Гӏазулаб декабралда кунчӏараб цӏва
Жакъаги рагӏулеб бугин ккола гьелъул чӏагояб гьаракь
Дица берал къанщидал,
Къаникь лъелалде цебе,
Къватӏибе ракӏги бахъун,
Къотӏун жанир раккани,
Гьениб Дагъистаналъул
Сипат-сурат батила,
Сунданиги хъвагӏазе.
Нахъе бахъизе кӏвечӏеб.
Гьадин хъвана халкъияй шагӏиралъ. Гьеб букӏана гьелъул кучӏдузул аслияб ахӏилъунги. Ракӏалдещолеб буго, школалда цӏалулелъул, «Ватӏан, мун бокьизе тӏоцебе дида» абураб гьелъул кечӏ хоралда ахӏулеб букӏараб заман. Нижер гӏелалъе гьеб букӏана рокьулел кучӏдузул цояблъунги. Ахӏулеб букӏараб шавкъалдаги нижеца гьеб:
Ватӏан, мун бокьизе тӏоцебе дида
Лъицадай малъараб гьаб дунялалда?
Лъица, абадиялъ унареб хӏалалъ,
Дир хӏасратаб рекӏелъ бикӏараб дур цӏар?
Тӏаде щолеб буго шагӏир гьаюраб къо. 1932 соналъул щуабилеб декабралда хунздерил тӏалъиялда кунчӏана хӏикматаб цӏва. Гьелда лъалеб букӏун батула, жиб къобахъанагӏан, санал анагӏан, гвангъизе букӏин. Ва, дунялалда гӏажаибал лъалкӏалги толаго, Фазуйилан цӏар кьураб гьеб хӏикматаб цӏва магӏарул адабияталъул гъасда даимго бакахъе хутӏана. Дой рещтӏана ракьалда, хъахӏаб гӏазул рацӏцӏадал ва хӏеренал хӏулабаз недегьго еэдулаго. Гьез гьелъул гӏумруялдаги рахъана хӏикматал накъишал. Ракьалдасаги дой ана, хъахӏаб гӏазул рацӏцӏадал ва хӏеренал хӏулабаз недегьго еэдулаго. Хъахӏаб гӏазу — гьеб буго тӏадегӏанлъи, рацӏцӏалъи, берцинлъи. Цебе бачӏунеб буго маргьадулъ гӏадаб берцинлъи — хъахӏаб гӏазуги, гӏаздада рижарал тӏугьдулги, гьеб берцинлъиялдаса лазат босулеб гьединабго берцинаб хӏинчӏги. Гьеб буго шагӏиралъул рухӏалъул хӏинчӏ. Гьелъул кьерги гӏурччинаб буго. Гьеб букӏана Фазуе бищунго бокьулеб кьер.
Фазу Гӏалиевалъул цӏар бахъидал, цее чӏола гӏагараб Гиничукь росдада аскӏоб бугеб майданалда, гьелъул юбилеялда, квералги гӏебеде ритӏун, гӏагарал мугӏрузда тӏавап гьабизе урхъун гӏедегӏараб зобалазде боржун унеб цӏумалда релълъарай мугӏрул чӏужугӏадан. Гьелъул кьурдиялда рухӏдаллъун рукӏана доб мехалда. Гьалеха жакъаги цереса унел гьечӏо дида гьел лахӏзатал.
Жакъа нилъгун гьечӏо халкъияй шагӏир. Жакъаги рагӏулеб бугин ккола гьелъул чӏагояб гьаракь:
Гьаб бигъараб гӏомо дир гӏумру буго,
Бичизе, чучизе кодоб босуге.
Гьелда рарал гарцӏал дир магӏу буго,
Битӏизе гьабизе тӏад квер бахъуге…
Магӏарухъ къанагӏатаб цӏар — Фазу. Фазуги гӏазуги. Гӏазуги Фазуги… Гьеб кӏиябго рагӏуда гьоркьоб бухьенго бугодаян ургъараб мехалда, цебе бачӏуна цӏорораб декабрь. Гьелъ ракьалде гӏазугун цадахъ гьурщулеб рахӏмат. Гьеб рахӏматалъул тӏирицин гуродай Фазуйилан кколеб буго. Гӏаздаца ракьалда рахъулел гӏажаибал накъишаз гӏадамазул ракӏазе гьабулеб хӏикматаб асаралда хьолбохъго руго Фазуца гӏадамазул гӏумруялда угьарал накъишалги. Гьел сверана гӏагараб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьиялде. Гьеб рокьиги талихӏги тӏадбуссана шагӏиралъухъе:
Дие гьаб дунялалъ кьунщинаб нигӏмат:
Талихӏалъул гъонолъ тӏерхьун йиго дун…
…Дие гьаб дунялалъ кьунщинаб нигӏмат
Дицаги нужее кьела, гӏадамал.
Дир васият буго ва гьари буго:
Гьеб дие гӏадинан бокьа нужее!
Шагӏиралъул бидулъ рессун, гӏумруялда чӏвараб талихӏаб мугьрулъун руго мугӏруз жидерго тӏогьазда ва каранда рикӏарал, кирниги хъвачӏел, амма щивав магӏаруласул гъанситоялъе хинлъи кьолел законал. Мугӏрузул законал. Бугебдай дунялалда гьезул берцинлъи борцунеб роцен?!:
Тушманас мугӏрузул гӏорхъи бахани,
Бихьинчилъи- бищун лебалаб ярагъ.
Гьудул вачӏанани, гӏодоб тӏамураб
Тӏанса гӏадин цебе рагьун лъола ракӏ.
Гьале дир мугӏрузул гӏадатаб закон,
Бертабалъ тӏил гӏадин, цоцахъе кьолеб,
Хъвай-хъвагӏай гьабичӏеб, амма щивасул
Бидулъе, рокьолъе кьалбал риччараб…
Хунздерил тӏалъиялда кунчӏараб Фазул цӏваялъе цӏа кьуна гьенибго кунчӏараб цоги цӏваялъ. Шагӏиралъул шигӏрабазда куркьбал гъуна ва гьезда гӏадамазухъе нух бихьизабуна исана жив гьавуралдаса 140 сон тӏубарав, магӏарул адабияталъул классик, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзатица:
…Бакъул тӏадегӏанлъи ракьуе гӏадин,
Дие хӏажат руго, Хӏамзат, дур кучӏдул.
Дица щибаб къойил анцӏ-анцӏ нухалда
Дур хабада цебе свери бахъула.
Буртина тӏад барал дур гъуждуздасан
Мугӏруздасан гӏадин, баккула рогьел.
Дир хъахӏлъулеб бетӏер гӏодоб къулула,
Магӏу хулун уна дир канал бералъ.
Дур, Цӏадаса Хӏамзат, цӏадул цо кунчӏи
Дир кучӏдулъ батани, дудаса буго…
Гьедин хъвана гьелъ Хӏамзатил хӏакъалъулъ.
Ана Фазу. Ракьалда рещтӏунаго, недегьго гьей еэдарал хъахӏаб гӏазул хӏикматал хӏулабаз ячунги ана гьей. Фазу Гӏалиева. Гьей магӏарулазе, тӏолго Дагъистаналъе, хӏатта дунялалъегицин хутӏизе йиго гӏазугӏан хъахӏайлъунги, гьелъул хӏулабигӏан хӏеренайлъунги, жиндирго шигӏрабаз рачунел талихӏалъул бакъналгӏан хӏайранайлъунги, мугӏрулгӏан тӏадегӏанайлъунги:
Нилъ нухлулал руго гьаб гӏумруялда,
Гӏумруялъе борцун цо-цо натӏ кьурал.
Гӏарац — месед босун, ришват кьуниги,
Рокьо гьелде тӏаде тӏокӏаб щоларо.
Магӏарул росдал сипат. Тӏадбан унеб бугеб талихӏаб гӏумру. Гьеб берцин гьабулел магӏарулал. Шагӏиралъул рохалил цӏураб ракӏалъ ахӏулеб буго:
Рии тӏадбан буго дир тӏалъиялда,
Тӏугьдул рарщун руго, пихъал щун руго.
Щивасул кавудахъ харил къай буго,
Харицелабазул кунчӏ-кунчӏи буго.
Рии тӏадбан буго дир тӏалъиялда,
Тӏолабго дуниял бакъул цӏун буго.
Кваранисаги бакъ, квегӏисаги бакъ,
Квен лъураб гъадриниб басандулеб бакъ.
Амма рукӏуна гьеб талихӏалдаги гьелъул цӏураб ракӏалдаги сверухъ, моцӏроде хӏапдолел турщул киниги, хьухьарал хьухьалгун рортулел жахӏдачагӏиги. Гьединазул хӏакъалъулъ шагӏиралъ хъван руго гьадинал рагӏабиги:
Мугӏрузул тӏогьазда тӏавап гьабулеб
Цӏум бихьараб мехалъ, цӏацӏала дур ракӏ.
Мацӏалъул халатал цӏалалги хьвагӏун,
Гьелъий квекӏеналъе кваквадула мун.
Цӏумазул борхалъиялда ругел шагӏиралъул шигӏрабазда ва прозаялда «квалквадулезе» кьураб жаваблъун руго гьал хадусел рагӏабиги:
Кӏоларо воржине дуда цӏум гӏадин,
Мегӏергӏан ворхатав гьечӏо мун вижун,
Бакъул гӏадаб хинлъи гьечӏо дур рекӏелъ,
Гӏурул гӏадаб къуват гьечӏо дур чорхолъ…
Амма заргӏанасеб дур рекӏелъ жаниб.
Ралъадгӏан гьалагаб жахӏдадал хӏавуз,
Хӏарщудеги буссун, буго беролеб.