Аваразул пашманлъи –

Авар мацӏ лъачӏел лъимал.

Р. Хӏамзатов

Дир мацӏ хъизаналда ва жамгӏияталда

Масъалалъун лъугьараб гьаб суалалъул рахъалъ дирго пикраби загьир гьариялъе байбихьи лъуна, гьаб ахир заманалъ нилъеца гӏемер такрар гьаризе ккарал, кӏудияв Расулил рагӏабаздалъун.

Рахьдал мацӏ лъаларел наслаби берда цере гӏолел рукӏин, гьеб хӏакъикъаталдаги кӏудияб пашманлъи буго.

Гӏумруялъего рохеллъун хутӏана нижер рокъоб эбелалъ щибаб лъимаде кинидахъ ахӏарал кучӏдул, жеги гьитӏинго, кӏудияб тӏимугъалда жаниеги ячун, инсуца рицарал маргьаби, сордо нахъалъизегӏан гъасда харабазул накъит, мех-мехалъ пандрида биччалеб гьезул бакъан.. Бицун гӏорцӏиларо дие къиматаб авар мацӏалъ рекӏее кьурабщинаб хинлъи, рокьи. Дие къуват кьолеб бечелъилъун руго гьитӏинаб къоялдаса нахъе магӏарул мацӏалда цӏаларал халкъиял кучӏдул, машгьурал шагӏирзабазул, хъвадарухъабазул асарал. Жакъаги дир мугӏалимлъиялъул махщалида куркьбал гъолеллъун рукӏана ва руго, цӏалдохъабазул рекӏелъе риун тӏезе гъира барал магӏарулазул бахӏарчилъиялъул, борхатаб гӏишкъул бицун хъварал асарал.

Гьал дир мугӏрузда гӏурал гӏадамалго гӏадин кьварараб буго гьезул мацӏги, жидеего хасаб гугьаралда рахъунел къ, кь, хӏ, лъ, чӏ, гӏ- гьаркьалгун, хӏарпалгун!

Чам батӏияб лугъат бугеб магӏарул мацӏалъул, гьел цоцазда ричӏчӏизе ккани, чара гьечӏого хӏажалъула болмацӏ.

Жакъа къоялъ миллиял мацӏаздехун нилъер республикаялда лъугьунеб бугеб ахӏвал-хӏалалъ кутакалда ракӏ унтизабулеб буго. Кинаб рухӏияб къуват букӏинеб гьанже гӏолел наслабазулъ гӏасрабазго шулалъиялъе лъураб кьучӏ биххизабулеб бугони?! Мацӏ гьечӏони гьечӏо миллат- гьеб дунялалдаго рагӏараб пикру буго. Кин мигьлъизе тезе бегьулеб, берда бихьулаго, нилъет миллаталъул аслияб бечелъи?!

Дица гьитӏинго магӏарул мацӏалда цӏаларал, цӏалулаго гьуинлъарал Гӏанхил Маринил, Инхоса Гӏалихӏажиясул, Чӏанкӏал, Махӏмудил, Муса Мухӏамадовасул, Расулил асарал- сунда гьел бащалъулел?!

Балугълъиялде яхъараб мехалъ «Дие мун йокьула»-ян намусго гӏолилас абураб рагӏи тӏокӏаб батӏияб мацӏалъ рагӏизеги кӏваричӏоан, абун магӏнаги бичӏчӏилароан!

Расул Хӏамзатов кӏодогьавун кӏудиял тадбирал тӏоритӏула нилъеца Дагъистаналда. Расулица авар мацӏалда пикруги хӏалтӏун къватӏире загьир гьарурал асараз гурищ жиндирго нилъ дунялалдаго рагӏизарурал?! Кинав магӏарулавха вукӏунев гьев шагӏирасул кечӏ цӏализе лъаларев, цӏалун магӏна босуларев? Щал аваралха кколел, жидер халкъалъул кьибил, тарих, гӏадат-гӏамал, маданият лъалеб гьечӏони?

Магӏарул шагӏирасул гьунаралъул бицунеб сордо-гӏурус мацӏалъ, машгьурав магӏарул кочӏохъанасул, магӏарул мацӏалда кучӏдул ахӏулеб концерт бачунеб буго гӏурус мацӏалъ, бахӏаравги бахӏарайги аварал ругониги тамадаяс бертин бачунеб буго гӏурус мацӏалъ, кибго тадбиразулъ рагӏулеб буго гӏурус мацӏ! Гьеб буго жамгӏияталъул (обществоялъул) кӏудияб гӏунгутӏи, масъала.

Рахьдал мацӏ билиялъе гӏиллалъун рихьулел масъалаби

Щай дие къваригӏун бугеб Дагъистан

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?

Щай дий магӏаруллъи, магӏарул чагӏаз

Чияр мацӏ бицунеб жидерго гъастӏа?!

Расул

Сундулъха бихьулеб бугеб жакъа магӏарул мацӏ мигьлъиялъе гӏилла, тӏагӏун иналъе хӏинкъи? Тӏоцебесеб иргаялде магӏарухълъиялдаса шагьаразде халкъ гочин. Гӏемерал мугӏрул росаби чӏороголъиялде ккун руго. Мугӏул ракьандаса байбихьарал рацӏцӏадал ицазул лъугьараб гӏор ралъдалъ билараб гӏадин шагьаралъ гъанкъулеб буго росдалаб берцинлъи, гӏадиллъи, гӏадаталъул тӏокӏкӏин, мацӏалъул берцинлъи. Гьеб киналъулго кӏвар тӏоцебе щибаб хъизаналда, жалго эбел-инсуда бичӏчӏулеб гьечӏо.

Бищунго кӏудияб гӏайиб, гӏунгутӏиги буго хъизаналда жаниб. Щай бицунеб жидерго гъасда чохьол лъимада чияр мацӏ, щай гӏодобегӏанаблъун бихьулеб жидер умумузул калам?! Хасго гьеб унти буго шагьаразда гӏумру гьабун ругел хъизаназда.

Хадуб шагьаразул школазда мугӏалимзабаз кин гьел, рахьдал мацӏалда рагӏиго абизе лъаларел лъимал, миллияб мацӏалда гаргардизе тӏамилел?

Гьебго, рокъоб гӏурус мацӏ бицунеб, квешаб гӏадат тӏибитӏулеб буго гьанже магӏарухъги. Ясли-ахалдаса байбихьун гӏурус мацӏалде ругьунлъун руго гьитӏичал. Жеги цӏакъ ракӏ унтулеб хӏужжа-гьелъул эбел-инсуе кӏвар гьечӏолъи. Цӏар-рец гьабун бицунеб буго лъагӏел баралдаса нахъе жиндир лъимаца телефон, планшет килшаз хъирщулеб бугилан. Телевизоралдаса «Карусель» каналги лъималазе биччан жалго гаджетазде руссунел руго гӏолохъанал эбел-эмен. Цӏалулеб магӏарул кечӏ рагӏуларел, кӏудабаца бицунеб маргьу бихьуларел, кин ва кир гьел ругьунлъилел миллияб мацӏалде, кин гьуинлъилеб гьезие гьеб?

Миллияб мацӏ цӏуниялъе рихьулел нухал

«Дун кӏудияб пикру гьитӏин гьабизе

Гьитӏинаб рукӏниса кӏалъалев гуро,

Ва пачалихъазул ансамблиялда

Авар мацӏалъе бакӏ гьарулев гуро.

Амма гьал кьурабалъ улкаялъ рарал

Мактабазда гьеб мацӏ малъизе ккела

Гьеб рекъараб буго нилъер халкъазда

Черхалда борчараб рачел киниги..»

Расул

Кӏудияв шагӏир, гъваридав гӏакъил Расулил гьал мухъазулъ буго нилъеца борхулеб масъалаялъе жаваб.

Росабалъ школазда тӏоцебесеб классалде цӏализе рачӏарал лъималазда гӏурус мацӏ рахьдал мацӏалдасаги лъикӏ лъалеб буго. Байбихьул школа лъугӏизегӏан (гӏурус мацӏалъул дарс хутӏун) киналго предметал магӏарул мацӏалда кьолел ругони лъикӏаб кьучӏ лъелаан цӏалдохъабазулъ.

Лъимерлъудасаго мультфильмазде, гаджетазде ругьунлъарал, байбихьул классазда гӏурус дарсазде ругьунлъарал лъималаз балугълъуде рахун хадубги цӏалилилищ миллияб мацӏалда адабияталъул тӏахьал?

Хӏажат буго гьитӏинаб мехалдаса байбихьун лъималазе жидерго миллияб мацӏ гьуин гьабулеб кьучӏаб хӏалтӏи. Гьебги гӏуцӏизе ккола эбел-эмен, ясли-ах ва школа, жамагӏат цадахъ лъугьун, байбихьудаса ахиралде щвезегӏан бухьен тӏезе течӏого. Жидецагоги рахьдал мацӏ бицун лъималаздасаги тӏалаб гьаби эбел-инсул кверщаликь буго. Школазгун росабазул библиотекабаз цадахъ лъугьун гӏуцӏизе ккела, нилъер шагӏирзабазул кучӏдул пасихӏго цӏалиялъул къецал, магӏарул машгьурал хъвадарухъабазул творчество рагьулел маданияталъул, адабияталъул тадбирал.

«Ургъелгьечӏолъи»- ян абураб гӏузруялъ ккун буго халкъ. Гьеб ургъелгьечӏолъиялъул хӏасил ккола жакъа школалда анкьие лъабго сагӏат гурони миллияб мацӏалъул дарсазе заман кьолеб гьечӏолъи. Хӏисаб гьабе нужецаго- магӏарул росулъ анкьида жаниб гӏицӏго лъабго дарс рахьдал мацӏалъе! Дица гьеб цӏакъ гӏей гьечӏеблъун рикӏкӏуна!

Рахьдал мацӏалъул дарсалги цӏикӏкӏинарун гьезде жавабчилъи борхинабизе ккун буго цӏалдохъабазул. Гьелъул кӏвар чӏахӏияз бичӏчӏизабизе ккун буго гӏолохъанал эбел-инсудаги. Рахьдал мацӏ-гьеб кӏудияб рухӏияб хазина буго, кьолбол харабазги, жамгӏиял гӏуцӏабазги гьелъул тӏалаб гьабичӏого тей, гьеб цӏакъ мекъаблъун бихьула дида.

Жидер ракьалде, миллаталде бугеб рокьиялъ гӏасруялдасаги цӏикӏкӏун заманаял чияр улкабазда гӏолел магӏарул наслабаз цӏунун буго умумузул мацӏ. Гьездагӏанги рахьдал мацӏ лъаларел наслаби нилъеда сверухъги гӏолел руго.

Миллиял мацӏазда гьарулел передачабазе цӏакъго дагьаб заман кьун буго республикаялъул телевидениялъ. Гӏисинаб гӏелалъул ракӏ цӏцӏалел передачаби гьезего гьечӏо. Щай бегьулареб миллиял мацӏазде рокьи бижизабулел цӏиял теле, радио-проектал ургъизе. Дир хӏисабалда миллиял мацӏал, хасго болмацӏ цӏуниялъе хӏажат буго жамгӏиятго цолъараб, хӏукуматалъги квербакъараб кӏудияб хӏалтӏи.

Дирго пикрабазул ахир гьабила гьаб заманаялъул гӏузраби гӏужилго, пасихӏго къватӏире кьолев, нижер районцояв, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевасул рагӏабаздалъун:

Мугӏрузда рекъараб, къватӏиб берцинаб

Къадру тӏадегӏанаб магӏарул калам.

Кинал ахӏмакъаца къанунги бахъун

Къотӏизе гьабулеб дур гьаракь нижей.

Аллагьас нилъее нигӏматлъун кьураб

Магӏарул мацӏ даим цӏунизе буго.

Цӏиял гӏелазда гьеб кӏочон хутӏани,

Хвана магӏаруллъи, лъугӏана миллат..