Музыкалияб фестивалалда — хореографиялъулаб драма «Имам Шамил»

27 ноябралда Гӏурус театралда бихьизабуна СССРалъул халкъияв артист Мурад Кажлаевасул музыкаялда Россиялъул мустахӏикъав артист Муса Оздоевас лъураб «Имам Шамил» абураб балет. Анцӏила кӏиабилеб нухалдаги дагъистаниязда ракӏалдещвезабуна ватӏаналъул бахӏарчиял васаз бидуца хъвараб тарих.

Пардав рагьарабго, цере рачӏуна лъабавго имам: Гъазимухӏамад, Хӏамзатбег, Шамил. Гьез Дагъистаналъул тарихалда тана хасал лъалкӏал. Балет гӏуцӏун букӏана 17 бутӏаялдаса. Балеталъул байбихьуда — гӏодобе биччараб магӏаруллъи. Жиде-жидер хӏалтӏи-пишаялда гӏадамал. Гӏадатаб магӏарул хъизамалда гьавула хадуб гӏадатав гуревлъун вукӏине вугев вас. Гьесда лъола Гӏалиян абураб цӏар. Амма унтидал, гьеб цӏар хисана. Ва гьале нилъеда цеве — Шамил. Хадуб — кинабалиго хӏинкъараб багъа-бачари. Ватӏаналъе хӏинкъи букӏин лъазабулел гӏаламатал. Гъазимухӏамад ва Шамил. Шамил имамлъун вищи. Гендерил росдал эркенлъиялъе гӏоло рагъал. Лъукъарав имам. Гьесулги эбелалъулги дандчӏвай. Гьей хӏинкъулей йиго васасул гӏумруялда. Амма Шамилица гӏагарал мугӏрузе гьа бала тушманасдаса ракь эркен гьабизе гӏоло.

Ахӏулгохӏда унеб буго вахӏшияб рагъ. Тушманасухъе кверде инегӏан, хвел тӏаса бищулеб буго бахӏарчиял мугӏрул руччабаз. Балагьаразе цӏакъго кӏудияб асар гьабуна гӏурусазухъе гъоркьлъалие Шамилил вас Гъазимухӏамад кьолеб лахӏзаталъ. Мугӏрулцин гӏодилел рукӏараб гӏадаб хӏал букӏана васасул эбелалда.

Гьале асирлъуде росарал гуржиязул бикаби. Гьезухъ Александр Кӏиабилес асирлъудаса эркен гьавула Шамилил вас Жамалудин.

Хадусеб бутӏаялда — Шамил ва Шугӏайнат. Гьеб лахӏзаталъ бицунеб букӏана дунялалда рагъал гурелги, рокьиги букӏин.

Гьанжеги цӏидасан байбихьана рагъ. Гьаб нухалда — борхатаб Гъуниб. Ва гьале Кавказалъул рагъул пашманаб ахир — Шамил ана асирлъуде.

Санкт-Петербург. Александр Кӏиабилес Шамилие кьола меседил хвалчен. Кӏудияв Имам — гӏурусазул балалда. Амма гьесул берал цӏакъго пашманго руго. Гьесие асарго гьабулеб гьечӏо жиндехун гӏурусазул бугеб лъикӏаб бербалагьиялъ.

Ва ахиралдаги цере рачӏуна лъабавго имам — Гъазимухӏамад, Хӏамзатбег, Шамил…

Балеталде рачӏун рукӏана гьелъие хъвараб музыкаялъул автор Мурад Кажлаевги ва Дагъистаналъул культураялъул министарсул ишал тӏуралей Зарема Бутаеваги, Махӏачхъалаялъул школазул цӏалдохъабиги республикаялъул вузазул студенталги.

***

Миллияб музеялъе — сайгъат

Лаваша районалъул Гъоркьа Чӏугӏли росулъа палеонтолог Гӏумар Хӏапизовас Дагъистаналъул миллияб музеялъе кьуна ихтиозавралъул хутӏелазул копиял

Гӏумарида гьел ратун рукӏана Гӏахъуша росдал рагӏалда, Чурчума абулеб бакӏалда. 100-300 миллион соназ цере рукӏарал гьезул хутӏелазул копиял гьаруна Гӏахъуша росдал музеялъул директор Зубалжат Мирзаевалъул жигарчилъиялдалъун ва республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Руслан Ярахӏмадовасул кумекалдалъун. Тадбиралда гӏахьаллъана РАНалъул ДНЦялъул нухмалъулев Муртазагӏали Хӏажиевги, ДНЦялъул ИИАЭялъул директор Махӏач Мусаевги, институталъул кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъан Рабадан Мухӏамадовги, республикаялъул миллияб музеялъул директор Пахрудин Мухӏамадовги, цогидалги. Пахрудин Мухӏамадовас, тадбиралда гӏахьаллъаралги разилъун, хӏукму гьабуна Гӏумар Хӏапизовасул музей пачалихъалъулаблъун гьабизе. Гӏахъуша районалъул бетӏер Ахӏмад Махӏарамовас абуна районалъул музеялъе хасаб мина кьезе бугилан.

Церерахъин

Гьудуллъиялъул кьо

Магӏарул театралда концерт бихьизабуна

гьеб театралъул артистазги Гӏурус-Мартан

районалъул гьунарчагӏазги

Гьеб цадахъаб проект гӏумруялде бахъинабиялъул хӏакъалъулъ бицана Магӏарул театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас. Театралъул зал кьабун цӏун букӏана. Гьалбадерие чӏвалеб хъатил гьаракь гьоркьоса къотӏулеб букӏинчӏо. Чачаналдаса гӏисинал гьунарчагӏаз ахӏана Мухӏамад аварагасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ нашидалги мавлидалги. Гьел сайигъат гьарун рукӏана авараг гьавураб хирияб моцӏалъе. Гьединго рихьизаруна гьез жидерго миллиял кьурдабиги, ахӏана гӏагараб мацӏалда кучӏдулги. Рагӏабаздалъун цоцазда ричӏчӏулел рукӏинчӏониги, бихьулеб букӏана дагъистаниязулги чачаназулги гьунарчагӏаз кӏиябго республикаялъул халкъ гьудуллъи-вацлъи цӏунизе ахӏулеб букӏин. Гьединаб букӏана тадбиралъул ахӏиги- цӏуне гьудуллъи абураб. Цадахъаб проекталда рекъон, гьединабго тадбир, театралъул артисталги гӏахьаллъун, кватӏичӏого тӏобитӏизе буго Чачаналдаги.