Дагьаб цебегӏан къватӏибе бачӏана Шамил имамас хъварал, гьесухъе хъварал, гьесул хӏакъалъулъ 1836-1886 соназ хъварал кагътаздаса данде гьабураб тӏехь.

Гӏараб мацӏалдаса магӏарул мацӏалдеги руссинарун, тӏехьалда гьел лъун руго Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевас.

Тӏехьалда лъурал гӏемерисел кагътал руго жеги кирниги рахъичӏел. Гьел цӏаларалго, церечӏола кӏудияв имамасул магӏарул халкъалъулги бахӏарчияб сипаталги гӏагараб ракьалде букӏараб хӏасратаб рокьиги. Тӏехьалъе хъвараб цеберагӏиялда авторас рехсолел руго кагътал кодоре щвеялъе квербакъарал гӏадамазул цӏаралги. Масала, Яловалдаса магӏарул мугьажир Жахӏбар Барлас, Гӏахьалчӏиса Мухӏамаднурил Мухӏамад, Гӏуркӏачӏиса Алданов Мухӏамад, Гьандихъа Набил Мухӏамадил Гӏабдурахӏман.

Гьеб тӏехьалдаса цо-цо бутӏаби, хадусеб номералдаса байбихьун, газеталда рахъизеги руго.