Магӏарул шагӏир Залму Мухӏамадовалъулгун дир лъай-хъвай ккаралдаса гӏурабго заман буго.
Берцинаб гьурмада гьимулел зодикьерал бералги, беразул хӏоринир лъедолел анищалги, гьезул гъварилъуда бахчараб балъголъиги, гьеб киналдаго тӏад нурлъун гвангъун рещтӏун бугеб гьуинаб гьимиги. Рокьул цӏураб гӏажаибаб балагьиялъ бицунеб бугин ккола гьелъул шигӏрабазул гӏидраялда тӏегьарал сариназул.
Хӏикматаб сихӏкъотӏиги тӏуркӏизабун, цӏидасанги рагӏулеб буго магӏаруллъиялъухъги рорхатал мугӏрузда тӏавап гьабулел пахруял цӏумазул рорженалъухъги, мугӏрул ахалъудасан чвахулел рацӏцӏадал лъаразул чилиялъухъги урхъараб шагӏиралъул гьаракь.
Ватӏаналъухъ урхъи – гьеле Залму шигӏрабазда чӏвараб даимаб мугьру:
Рорхатал мугӏрузул гӏиял рехъаби,
Гӏазулал мугӏрузда тӏад чӏараб ритӏучӏ,
Тӏогьол байдабазда кечӏгун гӏанса хӏинчӏ,
Унго, магӏаруллъи, цо дур берцинлъи!
***
Ахӏулъ яхӏ рехичӏел чӏухӏарал васал,
Намус цӏунаразулъ цӏар бугел ясал,
Иманги щулияб, исламги ккураб
Унго, магӏаруллъи, цо дур берцинлъи.
Магӏаруллъиялъул берцинлъиялдаса бергӏорцӏуларей шагӏиралъул гьоркьо-гьоркьоб рахӏат хьвезабулеб буго, цо-цо мехалда, миллаталда гьоркьоб гьечӏеб цолъиялъ:
Цолъе, магӏарул васал,
Цогиязе мисаллъун,
Цолъарал церехун ун,
Нилъ нахъа хутӏун ругин.
***
Кин ругел, магӏарулал,
Кир ругел, магӏарулал,
Вацал цадахъ хутӏичӏеб
Хъизан бихьулеблъи лъай.
Гьаб сарин гӏодулеб буго магӏарулазул жакъасеб къисматалъухъ. Ватӏаналъул пикрабиги, рохелги , релъиги, гӏодиги, угьдиги щущан руго шагӏиралъул шигӏрабазул гӏидраялда. Гьенир тӏирщарал ва тӏирщулел ругел сариназулъ дида дунгоги ятула. Дир къисматалъги магӏу тӏолеб буго гӏолиллъиялда хадуб. Жегиги анищазулъ чверделеб бугеб гьелъ цин йосун лъола жиндирго гӏурул рагӏалда, цинги – гьел цӏидасанги гьелчола гӏумруялъул карачалабазде данде:
Дир анищазул лъар, ракъдалал соназ,
Къечон дун холелъул, гьекъезе щвечӏеб.
Дир анищазул лъар, анищазул лъар,
Кватӏун букӏаниги дихъе чвахулеб….
Ботӏрол расазда саву кколелъулги, каранда кӏетӏолеб рекӏел твархи загӏиплъулелъулги, хьулазул хьухьакье ккарал пикраби дагьалъги гӏанчӏлъулелъулги, Залмул асарал кӏетӏола гӏумруялъул хаслихълъиялда. Гьеб бачӏуна, лъимерлъиги гӏолохъанлъиги цадахъ бачун. Цинги цӏидасан, кьурдула анищал, хӏайранал сариназул асирлъуде ккарай дие гьимула талихӏалъул бакъ. Гьеле гьединаб гӏажаибго берцинаб гогьаралъул накъищаз угьараб асар гьабула дие тӏубачӏеб рокьулги, билараб талихӏалъулги, гӏорцӏизегӏан хӏохьбазе щвечӏеб гӏолохъанлъиялъул иццухъ тӏураб магӏуялъул хӏакъалъулъ хъварал шагӏиралъул кучӏдул цӏалидал!
***
Саназул гъаталде гъегъ бананиги,
Гъорлъан инагьдула анищазул лъар,
Тӏад къанал чӏван, чвахи къинабуниги,
Къин гьечӏеб лъарал лъим баккула тӏаде.
Яги:
Рекӏараб цӏадутӏе цӏад щай балареб,
Цӏахӏилал беразул нур босилалде,
Цӏваби гъараб зодоб мацӏ щай щолареб,
Моцӏроде кӏетӏолеб ракӏ лъалхъилалде.
***
Ва цо заманаялдаса, пашманал пикрабиги щущазарулаго, гьале жибилан гӏолохъанлъиялъул хьухьикьан баккун бачӏуна, талихӏалъул хӏинчӏ, дир гӏамирко хӏинчӏ – хӏеренаб, недегьаб, гӏанчӏаб, гогьаб лъимерлъи:
Талихӏай йикӏана гьитӏинаб мехалъ,
Гьури тӏад кьурдулей кьурулъеги ун,
Гӏодой ялагьани, бетӏер сверулеб
Парсиб бижараб тӏегь тӏезе хӏалкӏведал…
Ва амма гӏолилалъул гӏумруялъе гьарулел бадирчӏваяз тӏаде цӏалеб буго чӏегӏераб сордо:
— Талихӏ, унго, талихӏ бачӏунищ унеб?
Ялъуни кидаго аскӏобищ чӏолеб?
Талихӏай ятани, щай пашманлъиялъ
Щибаб маркӏачӏуда дир ракӏ къанцӏулеб?
Шагӏиралъул шигӏрабазухъе нуцӏа къиридал, дида чӏвала магӏарул рогьелалъул гьогьенги, йохизаюла гӏидраялде ккараб рокьул щуб талихӏалъул бакъуде данде кӏенчӏолелъулги, сири базабула къисмат бигъаразул рекӏел сариназги. Гьеле гьединаб гӏемеркьеразулаб шигӏру буго магӏарул шагӏир Залму Мухӏамадовалъул.
Нахъойги ахӏулеб буго шагӏиралъ:
— Кӏваричӏо дий гӏумру, гӏураб ракьалда
Гӏадамал дидаса къварид ругони,
Къабуллъиларо дий бачӏунеб заман,
Йорчӏами кьураца жаваб кьолареб.
Къокъаб гӏумруялъул къваридаб нухда,
Къадру цӏунун, дица тӏамила къоял.
Къаникье индалцин, лъалелщинаца
Лъикӏай йикӏанилан абулеб куцалъ.
Исана Залму Мухӏамадова гьаюралдаса тӏубана 55 сон. Гӏумруялъ кӏиго щуйилаб лъолеб гьеб талихӏаб лахӏзаталда, дица шагӏиралъе гьарула къин гьечӏел шигӏрабазул иццухъ талихӏал сариназе даимаб чили. Биччанте гьеб букӏине цӏияб гӏумруялъул цӏияб байбихьилъун.