Бетӏергьанчи гьечӏел жал гӏадин, тахшагьар сверулелниги рощногохӏал гелулелниги гӏачиязул рехъаби рихьичӏел чагӏи къанагӏатги ратиларо Махӏачхъалаялда.

Исана риидал рагьана бетӏергьаби хадур рачӏинегӏан гьеб боцӏи жаниб тӏамулеб питомник. 200 хӏайваналъе бакӏ буго гьениб. Амма жалго боцӏул хважаинзабазе гьеб данде кколеб гьечӏо. Гьединлъидал гьезул цо-цояз хӏалбихьана шагьаралда ккураб боцӏи тӏад баччулеб машина бухӏизеги питомникалъул хъаравул вухизеги. Гьев вухиялъул хӏужа лъабцӏулниги ккана. Цоясда тӏад уголовный делоги гьабун буго.

Боцӏул бетӏергьабазе данде кколеб гьечӏо питомникалдаса хӏайванал нахъе рачине гӏарац кьезе кколеб букӏин.

Гьелъул директор Руслан Исмагӏиловас гьадин бицана «Хӏакъикъаталъулгун» ккараб гара-чӏвариялда:

— Жалго хутӏизегӏан, сверухъ вугевщинав чи рикӏкӏунев вуго гьез гӏайибиявлъун. Шагьар сверулеб щай нужеца гьаб боцӏи толебин гьикъидал, щибинха гьабилеб, жидер гьел жанире сверизе бакӏ гьечӏелъулин жаваб кьола бетӏергьабаз. Гьадабгунияб боцӏи хьихьулел бакӏазда, росабалъгицин рукӏунаро гьедин ахӏуд риччарал хӏайванал. Амма гьеб жо азда бичӏчӏуларо. Жидер гьединаб рес гьечӏин чӏола: бокьалги гьечӏила, гьезда цере рукӏине заманги гьечӏила. Жал хӏалтӏуде ине кколила. Щивасул бетӏергьанлъиялда батула ункъ-ункъ, щу-щу гӏака, бече. Гьезул гӏемерисел чанцӏулго питомникалде.

Гьаб питомник рагьун тӏоцебесеб моцӏалъ боцӏул бетӏергьабазда лъазабулев вукӏунаан дун: гьезул тӏалаб гьабейин, гурони, тӏад гӏакӏа къотӏизе рес бугилан. Амма гьез гьелъул тӏири санго гьабичӏо. Тӏадежоялъе нижер машина бухӏун, хъаравул вухун, хӏинкъаби кьун, нижеде гьужумал гьаризеги байбихьана.

— Жаниб тӏамураб хӏайван биччазе ккани, кигӏан жо гьез нужее кьезе кколеб?

— Сордо-къо гьаниб бани, ункъазарго гъурущ.

— Валлагь, лъикӏаб махсара жо гьечӏоха гьебги…

— Гьелда тӏасанлъидалха нижее харжги, бензинги, цогидал хӏажалъабазе гӏарацги бачӏунеб. Гьеб сордо-къоялдаса хадубги питомникалда хӏайваналъ бараб къо рикӏкӏун, I 600 гъурущ кьезе ккола гьезул хважаинзабаз. Гьеб уна боцӏуе корма, хер босизе, дояркаялъе, ветврачасе мухьдае.

Хадув чиги вачӏинчӏого хутӏараб боцӏи бугони, бащдаб лъагӏалица гурони толаро гьеб питомникалда (законалда рекъон). Гьелдаса хадуб муниципалияб буголъилъун рикӏкӏуна гьеб.

Гьебщинаб гӏарац гьечӏин жидехъинги чӏола гӏемерисел. Гьединлъидал цо-цо мехалда маслихӏаталдеги рачӏуна. Гӏарац батичӏони, хъвейинха гьебилан абула нижеца гьезда. Гьедин хъун, гьанги бичунги бецӏула гьез жидеда тӏад къотӏараб гӏакӏа.