Бетӏер букъизе ккола жаназаялда аскӏоб
Лъикӏаб иш гьабун бахъунеб мехалда, жидеего цӏар гьабизелъун,
гьоркьоре лъугьунелги камуларо
Азербайжаналда букъараб Хӏажимурадил жаназаялда аскӏоб гьесул гвангвара букъизе кколин абун, Санкт-Петербургалда Кунсткамераялда бугеб гьеб нахъе кьеян тӏалаб гьабулеб буго дагъистанияз. Гьеб иш гӏумруялде бахъинабулеб къокъаялъул вакилзабаз журналистазе бицана жидецаго гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.
Журналисталгун дандчӏвана рехсараб масъала тӏубазабизе гӏуцӏараб жамгӏияб комитеталъул членал: Хӏажимурад наибасул наслуялъул чи Мухӏамадгӏарип Хӏажимурадовги, бизнесмен ва меценат, проекталъул координатор Жамалудин Гӏумаровги, Магӏарул театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловги, ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул ва Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгрессалъул президиумалъул член Денга Халидовги.
Жамалудин Гӏумаровас бицана, Хӏажимурадил бетӏер нахъе тӏалаб гьабизе байбихьанин 2010 соналда. Гьеб заманалда Пироговасул имениялда Хӏажимурадил хӏурматалда лъуна гамачӏ-памятник. Рехсараб имениялда вукӏаго, ракӏалде ккун буго машгьурав хъвадарухъан Лев Толстоясда Шамилил наибасул хӏакъалъулъ асар хъвазе.
(Хадусеб 16-абилеб гьумералда)
Ракӏразияб хӏасил
«Дагъистаналъулги Чачаналъулги имам Шамилил цӏаралда бугеб культуриябгун тарихияб фондалъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Элдаровас абун буго, Толстоязул тухумалде хитӏаб гьабизе кколин, Хӏажимурадил бетӏер тӏадбуссинабизе кумек гьабеян гьарун. Хӏажимурадие памятник рагьулеб тадбиралде щвараб мехалда, нижеда лъана, гьеб масъала тӏубазабизе Толстояз некӏого байбихьун бугеблъи. Гьелдаса нахъе нижеца къотӏи гьабуна гьеб иш Владимир ва Петр Толстоязда тӏадкъазеги бажарараб кумек гьезие гьабизеги», — ян бицана Жамалудиница.
Владимир Толстой гьабсагӏаталда вуго культураялъул суалазул рахъалъ РФялъул президентасул гӏакълучи. Гьесул кумекалдалъун Хӏажимурадил гвангвара тӏадбуссинабиялъул масъалаялъул хӏакъалъулъ лъазабуна Владимир Путинида. Улкаялъул бетӏерасул бихьизабиялда рекъон, 2015 соналда РФялъул Культураялъул министерствоялда цебе гӏуцӏана ведомствабазда гьоркьосеб комиссия. Гьелда тӏадкъан буго рехсараб масъала тӏубаялъул ишги.
Хӏажимурадил гвангвара тӏадбуссинабиялда бан гьабулеб кинабго хӏалтӏи жамгӏияб комитеталъ дандбалеб буго гьесул наслуялъул чи Мухӏамадгӏарип Хӏажимурадовасдаги. Гьев наибасул битӏахъеяв ирсилав кколеблъи чӏезабуна Хунзахъ районалъул судалъ 2012 соналда гьабураб хӏукмуялда рекъон. Гьебго соналъ гьеб хӏукму тасдикъ гьабун буго ДРялъул Верховный судалъги. Наибасул ирсилав хӏисабалда Мухӏамадгӏарипицаги божилъи гьабулеб буго Толстоязул хъизамалда. Гьес 2012 соналда кьун буго «Ясная поляна» абураб музеялъухъеги Толстоязул хъизамалъухъеги божилъиялъулаб кагъат.
«Тӏоцебесеб нухалда жамгӏияб комитеталъул данделъи букӏана 2010 соналда. Нижер букӏана цо мурад – Хӏажимурадил гвангвара жаназаялда аскӏоб букъи. Гьелдаса цониги чияс жиндиего пайда-хайир яги цӏар-рецц гьабизе ракӏалдаги букӏинчӏо. Ниж жакъаги цӏаруе гӏоло гуро ракӏарун ругел. Нижее бокьун буго, 2010 соналдаса нахъе гьабураб хӏалтӏулги ккараб хӏасилалъулги хӏакъалъулъ бицине. Нижее кумекалъе рахъунел чагӏазе кӏудияб баркала буго. Кумек гьабизе ракӏалда ккарав Рамзан Къадировасеги кӏудияб баркала. Амма абизе бокьун буго жакъа цоги чи гьеб суалалда гьоркьове лъугьине ккараб хӏал гьечӏо. Хутӏун руго гӏицӏго цо-цо техникиял суалал», — ан бицана Ж. Гӏумаровас.
Киб букъилеб гвангвара?
Цояз абулеб буго, Хӏажимурадил гвангвараги жаназаги цадахъ Дагъистаналда рукъизе кколин. Цогидазул пикруялда рекъон, гвангвара букъизе рекъараб буго жаназаялда аскӏоб.
Гьеб суал жамгӏияб комитеталъ дандбана ДРялъул Динияб идараялдаги наибасул гӏагарлъиялдаги. Идараялъ абулеб буго, букъараб бакӏалдаса жаназа нахъе босизе бегьуларин ва гвангвараги гьелда аскӏоб лъезе кколин, ай Азербайжаналъул ракьалда тезе кколин. Гьеб пикруялъул рахъкколеб буго Цӏоралъул магӏарулазги. «Дагъистаналда рукъун руго имамзабиги, шайихзабиги, устарзабиги. Руго гьенир Кавказалъул рагъул тарихиял бакӏалги. Дагъистаниязе зияраталъе хьвадизе бакӏал камун гьечӏо. Цӏоралдайин абуни, Хӏажимурадил хоб гурони гьечӏо», — ян буго Цӏоралъул магӏарулазул пикру.
Мухӏамадгӏарип Хӏажимурадовас бицана, жив чанцӏулго щванин наибасул хабаде. Гьеб берцинго къачӏанги цӏунунги батанин жинда. «Нижер умумузул анищ букӏана, гвангвараги жаназаги цо хабалъ парахалъизаби. Амма гьезухъа бажаричӏо гьеб. Гьанже ирсалъе щвараб гьеб анищги хьихьун, дунгоги херлъана, хьул буго хвелалде дихъаниги гьеб тӏубан бажариялде.
Хӏажимурад-наибасул гвангвара тӏадбуссинабизе хӏалбихьана жеги 1992 соналъ. Амма дир гьелъие къуват гӏолеб букӏинчӏо. Гӏагарлъиялъги абулеб букӏана, рехун тейин гьеб иш, духъаги гьеб тӏубазабун бажаруларин. Амма Жамалудинги, Мухӏамадрасулги, Денгаги гьоркьоре лъугьаралдаса, гьеб иш чӏаголъана. Захӏматаб масъала буго гьеб. Жибго теян дицагоги абулеб букӏана Жамалудинида. Амма гьес течӏо. Гьанже, гӏурусаз абухъего, тоннелалъусан канлъи кунчӏараб мехалда, раккун рачӏунел руго цо-цо гӏадамал, жидеца кумек гьабизе бугин лъазабулел. Лъаларо, ракӏ-ракӏалъ кумекалъе рахъунел гӏадамалищ гьел, ялъуни жидеего цӏар-рецц балагьулелищали».
Музеялъул экспонат гуро
Денга Халидовас бицана Кунсткамераялда рукӏанин Калмыкиялъул бетӏер Кирсан Илюмжиновасулги Казахстаналъул президент Нурсултан Назарбаевасулги умумузул гвангвараби. Гьезухъа бажарун буго гьел нахъе росизе. «Хӏажимурадил гвангвараялъул масъалаги рагӏалде бахъун буго. Гьеб нахъе бахъун буго пачалихъияб музеялъул аслияб фондалъул сияхӏалдасаги хӏисаб гьабиялъул документазда гьоркьосаги. Россиялъул Культураялъул министерствоялъ разилъи кьун буго гьеб жаназаялда цадахъ букъизе. Амма гьеб, цӏунизеян абун, кьун буго Россиялъул Гӏелмабазул академиялъухъе. Гьебго заманалда Россиялъул законалда кибниги хъван гьечӏо, музеялъул экспонат хӏисабалда инсанасул жаназа хӏалтӏизабизе бегьулин абун. Гьабсагӏаталда Хӏажимурадил бетӏер рикӏкӏуна федералияб мулклъун. Гьебги багьанаде батун, кьоларогоги буго гьеб Кунсткамераялдаса», — ян абуна гьес.
Данделъиялда гӏахьаллъана «Ясная поляна» музеялъул директор Екатерина Толстаяги. Гьелъулгун бухьен гьабун букӏана телефоналдасан. «2006 соналдаса нахъе музеялъ байбихьана, Хӏажимурадил бетӏер букъизе кколин абураб дагъистаниязул пикруялъул рахъги ккун, хӏалтӏи гьабизе. Жаназа ракьулъ букъизе ккола – гьеб буго киналго диназги жамгӏиятазги къабул гьабулеб пикру. Захӏматаб масъала бугониги, гьеб тӏубаялде хьул буго нижер.
Хӏажимурад вуго Толстояс хъвараб къисаялъул аслияв багьадур. Гьеб асар машгьурлъун буго дунялалдаго. Ниж, Толстоясул хъизамги музеялъул хӏалтӏухъабиги, цӏакъ рохана, хъвадарухъанасеги гьесул асаралъул багьадурасеги Дагъистаналда памятник бан бихьидал. Жакъаги кӏочон толаро Дагъистаналда нижее гьабураб гьоболлъи», — ян бицана гьелъ.
Кавсарат Сулейманова