Халкъияв артист ракӏалдещвезавиялъул сордо
Абадиялъ Баширлъун
Халкъалъул рекӏелъ вугев,
Гелбахъазул ракӏазулъ
Даим Салихӏ вуго мун
(зонода гьабураб хъвай-хъвагӏай)
Салихӏ Имангъолов. Гьев магӏарулазе даималъего хутӏана Камалил Баширил роль хӏалев берцинав артистлъун. Советияб заманалда Магӏарул театралда магӏарулазе бищунго вокьулев артистазул цояв вукӏана гьев. Махӏмуд Гӏабдулхаликъовасдаги Хӏосен Казиевасдаги цадахъ рехсолааан гьесул цӏар. Школалда цӏалулел дир гӏелалъул лъималазгицин гьикъулаан, Магӏарул театр районалде бачӏун бугин рагӏидал, Камалил Баширги гьечӏевищилан. Дов даим халкъгун хутӏана.
Салихӏ Имангъолов гьавуна 1947 соналда Гъизилюрт районалъул Тӏасияб Чирюрт росулъ. 1964 соналда анцӏила анкьго сон барав гӏолилав цӏализе лъугьана Ш. Руставелил цӏаралда бугеб Тбилисиялъул пачалихъияб театралияб институталде. Вузалъул преподавателаз гьесде кьолаан кӏудияб кӏвар. Гьезда бихьана Салихӏил пагьму-гьунар. Студентлъун вугеб заманалдаго гьес ролал хӏана дунялалъулго адабияталъул классиказул асаразул кьучӏазда лъурал спектаклязда. Масала, «Жорж Данден» (Мольер), оперетта «Сильва» (И. Кальман), «Аршин мал алан» (У. Хӏажибегов) ва цогидалги. Бицана артистас магӏарулазе Камалил Баширилги, Тӏагьирилги («Тӏагьир ва Зугьра»), Хочбарилги («Хочбарги ханзабиги» Р. Хӏамзатов), къваридал къисаби. Гьев сценаялде вачӏиндал, гӏажаибаб чӏаголъи лъугьунаан залалда. Гьев вукӏана халкъалъ ракӏ-ракӏалъ къабул гьавурав артист. Салихӏ Имангъоловас ролал хӏалел спектаклязде гӏадамал унаан хъизамалгун цадахъ. Гьевгун цадахъ рохулаан, гӏодулаан. Актерлъиялдаго цадахъ гьесул кӏудияб махщел букӏана режиссерлъиялъеги.
1977 соналда гьев витӏула Москваялде Луначарскиясул цӏаралда бугеб тӏадегӏанаб пачалихъияб институталда цӏализе. 1980 соналда режиссеразул факультетги лъугӏизабун, гьев тӏадвуссана гӏагараб театралде. Гьес лъурал спектаклял ратӏарахъизе лъалаан магӏарулаздаги.
Заманалдасан Салихӏ рикӏкӏана миллиял театразул бищун лъикӏав режиссерлъун. Гьел спектаклял хутӏана Магӏарул театралъул хазиналъун, ва гьанжеги гӏемер тӏадруссана театралъул артистал гьес лъурал спектаклязде. Салихӏ Имангъоловас режиссерлъи гьабуна Магӏарул театралда гуребги, гьес чанго спектакль лъуна Лъарагӏ ва Тумазул театраздаги. Театралияб искусство цебетӏезабиялъулъ лъураб бутӏаялъухъ Салихӏ Имангъолов мустахӏикълъана ДАССРалъул, РСФСРалъул, комсомолалъул ЦКялъул Хӏурматалъул грамотабазе.
1975 соналда гьесие кьуна «Дагъистаналъул мустахӏикъав артист» абураб тӏадегӏанаб цӏар. 2002 соналда гьев мустахӏикълъана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб цӏаралъе.
Жакъа къоялдаги чӏаго вуго Салихӏ Имангъолов магӏарулазе. Гьев гьезул рекӏелъ хутӏана Камалил Баширлъун.
Махӏачхъала шагьар. Ралъдал рагӏал. Гьенисан бихьулеб тӏабигӏаталъ куркьбал гъурав гӏолилав. Ахӏулеб буго кечӏ магӏаруллъиялъул хӏакъалъулъ…
Гӏолохъанав Салихӏил пагьму-гьунаралъул бицунеб ва гьес кечӏ ахӏулеб видеоялдасан байбихьана 9 ноябралда Махӏачхъалаялда, Поэзиялъул театралда тӏобитӏараб гьев ракӏалдещвезавиялъул сордо. Исана гьев гьавуралдаса тӏубана 70 сон. Дандеруссиналде рачӏун рукӏана Гелбахъалдаса артистасул гӏагарлъи, Магӏарул, Лъарагӏ ва Тумазул театразул артистал, хъвадарухъаби, шагӏирзаби, журналистал ва Салихӏ даимго ракӏазулъ хутӏарал магӏарулал.
Тадбир нухда бачана Магӏарул театралъул режиссер Гӏалисултан Батировас. Магӏуги, релъиги, пашманлъиги, рохелги жубараб гьеб сордоялъ цадахъ хӏалтӏаразги, гӏагарлъиялъги, гьудул-гьамагъзабазги артистасул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана гьенире рачӏаразе цӏакъго асар гьабилеб хӏалалда. Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏосен Казиевас рекӏелъ къварилъигун бицана Салихӏил пагьму-гьунаралъул, роль хӏазе ва гӏадамазул ракӏазулъе лъугьине гьесул букӏараб махщелалъул. Гьединалго кӏалъаял гьаруна Магӏарул, Лъарагӏ, Тумазул театразул актераз, ва цогидазги. Салихӏил театралияб гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицана гьесул гӏагарав чи Гӏалисултан Батировас, театралъул директорлъун доб заманалда хӏалтӏулев вукӏарав Хӏабиб Хӏажиевас. Кӏалъаял…, кӏалъаял. Ракӏалдещвеял…, ракӏалдещвеял. Гьел гӏемер рукӏана гьеб сордоялъ.
Миллиял театразул артистаз рихьизаруна Салихӏ Имангъоловас лъурал спектакляздаса бутӏаби. Лъарагӏ театралъул режиссерас абуна Салихӏица театралда лъурал спектаклял къогоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ рихьизарулел ругилан. Гьединго бицана Тумазул театралъул режиссерасги.
Лъугӏана Салихӏ Имангъолов цоги нухалда ракӏалдещвезавиялъул сордо. Магӏарулазул ракӏазулъ даим чӏаго вукӏина Баширлъун гьезие хутӏарав халкъияв артист.