— Араб гӏасруялъул кӏикъоабилел сонал рукӏана. Хӏалтӏизе лъалел ва бажарулел чагӏи гьечӏолъиялда бан, дун, анлъабилеб классалъул цӏалдохъан, тун вукӏана Гъерел росдал сельсоветалъул секретарлъун. Тӏоцебесеб харжги щун вохарав ва чӏухӏарав дун лъугьана, рокъобе цо щиб букӏаниги жо босизейилан, райцентралда бугеб тукада жаниве, — йилан бицунеб букӏана инсуца.
— Босизе жого букӏинчӏо гьениб. Школалъе къваригӏунел жал росана, къалантӏар босана, цо чӏама-къамулеб гӏадаб жо щибдай босилаян сверсведана. Тукенчияс бетӏерги гьанкӏизабун бихьизабулеб бугоан хъорщода лъун бугеб кӏиго литра тӏолеб гӏадаб банка. Гьелда жаниб гӏечги гуреб, гӏечалда релълъарал цо багӏарал жал ругоан лъеделел. Гьеб щибилан гьикъизе дир гӏакълуялъ къабул гьабичӏо. Дунги гӏадатияв чи гурелъулха вукӏарав, гьединал жал лъачӏого вукӏине. Тӏубарав сельсоветалъул секретарь. Кидаго дицаго босун ругьунаб жо гӏадин гьеб банкаги босун, киналъухъго гӏарацги кьун, мугъзада балеб таргьиниб гьебги лъун, дун росулъехун вагъарана. Тӏокӏаб босизе жоги букӏинчӏелъулха тукада.
Букӏана кватӏараб хаслихълъиялъул заман. Райцентралдаса росулъе буго 40 километралъул нух. Тӏеренаб гӏазул гъат тӏад бугеб сухъмахъ-нух букӏана цин кьурабалъан эхеде раялъ ине кколеб, цин лъарахъе гӏодоре раялъ лъугьине кколеб. Гьеб свералаби гӏемераб, бокьараб бакӏалдасан кьурса гъоркье хъуштӏун ине рес бугеб хӏинкъараб нухдасан лъалхъичӏого ани, 7-8 сагӏаталдасан щолаан росулъе.
Гӏемераб гӏакъубаги бихьун, свакан, тату хун, къасиялдехун дун рокъове щвана. Гьеб букӏана рагъ лъугӏун хадусел захӏматал ва ракъарал сонал. Рокъор рукӏана ракъарал вацал ва яцал. Мугъзада таргьагун дун ваккидал, гьезул рохалие гӏорхъи букӏинчӏо. Хӏухьбахъизегӏанго чӏечӏого рагьана дица таргьа ва бахъана къватӏибе доб банка. Гьелда жаниб бугеб жо щиб ва кинаб тӏагӏамалъул жояли лъалеб гьечӏониги, кунеб жо букӏин бичӏчӏаралъул, гьеб рагьизегӏан чӏезе кӏоларого рукӏана киналго, кваназе бокьун.
Бекичӏого гьеб чӏухӏараб банка рагьизе мадугьалихъа росдал учитель ахӏизе вац витӏана. Доб заманаялъ учитель вукӏана росулъ бищун къадру-къиматалда вугев чи. Вачӏун, носоца тӏалъелги рагьун, банкаялъуса доб гӏеч гӏадаб жо бахъана учителас къватӏибе.
— Гьая, лъимал, гьанже хӏалбихьилаха нилъеца щибги босун нилъее Исмагӏил вуссун вугевали, — йиланги абун учителас хӏанчӏана гьеб багӏараб гӏечалда релъараб жо. Букӏкӏ-букӏкӏине гьумерги гьабун, векерун нуцӏихъегун, гьес гьеб къватӏибе тун балагьизабуна. Гьакӏкӏан кӏалалгун нижги хутӏана, щибго бичӏчӏуларого. Цинги дицаги хӏал бихьана. Бугоха цо гьуинаб лъалареб, цӏекӏаб лъалареб, цӏамгӏалаб лъалареб, данде гьулгӏилеб гӏадаб тӏагӏамалъул нигӏмат. Хӏанчӏараб жони дица къулчӏана. Дидаго ракӏ гурхӏун — 40 километралъ гьадаб банка мугъзада баччарав. Тӏокӏаб кӏалдибе босизе бокьичӏо. Цониги вацасниги квинародаян вукӏана, ракъунги ругелъул. Гьезги къватӏибе туна.
Помидоразул щиб кканиги, цӏорол банкаялдаса эбел цӏакъ йохана. Доб заманаялъ магӏарухъ цӏакъ къанагӏатаб жо букӏана цӏорол суркӏа-щурун. Хъорщода бищун бихьулеб гӏадаб бакӏалда лъуна гьелъ гьеб. Росуцоязда чӏухӏун бицунаан гьелъ, гьалейила Исмагӏилица гьаб банка цӏун помидорал рачӏун рукӏанила, гьелги кванила, гьале жиндие банкагийила.
Чанго минуталдасан тӏадги вуссун, къватӏиве ун вукӏарав учителас абуна:
— Гьел руго помидорал. Дица Цӏоралда кун рукӏана гьел. Амма гьел дора гьедигӏан цӏамгӏалал рукӏинчӏо. Дуца босараб жо щибали дида лъаларо, Исмагӏил, гьел тӏагӏамал жал рукӏуна, — йиланги абун ана мугӏалим жиндирго рокъове. Мекъи ккараб дараналдаса ракӏ бухӏун чара хун дунги вукӏана. Помидоралги къватӏире рехун, ракъуца холаго регана киналго цо кӏудияб къохьол хъабарчаялда гъоркь, халатаб хаслихълъиялъул сордоги бугелъул, квачачӏого рукӏине.
Помидоразул щиб кканиги, цӏорол банкаялдаса эбел цӏакъ йохана. Доб заманаялъ магӏарухъ цӏакъ къанагӏатаб жо букӏана цӏорол суркӏа-щурун. Хъорщода бищун бихьулеб гӏадаб бакӏалда лъуна гьелъ гьеб. Росуцоязда чӏухӏун бицунаан гьелъ, гьалейила Исмагӏилица гьаб банка цӏун помидорал рачӏун рукӏанила, гьелги кванила, гьале жиндие банкагийила. Унгогиха, вас – цӏалул отличник, гьелда тӏадеги — селсоветалъул секретарь, гьитӏинаб букӏаниги харжги щолев. Чӏухӏизе гӏилла кӏудияб букӏана эбелалъул.
Гьедин букӏуна чи батӏияб кванил тӏагӏамалде ругьунлъичӏеб мехалъ. Нухалги гьечӏеб, машинабиги хьвадулареб, къватӏисеб дунялалъулгун бухьенго гьечӏел магӏарулазда помидор щибжояли лъалароан доб заманаялъ. Хӏамуздаги чуяздаги баччулаан чара гьечӏого къваригӏунеб щинаб жо, помидоразде регӏун рукӏунароан. Гьеле гьеб гӏиллаялъ рокьичӏо, жидецаго кидаго кунеб квандаса батӏиял, ругьунал гурел цӏамгӏалал помидорал магӏарулазе.
— Гьединлъидалин дир помидоразулгун хасаб гьоркьоблъи бугеб. Дида гӏемераб ракӏалде щола гьеб тӏоцебесеб лъай-хъвай. Гьелдаса нахъе лъабкъоялда анцӏгогӏан сонал аниги, кӏочон толаро, — ян абуна инсуца кверзукь цо гьитӏинаб помидорги сверсезабулаго Махӏачхъалаялда бугеб дир рокъор кваназе чӏараб бакӏалда. – Хадуб нижер лъикӏаб лъай-хъвай ккана. Избербашалда интернаталда цӏалулеб мехалъ колхозалъул хурисанго кунаан. Къотӏа-сотӏун салаталилан цо жалги гьарун квине бокьуларо, гьале гьадин тӏубанго, кӏийидеги къотӏун квине бокьула…
Эмен нижгун гӏемерав хабар-кӏалалда вукӏунев чи вукӏинчӏо. Анкьида жаниб цо-цогӏаги гӏумруялдаса лъугьа-бахъинал рицинчӏогоги чӏолароан. Цо-цо кепал рукӏунаан гьесул харбал, цо-цо пашманал рукӏунаан. Гӏемерисел гӏадатиял гьадингоялин ккарал харбаз гӏажаибго рагьулаан доб заманаялъ магӏарулазул гӏумру. Гьениб пикру гьабизе жоги гӏемер батула.
Цойги кепаб хабар бицана помидоразулги стипендиялъулги хӏакъалъулъ дир инсул гьитӏинав вацас, дир имгӏалас, инсул харбидаса хадуб. Гьеб цойги нухалъ бицина. Гурони цӏакъго гӏемераб томат ккезехъин буго цо хӏарччинибе.