Махӏмуд-Апандил «Тӏаса лъугьа, дир вас» абураб тӏехьалдаса
Вукӏанила цо бечедав чиги, гьесул вукӏанила цӏакъ лъугьинчӏев васги. Щибниги иш-пишаги гьечӏого, гьудулзабигун цадахъ тира-сверулев, квана-гьекъолев вукӏунаанила гьев. Цо къоялъ инсуца гьесда абунила:
— Гӏенеккея, дир вас, мун гьанже лъимер гуро, гӏолохъанчи гӏун вуго. Заман щвана, гьеб ахӏмакъаб хьвада-чӏвадиги тун, хъизанги гьабун, гӏадамазул гӏадаб гӏумру-яшавалда вукӏине.
— Гьелъие жеги цудунго буго, дада, — илан жаваб кьунила васас.
— Кинабго гьабизе ккола, дир вас, жиндир заманалда, цо къоялъ гьадал гьудулзабаз мун, квералги рацӏцӏун, гӏодобе рехараб чӏорто гӏадин тезе бегьула.
— Мун мекъи вуго, дада, гьез дун киданиги рехун толаро.
— Мун унго-унголъунги божунищ вугев гьез дур адаб гьабулин абураб жоялда?
— Цӏакъха божулев.
— Дида ккола гьеб адаб-хӏурмат дур гӏарцуца ккун хутӏун бугин.
Дур шагьи-пара лъугӏарабго, гьел духъ балагьизецин гьечӏо.
— Дуда лъалел гьечӏо, дада, дир гьудулзаби. Гьез киданиги дие рекӏкӏ гьабуларо. Жакъа дир буго гӏарац, метер гьезулги букӏина. Жакъа дица хвезабулеб буго гьеб, метер гьезги гьабила.
— Дида дур гьудулзаби лъикӏ лъаларого ратизеги бегьула, амма гӏумру дида лъикӏ лъала. Дида гӏемер рихьана дур гӏадал гьудулзаби ва гьел божизе бегьулел чагӏи рукӏунареблъи.
— Дида лъикӏ лъала, дада, -илан чӏухӏун жаваб кьунила васас. Ва жиндирго ругьунаб къагӏидаялъ гӏумру гьабулев вукӏанила.
Эмен хьулкъотӏараб куцалъ захӏматго унтула. Гьес васасда гьарула хъизан гьабеян, гьанжениги гӏакълуялде вачӏаян. Амма васас инсул гьари тӏубазабичӏила.
Хвалда цебе инсуца васасда абунила:
— Дун хвараб мехалъ, дуца дир тӏадкъай тӏубачӏого бегьуларо.
— Тӏубала эмен.
— Дуца нилъер тухумалъул къадру цӏуне. Щиб кин кканиги, гьардухъги вукӏунге. Тухумалъул къадру рехизегӏан – хва мун. Бокьараб хӏалтӏи гьабе чӏухӏичӏого. Захӏматалъ инсан берцин гьавула, гӏодовегӏан гурев – кӏодо гьавула.
— Ургъел ккоге, дада, дица дуца абухъе гьабизе буго.
— Божизе кӏолеб гьечӏо, дир вас. Дие батӏалъи гьечӏо мун бечедго вугониги, мискинго вугониги. Дие аслияб жо буго, цоги нухалъ абуни, дуца нилъер тухумалъул къадру цӏуни. Инжитлъизегӏан хунго лъикӏ. Гьединлъидал бицунеб буго дуда цо балъголъи. Нахъарокъоб мокърокь бугеб чӏалуялда дица бан буго гъанцӏа. Гьабизесеб жо тӏагӏараб хӏалалде ккараб мехалда, дурго къадруги цӏунун, хва.
— Дур рахӏатхвей гӏададисеб буго, дада. Дун гьеб хӏалалде киданиги ккезе гьечӏо.
— Гьеб Аллагьасда гурони лъаларо, дир вас. Амма дуда дир рагӏаби кӏочон тоге…
Эмен хванила.
Васас кколеб куцалъ вукъанила гьев. Гьабунила гьесда хадуб садакъа-къулгьуги. Кӏикъого къоялъ танила мегежги. Гьеб болжал лъугӏарабго гьев, дагь-дагьккун гьадабго, живго ругьунаб гӏумруялде вуссанила.
Инсуца нахъе тараб гӏарац лъугӏизегӏан гьудулзабаз гьев, зодове вахинавун, веццулев вукӏанила. Гӏарац лъугӏанагӏан гьезул балагьи гьесдехун хисанила. Гьел цере гӏадин гьесухъе рачӏунел рукӏинчӏила, нухда дандчӏванигицин вихьичӏеб ххвел гьабун толаанила. Гӏолохъанчияс хӏаракат бахъулеб букӏанила гьезул кьижараб намус борчӏизабизе. Гьанжелъизегӏан гьесул гӏарцухълъидал гьел квана-гьекъолел рукӏарал. Амма цересел гьудулзабаз гьесул кӏвар гьабичӏила.
Гьабизе жо тӏагӏарал къоял щванила гӏолохъанчиясде. Чияда гьаризеги намусалъ къабун гьабичӏила. Гьеб мехалда гьесда ракӏалде щванила инсул рагӏаби. Анила гьев нахъарокъове. Ваханила бакӏиде ва горбоде кӏичӏ ккезабунила. Цинги, малги бан, бакӏ добехун реханила. Дагьаб мехалъ кварида далун хутӏанила гьев. Цинги, тӏун кварги бачӏун, чӏарбида гӏодов речӏчӏанила…
Кӏичӏикье габур ккезабулеб хӏалалде гьев вачанила хасго гьадинаб лъугьа-бахъиналъ:
Рагӏанила гӏолохъанчиясда, жиндир гьудулзабазул цояв унтун вугилан. Гьесде ваккизе инчӏого рес букӏинчӏила. Кин инев, кодоб-хъатикь жоги гьечӏого. Вас цӏакъ къваридго вихьидал, щиб лъугьарабилан гьикъанила эбелалъ.
— Дир гьудул унтун рагӏула. Гьесде ваккизе ине ккола. Кин инев, гьесие босизе жоги гьечӏого.
— Ургъел ккоге, — ян абунила эбелалъ. – Нилъер буго цо хутӏараб ахирисеб гӏанкӏу. Хъвезеги хъун, белъараб гьебги босун, ина мун гьудуласде ваккизе. Инсуца малъухъе, дурго къадру цӏунизе ккола дуца.
Хъунила гьеб гӏанкӏуги. Белъараб гьеб цо дагьалъ цӏорозегӏан горда лъун букӏанила. Гьудуласухъе инеян вас хӏадурлъулаго, эбелалда лъураб бакӏалда гӏанкӏу батичӏила – катица кванан батанила гьеб. Вас цӏакъго рахӏатхун лъугьиндал, эбелалъ гьесие ракӏ-макӏ гьабун абунила:
— Гьеб хӏалалъ къварилъуге. Гьел руго дур гьудулзаби. Дур гӏарац бугеб мехалъ, гьездаса дуца щибниги хира гьабичӏо. Гьанже, мун щибго гьечӏого хутӏараб мехалъ, цебесеб нужер гьудуллъиги ракӏалдещун, гьез дуда гӏайиб гьабиларо.
Васасул ракӏ гӏодобиччанила, ва гьев унтарасде ваккизе анила.
Гьесул гьенир квана-гьекъолел ратанила киналго гьудулзаби. Амма гьез тӏаде вачӏарав цевесев гьудуласул кӏварцин гьабичӏила. Гьезда жив вичӏчӏилилан хьулалъ, гӏолохъанчи гӏанкӏуялъул ккараб бицине лъугьанила. Гьелин абуни, тӏад релъанхъизе лъугьанила.
— Цо кинабалиго гӏанкӏуялъул бицунев вуго, оцги бачун вачӏине вукӏарав кинигин. Къваригӏун рукӏана дур щибго гуреб гӏанкӏуги, цадахъго мунги нижее.
Гьеле гьелъ лъугӏизабуна гӏолохъанчиясул сабруялъул ахирисеб къатӏра. Кварги тӏун, гӏодов речӏчӏаравго, гьесул ботӏроде гъвегъун бачӏанила месед-гӏарацги цадахъго инсуца тараб кагъатги. Гьелда хъван букӏанила: «Гьанжениги ракӏалдещвезаре дир рагӏаби ва гӏакълуялде вачӏа, дир вас», — илан.
Гӏемер вохиялъ васасда кӏочон танила инсул рагӏаби ва гьес эбелалда абунила:
— Гьанже, батӏи-батӏиял гьекъолел жалги росун, дирго гьудулзаби ахӏила.
— Кинал гьудулзаби? – абун гӏажаиблъанила эбел.
— Дирго киналго гьудулзабиха, эбел.
— Гьадаб киналдасаго хадубги дуца гьел гьудулзабилъун рикӏкӏунел ратани, дуда инсул рагӏабазул магӏна щибго бичӏчӏун гьечӏо, дир вас. Дуего бокьараб гьабе, амма гьедин дуца гьабуни, тӏокӏалъ мун дир вас гуро.
— Гьаб месед-гӏарац, эбел, киназего гӏела.
— Жеги дунялалда вижичӏо, месед-гӏарац гӏун, гӏорцӏарав чи. Бечелъиялъе даимлъи букӏунаро. Аллагьас кьола, Аллагьас нахъе босунги уна. Жакъа, рес букӏаго, чӏужуги яче, дурго букӏинеселъул тӏалаб-агъазги гьабе.
— Дун ургъила, эбел.
— Ургъе. Ургъулев чиясул ракӏбухӏуларо.
Гӏолохъанчиясул ботӏроде гӏемераб месед-гӏарац гъвегъун бугилан рагӏидал, гьесул цересел гьудулзаби ракӏаранила.
Гьел рихьаралго, гьас абунила:
— Кӏигьумерчагӏазулгун дица гьудуллъи гьабуларо. Дир рокъобе нух къоса нужеда…
Гьелдаса нахъе, лъимал-хъизамалъ сверунги ккун, талихӏаб гӏумруялда вукӏанила гьев чи.