Тӏолабго Россиялъул гӏиял 20 процент буго Дагъистаналда
Республикаялъул гочинабулеб гӏи-боцӏухъанлъиялъул центрлъун, «тахшагьарлъун» рикӏкӏунеб Кочубей поселокалда бугеб гьеб хъулухъалъул управлениялда 23 ноябралда тӏобитӏана кӏудияб тадбир-данделъи.
Данделъиялда цере росарал аслиял суалал рукӏана: лъарагӏлъиялде гӏи гочинабиялъул исанасел хӏасилазул хӏисаб гьаби ва хасел нухда тӏамиялъе магӏишатазул бугеб хӏадурлъиялъе къимат кьей. Данделъиялда гӏахьаллъана хӏукуматалъул бетӏерасул заместителасул ишал тӏуралев Билал Гӏумаров, росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министрасул ишал тӏуралев Керимхан Гӏабасов, Халкъияб Собраниялъул, Ветеринарияб комитеталъул специалистал, магӏишатазул нухмалъулел. Рукӏана Москваялдаса, Петербургалдаса, Ставрополь краялдаса гьалбалги- гӏелмиялгун производствоялъулал хӏалтӏухъаби. 5.3 млн гӏанасеб (официалиял баяназда рекъон) гӏиги (гьеб рахъалъ Россиялъул киналго регионазда гьоркьоб Дагъистаналъ ккола тӏоцебесеб бакӏ) цо миллион гӏанасеб чӏегӏербоцӏиги ругеб нилъер республикаялда, гӏи-боцӏухъанлъиялъул бугеб кӏварги, церечӏарал масъалабазул гӏатӏилъиги цӏикӏкӏун рехсечӏониги бичӏчӏула. Жакъа гьаниб тӏадчӏей гьабуна гьезул чангоялда. Исана ихдал магӏарухъе, риидалил мучӏдузде гочана цо миллионгун 229 азарго гӏи, гьелдаса 208 азарго автотранспорталдалъун. Гӏиял цо къадар риидал тана Ставрополь краялда, Калмыкиялда, Чачаналда. Гьеб суалалда хурхарал руго гьелда цадахъго раккулел цо-цо масъалаби. Тӏоцебе, гӏи гочинабулел нухазда сверухъ ккола лъугӏи гьечӏеб дагӏба-къец: жал бетӏергьанал ракьазги, гьезда тӏад ралел объектазги соналдаса соналде къварид гьабулеб буго гьезул гӏатӏилъи. Кӏиабизе, гӏемерал магӏишатаз цӏунулеб гьечӏо 1947 соналдаго чӏезабураб (жеги хисизабичӏеб) гӏодоблъиялда бихьизабураб заманалъул (1 октябрь — 1 май) низам. Гӏи къватӏибе бахъуна кватӏун, гьелда рекъон цӏикӏкӏуна ракьалда бугеб цуй, тохлъула гьелъул даража, захӏмалъула хасел тӏамиялъе хӏажатаб рагӏи-хер хӏадуризе. Лъабабизе, субсидиял, гьезда сверухъги ккана гӏезегӏан бахӏсал. Советияб заманалда, хадубккун 2012 соналде щвезегӏанги Кочубей зонаялдаса гӏи мугӏрузде рехулаан маххул нухдасан, вагоназда жаниб. Багьа (тарифал) цӏикӏкӏиналда бан, гьеб къагӏидаги тун, 2012 соналдаса нахъе байбихьана гьеб автотранспорталдалъун баччизе. Гӏиял цо бетӏер рикӏкӏун, гьелъул багьа бахунаан 120 гъуршиде, гьелъул 60 гъуруш кумек хӏисабалда (субсидия) пачалихъалъ нахъбуссинабулаан бетӏергьабазухъе. Ахираб лъабго соналда, бюджеталъул рес гӏоларого букӏиналъ, гьеб субсидия кьей тана. Гьелда цадахъго, цо чахъу-цӏцӏеялъе гьанжелъизегӏан кьолаан 100 гъуруш. Хӏисабалде босун буго, тӏасияб соналдаса байбихьун, республикаялъул бюджет къабул гьабун хадуб, гьеб субсидиялъул къадар цӏикӏкӏинабизе.
Гьанжелъизегӏан магӏарухъа гӏатӏиракьалде гочинабун буго цо миллионгун 220 азарго бетӏер гӏиял, гьелдаса автотранспорталда 183 азарго бетӏер. Гочинабулеб гӏи-боцӏухъанлъиялъул ракьалда, гӏаммаб куцалда босун, исана хасел тӏамизе ккола миллионгун 546 азарго гӏияца, 220 азарго чӏегӏерхӏайваналъ, ва 3400 чоца. Гьеб къадаралъе къваригӏуна 430 азарго тонна рагӏи- хералъул. Гьелдаса, 20 ноябрала ругел баяназда рекъон, хӏадурун буго 201 азаргоялдаса дагьаб цӏикӏкӏараб тонна, гьеб ккола хӏажаталъул бащдалде бахинчӏеб къадар. Гьединлъидалги цо-цо магӏишатаз дагьаб халатбахъинабуна риидалил мучӏдузда заман. Гӏемерал магӏишатазул рахӏатхвезабулеб масъалалъун лъугьун буго гьитӏинаб гарцӏалъ ракьалда бижулебщиналъе гьабулеб кӏудияб заралги. Гьеб тӏибитӏулеб буго цӏакъ гӏатӏидго. Исана гьеб рещтӏараб ракьалъул гӏатӏилъи бахана 130 азарго гектаралде, амма гьелда данде 28 азарго гектаралда гурони загьру хӏалтӏизабун бажаричӏо. Бугеб хӏалалда разилъани, гарцӏалъ жеги эркенго бугеб ракьги хехаб хӏалалда талавур гьабизе букӏин хӏакъаб жо буго. Тӏасияб соналда гьеб балагьалдаса цӏуниялъе цебеккунго гӏарцил сурсатал хӏисабалде росун ругин баян кьуна министрас. Ветеринарияб комитеталъул специалистаз бицухъе, гьеб хъулухъалда тӏадал, гӏи-боцӏи унтабаздаса цӏуниялъе гӏуцӏарал тадбирал тӏуралел руго планалда рекъон, берцинаб хӏалалда. Гьезго киназдаго ракӏалдещвезабуна, цӏияб соналдаса байбихьун, кинабго гӏи-боцӏуе электронияб сертификат щвей тӏадаблъун букӏин. Гьелъие комитеталда рихьизарун руго хасал хӏалтӏухъаби. Халкъияб Собраниялъул вакилас рорхана цоги кӏвар бугел масъалаби. Тӏоцебесеб, гочинабулеб гӏи-боцӏухъанлъиялъул ракьазул чӏванкъотӏараб статус гьечӏолъиялъ (гьеб бичӏчӏиялъулъ батӏи-батӏиял «кьерал» рукӏиналъ)гьарулел кӏвекӏенал. Бицана гьеб суал мухӏкан гьабиялда тӏад хӏалтӏи гьабулеб букӏинги. Кӏиабилеб, артезианазул, буругъазул хӏал. Гьесул рагӏабазда рекъон, гьеб зонаялда буго ункъазаргогӏанасеб лъел буругъ, гьезул 40% буго къуват лъугӏараб, цӏигьабизе ккараб. Хӏалтӏулез къватӏибе кьолеб лъимги буго даража чучлъараб, химиялъулаб жубаялъ инсанасул сахлъиялъе зарал кьезе рес бугеб. Гьес бичӏчӏизабуна, суал кӏвар кьечӏого тани, хадубккун гьелъ захӏматал хӏасилазде рачине бегьулеблъи. Министрас абуна, буругъазул иш тӏубаялъе гӏоло, 2018 соналда Федералияб программаялда гьоркьоре лъугьине хӏаракат бахъулеб бугилан. Гьенибго бицана рагӏи-хералъул стратегияб нахърател чӏезабиялъе цо цо хасал магӏишатазе (ГУПал) гьабизе бугеб квербакъиялъул хӏакъалъулъги. Магӏишатазул нухмалъулез рорхана киназего гӏаммал, мисалалъе, техника херлъун букӏиналъул, цӏияб босизе гьечӏеб ресалъул хӏакъалъулъ суалалги.
Киналъулго хӏасил гьабун, абизе бегьула тӏадегӏанаб хӏалуциналда цадахъго пайдаяб куцалда анин данделъийилан.
Гӏезабуна, сверизабуна, бичана
Гьелдаса хадуб вице-премьерги, министрги, гьезда цадахъ ругелги щвана Нугъай районалъул Терекли-Мектеб росдада аскӏоб бугеб «Агросоюз» СПОКалъул (гӏаммал магӏишатазул тайпа) гьанае боцӏи хьихьулеб комплексалде ва тӏом-къехь къачӏалеб, сверизабулеб цехалде. СПОКалъул буго гӏатӏидаб ракь, гьелъул цо бутӏаялда тӏасияб соналда рекьизехъин руго могьолал культураби, люцерна. Гьениб буго тайпадулаб боцӏи гьанае хьихьулеб ферма-комплекс, къасабхана, тӏадегӏанаб даражаялда тӏом-къехь къачӏалеб цех. Тӏом-къехь къабул гьабула гӏадамазухъа, буго жидергоги. Сибиралдаса гьенибе бачӏунеб буго ритӏучӏил тӏомги. Гьенир къачӏарал, Турциялда релъарал гьезул лакайдул хӏажалъи нилъер гьаниб гуреб (хьитазе, ратӏлие ва цогидалъе) буго Германиялдацин (Мерседес ва БМВ автомашинабазул салоназе). Гьазул гьан босула Ираналъги, нилъер гьанибалдаса хираго, 350 гъуршиде кило гьабун. Гьенив хӏалтӏулев вуго Турциялдаса специалист, гьеб масъала бигьаяб гьечӏониги, Ираналъулгун Турциялъул бухьенал гӏатӏид гьариялда тӏадги, хӏалтӏулел руго гьал. Къокъ гьабун абуни, СПОКалъул хӏалтӏул буго тӏубараб, дандещвараб цикл: гӏезаби, сверизаби, бичи. Министрас бицаралда рекъон, исана, конкурсалдаги бергьун, «Агросоюзалъе» щвана 43 млн гъуруш грант. Гьадинал, хӏакъикъаталдаги хӏалтӏулел магӏишатазе кумек гьабизе кидаго хӏадурав вугин живан тӏадеги жубана гьес. Живгоги, школа лъугӏун хадув, вехьлъунги хӏалтӏарав, гӏезегӏан соназ совхозалъул директорлъунги вукӏарав, росдал магӏишаталъул хӏалтӏул тӏагӏамги гижиндаго лъарав Гӏабасовас, кӏвар кьуна дида битӏараблъун бихьараб кӏиго хӏужаялде:
1. Советияб заманалда районазул росдал магӏишаталъул управлениял рукӏана Росдал магӏишаталъул министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь, гьабсагӏаталда гьел руго райадминистрациязулъ. Хӏалтӏул низам цӏуниялъеги, гьелъул даража борхизабиялъеги битӏараблъун букӏина гьел министерствоялде нахъруссинаруни.
2. Тӏасияб соналъул май моцӏалда Кочубеялда тӏобитӏизе буго Вехьасул къо.
Тӏагӏунгеги боцӏухъабазул гӏумруялъулъги Байрам.
Гӏабаш Гӏабашилов