Жакъа къоялда кӏал бугевщинас абулебги кантӏизарулелги руго щибаб миллаталъул хаслъилъун кколел рахьдал мацӏал цӏунизе кколилан.
Амма чӏорогоял харбал рициналдаса рикӏкӏаде ун рихьуларо жалго гьел вагӏзачагӏигицин. Дун гӏолохъанаб мех гьединаб ишалде формализмаян абулаан. Тӏоритӏула данделъаби, слетал, хӏатта съездалцин гьурра ахӏун мацӏ цӏунеян киназго хъат чӏвалел церерахъиналги гьарула гӏахьалчагӏаз. Амма нахъисеб къоялдего дол киналго сихӏ тун чӏола. Миллаталда гьоркьоб жидер рагӏиги билълъарал, адабги гьабулел гӏадамалха гьелги. Дица гӏемер биччала мадугьалихъ бугеб Чачаналъул телевидение. Жидерго мацӏалда, жидерго ретӏа-къаялда бачуна гьениб щибаб передача. Бахиллъизецин бачӏуна гьезда. Нужеца абизе бегьилаха Дагъистан гӏемермиллатазулаб республика бугилан, гьелъ мадугьалзабаздаса мисал босизе ресги гьечӏилан.
Ва амма нилъер республикаялъул буго гурищ, жидерго телевизионияб канал?! Жидеца щибаб анкьил къоялъ батӏи-батӏиял миллатазул передачаби къватӏире кьолеб? Щай бегьулареб «Гӏаданги, гӏамалги, заманги» проекталъул 40 минуталъ бицун лъугӏулеб тарих я тумазул, я аваразул, я лезгиязул гьечӏолъиги хӏисабалде босун, тӏубараб къоялъ тӏолабго эфир цо-цо миллаталъе сайгъат гьабун, гьезул рахьдал мацӏалда биччазе. Щибаб росу-ракьалъул тарих, гӏадатал, рукӏа-рахъин бихьизабулеб бугони, гьелде рокьи бижиларищ гӏолеб гӏелалъулги? Чияр маданияталдаса росичӏого, дагьалищ ругел нилъер умумузул кечӏ-бакъаналги, хӏаялги, кьурди-хъатги?
Магӏна-гӏинго гьечӏел федералиял каналазул передачаби такрар гьарун къватӏире кьей кколарищ нилъерабго тун чияр босулеб жо? Дагьал церегӏан соназ дагъистаниязул мацӏалда кӏалъан рукӏана нилъеда машгьурал советиял мультфильмал. Кинаб лазатха лъималазе абиларо дун, херав чиясецин букӏараб гьезухъ балагьизе?! Щайха чӏезе тараб додигӏан лъикӏаб байбихьи? Щай данделъабазда гаргадулез цо гьитӏинаб хӏакъикъияб иш гьабунгӏаги хадур цӏачӏел жиде-жидер миллатцоял?
Гьабсагӏат магӏарухъ гӏумру гьабун вугев гӏадатав пенсионер, дида гьеб жо релълъун бахъунеб буго гӏицӏго «Гьоболасул хӏама хӏорде бачана-гьекъаниги гьекъечӏониги ургъел гьечӏо» кициялда. Ххвалие гьабулеб буго кинабго, ракӏ унтун гуро.
Гьабсагӏат авар казияталъул редакторлъун вачӏарав магӏарул сатираялъул удаман Гӏумахан Гӏандийскиясдеги кӏудияб хьул буго, цеве вукӏарас гӏадин рихьдае кӏал гьамгьазабичӏого, миллат цӏунулеб къолденлъунги мацӏ машгьур гьабулеб матӏулъунги «Хӏакъикъат» цебе бачинилан.