Гӏолохъанал педагогазе малъа-хъваял

Школазда гӏезегӏан руго дарсил план хъвазеги, дарс гӏуцӏизеги лъаларел учительзаби. Гьединал педагогазе хасиятал гъалатӏазулги гьел ритӏизарулел къагӏидабазулги хӏакъалъулъ гьадинал баянал кьолел руго хӏалбихьи бугел учительзабаз.

Гъалатӏ 1. Пуланаб суалги кьун, учителас абула: «Лъие бокьилеб жаваб кьезе?» — ян.

Суалалъе жаваб кьезе цӏалдохъанасе гьединаб рес кьолев учитель мурадалде щоларо. Жаваб кьезе лъиениги бокьун гьечӏин чӏезеги бегьула гьел. Абизе ккола: суалалда тӏад цин ургъе ва хадуб жаваб кьеян. Гьебмехалда жаваб кьезе гъира бугел цӏалдохъаби цӏикӏкӏине ресги букӏуна, жавабалги мухӏканал кьола.

Гъалатӏ 2. ИКТ хӏалтӏизабулинги абун, дарс буссинабизе бегьуларо мультимедиялъулаб шоуялде.

Компьютерги цогидал техникиял алаталги кидаго хӏалтӏизаризе ккола кумекалъул алатал хӏисабалда. Берцинаб тӏабигӏаталъул слайдазухъ яги пуланаб видеороликалъухъ балагьизе цӏалдохъаби тӏамулеб мехалда кӏочене бегьуларо дарсил аслияб мурадги темаги. Дарсида букӏине ккола цӏалдохъабазулгун чӏагояб гара-чӏвари, гьел тӏамизе ккола бихьи-рагӏаралъул хӏакъалъулъ жидерго пикраби рицине.

Гъалатӏ 3. Чӏамучӏаб дарс.

Цокӏалаб чвахигун ва цо мурад тӏубазабулаго гӏуцӏараб дарс чӏамучӏаб букӏуна. Гьединаб дарсихъ гӏинтӏамуларо цӏалдохъабаз. Дарсил темаги кӏочон тун, гьел машгъуллъизе бегьула батӏиял жалазде, масала, телефоназде руссуна. Гьедин ккечӏого букӏине, учителас чанго бутӏаялде бикьизе бегьула дарсил мурад. Дарсги гӏуцӏила гӏисинал масъалаби тӏуразариялъул къагӏидаялда.

Жигаралда цӏалдохъаби хӏалтӏизарулеб дарсги чӏамучӏлъизе бегьула – гьелъ лъимал сваказарула. Гьединлъидал дарсида хис-хисун хӏалтӏизаризе ккола батӏи-батӏиял къагӏидаби.

Гъалатӏ 4. Хӏадурараб дарсил план-конспекталдаса кьурунгутӏи.

Цебеккунго хӏадурараб конспекталда рекъон дарс бачиналъул кӏудияб кумек букӏуна учителасе. Амма цо-цо мехалда конспекталда хиса-басиял гьаричӏого тӏубаларо. Гьелъие рукӏине бегьула гьадинал гӏиллаби:

• цебесеб дарсида контролияб хӏалтӏиги хъван дур дарсиде рачӏарал цӏалдохъаби свакан рукӏиналда бан, гьезул къуват гӏоларо, иргадулаб дарсидаги жигаралда хӏалтӏизе. Гьелъ квалквал гьабула дур дарсил мурадал тӏуразе;

• ИКТ хӏалтӏизабизе ракӏалда бугеб мехалда, школалда ток гьечӏого хутӏизе бегьула;

• ток батаниги, проектор, компьютер ва цогидаб техникияб алат хӏалтӏичӏого рукӏине бегьула.

Гьединаб хӏал бугониги, цогидал къагӏидабиги хӏалтӏизарун, дарс кьезе хӏадуравлъун вукӏине ккола учитель.

Гъалатӏ 5. Къокъабазде класс бикьун бугони…

Классалда жигарчилъи цӏикӏкӏинабулеб къагӏида буго къокъабиккун цӏалдохъаби хӏалтӏизари. Мухӏканго хӏадуризе ккола щибаб къокъаялъе кьолеб тӏадкъай. Щивав цӏалдохъанасда цебелъезе ккола чӏванкъотӏараб масъала. Цӏалдохъабазда бичӏчӏизабизе ккола, щивасул хӏаракаталъе хасаб къимат лъезе бугеблъиги. Гурони, цевехъанлъун вукӏине бажарулев цӏалдохъанас кинабго хӏалтӏиги тӏубан, хутӏарал гьесухъ ралагьун чӏола.

Гъалатӏ 6. Цӏияб дарс хутӏана цӏалдохъабазда бичӏчӏичӏого …

Дарс кьолаго, учителас халкквезе ккола, цӏалдохъабазда гьеб бичӏчӏулеб бугищали. Гьелде кӏваркьечӏого тани, учителас бицарабщинаб жо ракӏалда чӏезабуларо цӏалдохъабазги. Гьезда чарагьечӏого гьикъизе ккола, дарсида бицен гьабурал терминазулги цӏиял рагӏабазулги магӏна бичӏчӏулищали.

Гъалатӏ 7. Гӏемерисеб мехалда халатал текстал рекӏехъе лъазаризе тӏами.

Дарс кьеялъул гьединаб къагӏидаялъул пайда букӏунаро. Цӏалдохъаби ругьунлъула, щибго бичӏчӏичӏониги, рекӏехъе лъазарурал тексталги рицун, къиматал росизе.

Гъалатӏ 8. Чӏванкъотӏараб мурадги масъалаги церелъечӏого дарс ин.

Дарсил темаги бицинчӏого, гьеб лъазабиялъе квербакъарал масъалабиги мурадалги мухӏкан гьаричӏого кьураб дарс цӏалдохъабазул рекӏелъ цӏунун хутӏуларо. Гьединаб дарсги ккола гӏададисеб хӏалтӏилъун.

Гъалатӏ 9. Цӏалдохъабазде кӏваркьунгутӏи.

Дарс-лекция къанагӏат гурони тӏобитӏизе бегьуларо школалда. Цӏалдохъабазулгун гара-чӏвари гьечӏеб дарсил мурад тӏубаларо. Учителасул бадиреги ралагьун, жидерго пикрабазда рукӏуна гӏемерисел цӏалдохъаби.

Гъалатӏ 10. Кагътида тӏад хъварабги цӏалулаго, дарс кьей.

Учителас дарс кьезе ккола цебеккунго хӏадурараб план-конспекталда рекъон. Гьеб конспектги букӏине ккола учителасул ботӏролъ. Гьоркьоса къотӏичӏого конспекталъухъ балагьулаго, яги тетрадалда тӏаса бер нахъе босичӏого, кьолеб дарс чӏамучӏлъула цӏалдохъабазе. Гьезда бичӏчӏула, бицине кколеб яги дарсида тӏобитӏизе кколеб тӏадкъай учителасда жиндагоги лъалеб гьечӏеблъи. Хӏатта гьеб планшеталдаса яги компьютералъул кумекалдалъун интерактивияб хъорщодаса цӏалулеб бугониги. Гьединав учителасде божилъи тӏагӏуна цӏалдохъабазул.