Чӏагояб гьаракьги балагьарал пана гьарулел бакъналги
12 ноябралда «ResPublik» медиа-централда тӏобитӏана гуржиязул кочӏохъан Дато Кенчиашивилил ва «Мегобреби» къокъаялъул концерт.
Концерталъул гӏуцӏарухъанлъунги хӏаракатчилъунги вукӏана Дагъистаналъул машгьурав кочӏохъан Ахӏмад Закариев.
Датолги гьеб къокъаялъулги концерталъухъ гӏашикълъараз цӏун букӏана гьеб сордоялъ зал.
Концерт байбихьана Дагъистаналъул халкъалдехун бугеб рокьиги хӏурматги загьир гьабураб кочӏодалъун. «Дагъистан лъугьун буго дие кӏиабилеб ватӏанлъун, гьаниб гӏумру гьабулеб буго дир лъикӏал гьудулзабаз. Дида лъала дагъистаниязе дир махщел бокьулеблъи ва гьеб рокьи гьезул гьурмада бихьула. Баркала нужее!»- ян абуна Датоца.
Концерталъул заманалда балагьаразул рес букӏана кочӏохъанасе суалал кьезеги гьевгун цадахъ суратал рахъизеги.
Моцӏалъ цебе ДРялъул культураялъул министралъул ишал тӏуразарулей Зарема Бутаевалъ тӏобитӏана дандчӏвай Т. Мурадовалъул цӏаралда бугеб пачалихъияб филармониялъул эстрадаялъул кочӏохъабигун. Гара-чӏвариялъулъ гӏахьаллъана Дагъистаналъул мустахӏикъал ва халкъиял артисталги. Бицунеб букӏана музыкалиял программабазул даража борхизабизе ккеялъул, репертуар цӏигьабиялъул, цӏиял, гьунар бугел цолъаби цӏуниялъул ва церетӏезариялъул хӏакъалъулъ.
Гара-чӏвариялъул байбихьуда Зарема Бутаевалъ баян гьаруна аслиял масъалаби: «Ахирал соназда лъугӏулел руго Дагъистаналъул фольклоралъул хаслъаби, кечӏ-бакъаналдехун гьечӏо цебе гӏадаб бербалагьи. Ахӏулел руго цого кучӏдул, рагӏаби руго лъилали лъаларел ва магӏна-гӏин гьечӏел».
Гуржияз цӏунулеб ва цебетӏезабулеб буго жидерго миллияб кочӏол хаслъи. Гьединлъидал гьеб концертги букӏана, гьанжего гьанже кечӏ-бакъаналде машгъуллъарал Дагъистаналъул гӏолохъанал артистазе мисаллъун.
Гьеб сордоялъ лъазабуна Цӏияб соналдасан Махӏачхъалаялда байбихьизе бугин, Дато Кенчиашвили авторлъун кколеб, «Кавказалъул гьаракь» абураб музыкалияб проект. Гьелъул гӏуцӏарухъабилъун ккола «Кавказалъул рукъ» маданияб центр. Проекталда гӏахьаллъизе бегьула СКФОялъул киналго регионаздаса кечӏ-бакъан бокьулел, 16-35 сонал рарал гьунар бугел гӏолилал. Гьеб ккола Дагъистаналъулги Гуржиялъулги цадахъаб проект, гьелъ квербакъила мадугьалзабазул гьоркьорлъаби дагьалги щулалъиялъе.
Мадина Хӏажимаева