏумруялъул 70 сон тӏубай ва гӏагараб театралъе кьураб 45 сон. Юбилярасда баркизе рачӏун рукӏана гьесул гӏагарлъиги, ракьцоялги, классцоял гьалмагъзабиги, гьудулзабиги. Дандеруссиналда гьединго гӏахьаллъана шагӏирзабиги, хъвадарухъабиги, гӏалимзабиги. Тадбир байбихьана Мухӏамадица роцӏараб, мугӏрузул иццалгӏан бацӏцӏадаб гьаркьидалъун ахӏулеб кочӏодалъун. Цере рачӏунел рукӏана гӏажаибго берцинаб магӏаруллъиги, гьениб кунчӏараб Мухӏамадил цӏваялъ босараб борхалъиги, гьеб борхалъиялда мустахӏикъаб бакӏ ккурав артистасул къисматалъул свералабиги. Юбилеялъулаб сценариялда гьоркьо-гьоркьоб бихьизабулеб видеороликалъги бицунеб букӏана артистасул гӏумруялъул нухазулги, лъалкӏазулги, сухъмахъазулги, гьесул пикраби-анищазулги, наслабазе толеб бугеб бечедаб рухӏияб ирсалъулги хӏакъалъулъ.
Баркиял…, баркиял…, баркиял.
Кӏалъазе рахъараз гьеб сордоялъ магӏарулазе рагьулел рукӏана миллияб театралияб маданияталда меседил хӏарпаз жиндирго цӏар хъварав Мухӏамад Нурмухӏамадовасул махщалил балъголъаби. Абула, махщалил рорхалъабазе гӏорхъи букӏунарилан. Кинав артистасулха рукӏунарел гьел рорхалъаби мукӏур гьаризе анищалги. Мухӏамадил гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал нахъехун регулаго, бихьулеб буго гьев гьеб борхалъуде бугеб нухдаса цониги нухалда хъущтӏичӏевлъи ва таричӏевлъи. Тадбир нухда бачана Гӏурус театралъул актер, республикаялъул мустахӏикъав артист Владимир Мещериница. Байрам берцин гьабун букӏана Мухӏамадил ракьцоял, Чӏарада районалдаса эстрадаялъул кочӏохъабазул церерахъиналъ.
Регизин цӏидасанги нахъехун актерасул гӏумруялъул ва махщелчилъиялъул тӏохьол тӏанчал
Мухӏамад Нурмухӏамадов гьавуна 1947 соналда Чӏарада районалъул Хьинуб росулъ. Гьитӏинго бижана гьесулъ актерлъиялъул махщалиде кӏудияб рокьи. Гӏолиллъуда гьеб къасд дагьабги щулалъана. Ва даим ритӏухъавлъун хутӏана лъимерлъиялъул анищазе.
1967 соналда Мухӏамад цӏализе лъугьана Киевалъул театралияб институталде. Ва 1972 соналда хӏалтӏизе вачӏана Магӏарул театралде.
Ролал, ролал… Чанго батӏияб сипаталда кӏалъана актер сценаялдасан магӏарулалгун. Бицана гьес халкъалъе миллаталъул каранда жавгьараллъун кенчӏарал бахӏарзазул хӏакъалъулъ. Гьабуна гьес хитӏаб кӏудияв Шамилил цӏаралдасан дагъистанияздезун гӏагарал мугӏрузул эркенлъи цӏунейилан. Даимаб суаллъун хутӏун бугеб ришватчилъиялъул ва гӏарцуца хӏакимзаби «ричун» росиялъул къваридаб къисаялъул хӏакъалъулъ бицана гьес, Н. Гоголил «Ревизор» асаралдаса гӏуцӏараб спектаклялда роль хӏалагоги. Вихьана магӏарулазда актер «Отелло», «Камалил Башир» (Гӏабасил Мухӏамад), «Мугӏрузул Гӏали» (Зайирбег Гӏалиханов), «Кӏодоласул ригьин» (Цӏадаса Хӏамзат), «Аршин мал алан» (У. Хӏажибегов), «Рокьул контора» (Хӏ. Казиев), «Махӏмуд ва Муи» (Гӏабасил Мухӏамад) ва цогидалги спектаклязда. Театралъе кьураб 45 соналда жаниб нусгоялдасаги цӏикӏкӏун багьадурасул сипаталда цеве вахъана Мухӏамад.
Магӏарул театралияб махщел цебетӏезабиялъулъ лъураб кӏудияб бутӏаялъухъ гьев мустахӏикълъана тӏадегӏанал шапакъатазе.
1997 соналда гьесие кьуна «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб цӏар. Къоял рахъанагӏан, санал анагӏан, цӏубан, тӏегьан бачӏунеб актерасул гьунаралъ мутӏигӏ гьаризе байбихьана театралияб махщелалъул рорхалъаби.
2006 соналда Мухӏамад Нурмухӏамадовасе кьуна «Россиялъул мустахӏикъав артист» абураб цӏар. Щвана гьесие гьединго республикаялъул хӏукуматалъул ва Культураялъул министерствоялъул рахъалдасан Хӏурматалъул грамотабигидипломал.
Амма бищунго къиматаб шапакъатлъун гьесие хутӏизе буго гӏагараб халкъалъул рокьиги хъатил гъугъайги.
Гьеб сордоялъги чӏвана артистасе хъат. Гьеб хъатил гьаркьица Мухӏамадил гӏумруялда 45 соналъ угьана тӏадегӏанаб пагьмуялъул накъишал. Магӏарулазда гьеб сордоялъги вихьана Кӏодолавги (Цӏ. Хӏамзат), Гӏалиги (Р. Хӏамзатов), мугӏрузул Гӏалиги (З. Гӏалиханов).
Магӏарул театралъул актераз баркана Мухӏамадида нахъа тараб гьайбатаб нухлул сухъмахъал ва шагьраби. Рекӏел гъварилъудасан бачӏунеб хӏасратаб рокьиялъ ахӏулеб букӏана гьез вокьулев артистасде Кӏодочилан. Гьедин абулеб буго гьез Мухӏамадида.
Жакъа гьев театралдаги ккола цӏикӏкӏараб гӏелалъул артистазул цояв. Гьес гӏолохъанал артистазда лъалареб малъула, бажарулареб роль хӏалеб куц бихьизабула. Ролал хӏазе гуребги бажарула артистасухъа. Гьесда тӏадкъан буго музыка хъвалеб студиялъул ишги. Гьес махщалида хӏалтӏизабула музыкалияб аппаратура. Бакънал хъвазеги махщел буго Мухӏамадил. Умумузулго аби гьечӏищха, цо жоялъе гьунар бугев чи сундулъго гьунар бугев вукӏунилан. Гьеле гьединав анкьгьунарлъун рикӏкӏуна аскӏор хӏалтӏулезги Мухӏамад. Лъугӏана юбилеялъулаб сордо. Цӏидасанги байбихьана артистасул театралияб гӏумру. Цӏиял ролал. Цӏиял зрителал. Ва жиндирго гӏумруялъулъги гӏагараб театралъул сценаялдаги талихӏ батарав Россиялъул мустахӏикъав артист Мухӏамад Нурмухӏамадовги.
Шамай Хъазанбиева