Бищун гӏемер гьересигьоцӏо гьабула Китаялда

Телевидениялъул НТВ каналалдасан щибаб хамиз къоялъ бихьизабула Сергей Малоземовасул «Чӏагояб ва хвараб квен» абураб, кванил хӏакъалъулъ бицунеб передача. Гьелъул кумекалдалъун рес буго нилъеца кваналеб квен щиб пайдаялъул бугебали ва кинаб зарал гьелъул букӏине бегьулебали лъазе. Лабораториял цӏех-рехалги гьарун, специалистазда ва тохтурзабазда дандги бан гурони, гьес нигӏматазул хӏакъалъулъ гьениб бицунаро.

Дун гӏажаиблъизавуна гьацӏул хӏакъалъулъ бицунаго батӏи-батӏиял специалистаз гьелъул хӏакъалъулъ рехсарал хӏужабаз ва баяназ. Масала, гьитӏинаб къоялдаса нахъе рагӏула нилъеда гьоцӏо дару кколин, гьелъ гӏемерал унтаби сахгьарулин бицунеб. Цо-цояз жакъаги абула гьацӏуца сахгьарулин къватӏул унтиялъ кӏвекӏулевги, лага бекаравги, ургьимес жагъалъаравги, берал чвахулевгиян. Бицен буго гӏолохъанго хварав Александр Македонскиясул жаназа гьацӏулъги лъун босанин ватӏаналдейинги.

1751 соналда къватӏибе биччараб гӏурусазул «Сельский лечебникалда» гьацӏул хӏалкӏолъиялъул хӏакъалъулъ бицунеб буго 50 бакӏалда. Гьениб хъвалеб буго, гьоцӏо бугила кутакаб дару. Интернеталдаги ратула гьацӏуца сахгьариялъе цӏакъ гӏемерал малъа-хъваял, малъула гьеб хӏалтӏизабизе кколеб къагӏида. Масала, щибаб къоялъ хӏегун цадахъ анцӏго грамм гьацӏул чӏамани, рак унти сахлъулин, лъимер гьабуларезе гьеб гьабулин…

Киб бугеб бацӏцӏадаб гьоцӏо?

Наязул рукӏуна гӏемерал унтаби, гьел сахгьарулаго хӏалтӏизарурал дарабазул хутӏелал гьацӏулъе ккечӏого хутӏуларо. Башкириялдаса найихъан Гӏамир Ишемгуловас абуна: «Россиялъул базаралда бичулеб гьацӏул 40 проценталдасаги цӏикӏкӏараб къадар гьересияб ккола. Гьересигьоцӏо гьабиялъул рахъалъ дунялалда тӏоцебесеб бакӏ Китаялъухъ буго. Гьоцӏойинги абун, гьез бичула гьацӏул кьерги тӏагӏамги бугеб чакаралъул сироп. Китаялъул гьацӏул цониги тайпа гьечӏо специалистаз гьоцӏойилан рикӏкӏунеб ва сахлъиялъе кинабгӏаги пайда бугеб».

Жакъа найихъан я законалдаса, я хӏакъалдаса хӏинкъулев гьечӏо, гьединлъидалин наялги чакарги кьун хьихьулел ругел. Гьединаб гьацӏул кинабгӏаги пайда букӏунаро.

Ирландиялдаса машгьурав найихъан Филип Маккейица абулеб буго, дунялалдаго тӏибитӏун бугила гьересигьоцӏо гьабиялъул бизнес. Гьеб мурадалда цо-цо улкабазда хӏалтӏизабулила муцӏидул чакар, гьелъул гьацӏул гӏадаб тӏагӏамги махӏги гьабулила, гьацӏуда релълъинабизелъун гьелъулъе тӏогьол хӏурги жубалила.

Лабораториялъ бицуна

Гьоцӏо бацӏцӏадабищ яги гьересиябищ бугебали балагьизелъун хӏалтӏизабула химикияб къалам, хинаб рахь ва пайда босула цогидалги къагӏидабаздаса. Лабораториялда гурони, лъиданиги кӏоларо хӏакъикъат лъазабизеги. Масала, химикияб къаламалъул кумекалдалъул тӏатинабула гьацӏулъ бугеб крахмал, амма гьелде гъорлъе жубараб чакар, сироп, патока, ароматизаторал гӏадал нигӏматал тӏатинаризе кӏоларо. Гьединлъидал, лъикӏ лъалев ва иман бугев найихъанасухъа гурони гьоцӏо босизе бегьуларо. Чӏахӏиял компаниязул лабораториязда гурони рес букӏунаро рагӏа-ракьанде щун гьацӏул химикиял цӏех-рехал тӏоритӏизеги.

Гьоцӏо ва рак унти

Унго-унгояб гьацӏулъ цӏакъ дагь гурони букӏунаро рак унти ккезабиялда хӏинкъи букӏунеб оксиметил фурфурал абулеб жо. Амма, гӏемер заманалъ нахъе цӏунараб гьацӏулъ гьелъул къадар 30 нухалъ цӏикӏкӏуна. 40 градусалдаса тӏаде гьоцӏо бухӏизабизеги бегьуларо, 60 градусалдаса цӏикӏкӏун багӏаризабуни, гьелда гьоркьоб бугеб оксиметил фурфуралалъул къадар дагьабго цӏикӏкӏуна, рак унти ккеялъе гьелъул щибго хӏинкъи букӏунаро. Амма гьацӏулъ рукӏунел витаминал хола.

Гьоцӏо даруйищха?

Абула хъегӏулел ругони яги ургьимес жаниса цӏун гӏадин лъугьун бугони, гьоцӏо хӏалтӏизабизе кколин. Битӏараб буго, гьелъ кумек гьабула, амма гьединабго хӏасил кьола гьалараб рахь гьекъани яги магӏазукъалахъе ва гьуърузда жанибе гьелъул хинаб хӏухьел цӏани.

Наязул нигӏматазул кумекалдалъун сахгьариялда апитерапия абула (апис — на, терапия — сахгьаби). Гьацӏуца унти бигьа гьабула, тохтурас битӏун чӏезабураб унти сахгьабиялъул хӏасил гьелъ лъикӏлъизабула. Гьацӏул массажалъ черхалъе чӏаголъи, тулаклъи кьола, гьелъул ваннабаз нерваби гӏодориччазарула. Найил хечалъ инсанасул чорхолъе ккезабураб загьруялъ, унти сасинабула ва гьор буссинабула. Башкириялъул апилечебницаялъул бетӏерав тохтурасул заместитель Азат Кунаховас абулеб буго, сахлъиялъе лъикӏаб хӏасил кьеялъе цо сеансалъе къваригӏунила 50-70 найил загьру. Сахгьариялъул гьеб къагӏида чара гьечӏого тӏобитӏизе кколила тохтурасул балагьиялда гъоркь, щайгурелъул цо-цо чагӏи найил загьруялъ цӏикӏкӏараб аллергияги кьун, хвеялда хӏинкъи бугеб хӏалалде ккезарулила.

Гьацӏул нигӏматазулъ рукӏуна, инсанасул сахлъиялъе цӏакъ пайдаял Е, К ва Д гӏадал витаминал, каротин, фолиевая кислота, микроэлементал. Гьацӏулъ букӏуна лъикӏ биунеб ва хехго чорхолъ босулеб пихъил чакаралъул 80 процент. Гьединлъидал, цӏайи бахунел ва чакаралъул унти бугел чагӏаз гьеб гӏемер хӏалтӏизабизе бегьуларо. Къойида жаниб анкьго чайгъудалдаса цӏикӏкӏараб къадаралда гьоцӏо хӏалтӏизабизе лъикӏаб гьечӏо. Цӏикӏкӏинабуни, хӏинкъи букӏуна чакаралъул унти ккеялда, черхалъул цӏайи бахиналда, рекӏее ва гӏадалнахуе зарал ккеялда, иммунитет загӏиплъиялда. Палхӏасил, гьоцӏо гӏемер чӏикӏизе бегьуларо.

Къанагӏатал тайпаби

Дунялалда бищунго багьаяблъун рикӏкӏуна (цо килоялъухъ ичӏазарго гъуруш) Новозеландиялда бижулеб манука абулеб чаялъул гъотӏол тӏогьол гьоцӏо. Антибиотиказдаги хвезаризе кӏоларел заралиял микробал гьелъ чӏвалин абулеб харбида тохтурзаби божуларо. Гьез гьоцӏо рагӏа-ракьанде щвараб дарулъунги рикӏкӏунаро. Гьез абула гьоцӏо дару кколарин, гьеб бугин пайдаяб квен.

Хӏасил

1. Гьацӏуца сахгьарулин абулаан я дараби, я антибиотикал рукӏинчӏеб некӏсияб заманалда.

2. Тӏадчӏун гьоцӏо хӏалтӏизабуни, инсанасул черх щулалъула ва хӏалтӏизарулел дарабазул хӏасил лъикӏлъула.

3. Бухӏизабураб гьацӏул сахлъиялъе пайда букӏунарин абулеб жо мекъи буго, 40-60 градусалъ багӏаризабуниги, гьацӏул даража холаро.

4. Лъикӏ лъалел, иман-яхӏ бугел найихъабахъа гурони гьоцӏо босизе бегьуларо.

5. Диетологаз абулеб буго, къойида жаниб инсанасе кӏиго-лъабго гъуд гьацӏул гӏолин, гӏемер кванани, гьелъул зарал букӏунин.

6. Найихъабаз бицунебгӏан кӏудияб пайда гьелъул букӏунаро, гьелда гъорлъ ругелго гӏадинал витаминал цӏияб пихъилъги рукӏуна.

Нури Нуриев