Гӏемер лъил ругел?

Россиялъул регионазда гьоркьоб гьекъолдиялъул рахъалъ

цебесеб бакӏ ккуна Магадан областалъ

«Трезвая Россия» абураб федералияб проекталъул экспертаз гӏуцӏана Россиялъул гьекъолдулелги гьекъолдуларелги регионазул рейтинг. Гьеб хӏадурулаго, хӏисабалде босана гьекъолдиялъул кьучӏалда хваралги, «алкоголизм» ва «алкоголияб психоз» абурал диагнозалгун медицинаялъул идарабазул сияхӏалде росаралги, мехтун рукӏаго, такъсирал гьаруралги, низам хвезабуралги гӏадамазул къадарги, тукабаздаса гӏаракъиги, коньякги, чогърол батӏи-батӏиял тайпабиги, пивоги, спирт гъорлъ бугел цогидалги гьекъолел жалги ричиялъул хӏужабиги.

Экспертазул цӏех-рехазда рекъон, 2017 соналда мехтизарулел жалалгун «гьудуллъи гьечӏел» регионаллъун ккола Чачан Республикаги, Ингушетияги, Дагъистанги. Гьезда хадур руго Гъарачай-Чергесияги, Белгород ва Ростов областалги, Ставрополь крайги, Астрахань областьги.

Мехтизарулел жалазде «цӏикӏкӏараб рокьи» бугел регионаллъун ккола: Магадан областьги, Ненец автономияб округги, Бурятияги. Гьекъолдухъаби гӏемераб 10 регионалда гъорлъе ккана Чукоткаги, Пермь крайги, Нижегород областьги.

Июнь моцӏалда Роспотребнадзоралъги хӏадурун букӏана гьединабго рейтинг. Гьез хӏисабалде босун букӏана улкаялда спирт гъорлъ бугел жал ричиялъул баянал. Ведомствоялъул баяназда рекъон, бищун дагьаб къадаралда мехтизарулел жал росун руго Северияб Кавказалъул республикабазда: Ингушетиялдаги Чачаналдаги – рухӏ рикӏкӏун, цо литр, Кабардино-Балкариялда – 0,5 л, Северияб Осетиялда – 0,6 л. Церехъабазул кьерда руго Магадан область (бацӏцӏадаб спирталъул 14,1 л цо рухӏалъе). Гьелда хадур руго Москваги Сахалин областьги.

Россиялъул югалъе пайда букӏина

Гьуърузул унтабаздаса сахгьариялъул центр рагьизе буго

2018 соналъул ахиралде Каспийскалда, РАНалъул «Гӏелму» пансионаталъул кьучӏалда рагьизе буго гьуърузул унтабазул реабилитациялъул центр. Гьеб балаго, дандчӏвалел масъалабазул хӏакъалъулъ бицана хасаб данделъиялда. Дагъистаналде вачӏун вукӏана РФялъул Гӏелмиял идарабазул федералияб агентствоялъул (ФАНО) нухмалъулесул заместитель Александр Степанов. Цӏибалеб централде рачӏине руго СКФОялдасаги ЮФОялдасаги гӏадамал.

Александр Степановги, ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместителасул ишал тӏуралев Анатолий Карибовги, ДРялъул сахлъицӏуниялъул министрасул ишал тӏуралев Танка Ибрагьимовги щвана пансионаталде, ва гьез халгьабуна гьелъул рукъзабазулги сверухълъиялъулги.

Пансионаталда лъезе буго унтарал сахлъизаризе рес кьолел аппараталги гӏуцӏизе руго гӏемер заманалъ пациентал рукӏине санагӏатал шартӏалги. Гьел суалал дандразе гӏагараб заманалда республикаялде рачӏине руго ФАНОялъул хӏалтӏухъаби.

Танка Ибрагьимовас баркала кьуна ФАНОялъул вакилзабазе кӏудияб кӏваралъул гьеб объект базе Дагъистан тӏасабищаралъухъ. Регионалъе пайдаяблъун рикӏкӏунеб буго гьеб проект. Пансионаталда рагьулеб централда сахгьаризе руго туберкулез хутӏизегӏан, гьуърузул киналго унтабаздаса. Туберкулезалъ унтаразе рагьизе руго Туберкулезалъул диспансералда хасал кабинетал. Гьениб лъезе буго гьанжезаманалъул медицинаялъул алаталги.