Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб ДРялъул Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана «Басриял росаби – тӏагӏунеб маданият» абураб суратазул выставка
Выставка гӏуцӏана «Дагъистаналъул росу» абураб этнографиялъул комплексалъги, Миллияб библиотекаялъги, Республикаялъул культурияб нахърател цӏуниялъул агентствоялъги, РАНалъул ДНЦялъул Мацӏалъулги, адабияталъулги, искусствоялъул институталъги.
Библиотекаялда цебелъун буго 65 росдал тарихияб сурат. Гьезда рихьула гӏадамалги гочинарун хутӏарал республикаялъул росабиги. Выставка букӏине буго 17 декабралде щвезегӏан.
Выставка рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъана республикаялъул министерствабазулги ведомствабазулги вакилзаби. «Дагъистаналъул росу» этнокомплексалъул директорасул заместитель Татьяна Петениналъ баркала кьуна гьалбадерие. Гьелъ абуна гьединаб чанго выставка гӏуцӏизе ракӏалда бугин. Масала, хӏадурулеб буго «Мугӏрузул лъимал» абураб выставка. Гьелда кӏварбуссинабизе буго гӏадамазде.
«Некӏсиял росабазулгун лъай-хъвай гьаби ккола выставкаялъул аслияб мурад. Гьениб букӏана щвараб гӏор гӏадин чвахулеб гӏумру. Батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан, гӏадамалги гочун, бесдалго хутӏарал росаби дагь-дагьккун ракьалдасаго тӏагӏунел руго. Цадахъго тӏагӏунел руго миллаталъул маданияталъул гъаталги. Суратазда рихьулел росабазул бакӏалда жакъа хутӏун руго чӏваднал. Гьелги щущан унел руго. Нилъ махӏрумлъулел руго архитектураялъулги, гамачӏ бикӏиялъулги, рукъалъул къайи-алаталъулги, хобалазул заназулги памятниказул бечелъиялдаса», – ян бицана Петениналъ.
Республикаялъул культурияб нахърател цӏуниялъул агентствоялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Заур Кагьримановас абуна, гьединал выставкаби гӏемер тӏоритӏиялде хьул бугин. «Нилъер республика ккола къанагӏатаб бакӏ. Культурияб нахъраталил объектал гӏемерал Россиялъул регионазда гьоркьобе уна Дагъистанги. Гьаниб буго 6,5 азарго гьединаб бакӏ. гьезда гьоркьоса 2000 ккола федералияб кӏваралъулаблъун. Россиялъул президентасул бихьизабиялда рекъон, гьел бакӏал росун руго информациялъул цогояб реестралде. Гӏемерисел нилъер росаби рикӏкӏуна тарихияллъун. Гьел цӏунизе хӏаракат гьабизе тӏадаб буго нилъеда», – ян бицана Кагьримановас.