Кверги ккун, магӏуги релъиги цадахъ босун, ячана дун артистка Майсарат Гӏабдулмажидовалъ театралияб дунялалде.

Гьелда дандчӏвай гьабизелъун данделъун рукӏана Махӏачхъалаялда, Поэзиялъул театралда Магӏарул театралъул артисталги, журналисталги, гьелъул театралиял сипатаз асир гьарурал магӏарулалги.

Гӏадамазул ракӏазулъе рохелги, хинлъиги, рокьиги босун ячӏуней Фазу Гӏалиевалъул сипаталдалъун дандчӏваялде рачӏаразда цее яхъана Майсарат.

Гӏадамазулги, дунялалъулги, дунял хӏабургъине гьабулел лъугьа-бахъиназги гӏумру кьогӏлъизабурай шагӏиралъул рекӏел хӏал бигьалъулеб буго, гӏолилазе кумек гьабизе щвараб мехалда. Гьел лахӏзатаз гьелда кӏочон толеб буго рукъги, хъизамги, росасул лъадилъун йикӏинги.

Балагьаразе кӏудияб асар гьабуна Мусалги Фазулги гара-чӏвариялъ. Гьесдаги бичӏчӏулеб буго жиндиялдасаги гӏадамазе шагӏир къваригӏун йигеблъи.

Гьеб букӏана гӏурус мацӏалда тӏоцебе шагӏиралъ хӏалеб роль. Гьединайго йиго гӏумруялдаги Майсарат – яцӏцӏадай, ритӏухъай, ккаралъуб заз гӏадайги, гьеб зазие гьайбатлъи, хӏеренлъи, неделъи кьолеб цо балъголъиги буго Майсаратилъ бахчун.

Гьеле гьединайлъун, аваданай, аскӏор ругезеги гьеб аваданлъи кьолей артисткаялъ гьеб сордоялъги хӏайран гьаруна магӏарулал. Майсаратил творчествоялъе сайгъат гьабураб тадбир рагьана «Дун гьаюна хасало» абураб Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъе сайгъат гьабураб спектаклялъул цо-цо бутӏабаздасан.

Кинабха бугеб Майсаратил театралияб дуниял? Цӏакъго хӏайранаб ва хӏикматаб. Гьейгун лъай-хъвай гьабизе гъира ккарай дун щвана гьелъул рокъое. Гьаризегицин ккечӏо – щуго минуталдасан гьелъ дие рагьана чанго батӏияб сипат. Дие хӏалае магӏуги лъугьана, жибги гьаниб бугилан релъиги кӏанцӏана. Дида цее йикӏана дунялалъухъги гӏадамазухъги ккараб гӏищкъул ракӏ цӏурай магӏарулай.

Майсаратида байрам баркана ва гьелъул творчествоялъул хӏакъалъулъ бицана Магӏарул театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас, гьелда цадахъ Тбилисалъул театралияб институталда цӏаларал, гьабсагӏаталдаги театралда хӏалтӏулел ругел Гӏалисултан Батировас, Нурмухӏамад Нурмухӏамадовас, театралда хӏалтӏулей йигей гьелъул яс Аидаца, гьудулзабаз. Тадбирги букӏана цогидал мажлисазда релълъинчӏеб, рекӏелгъей цӏикӏкӏараб, кӏалъаял дагьаб. Гьоркьо-гьоркьоб бихьизабулеб видеофильмалъ ракӏалдещвезарулел рукӏана даим гӏолохъанго йикӏине йигей Майсаратил лъимерлъиги, гӏолохъанлъиги, цӏалул соналги.

Суратаз бицана кинабго: хӏарал ролалги, чӏвараб хъатги, артисткаялъ гӏадамазе сайгъат гьарурал сипаталги.

Артисткаялда байрам баркана ва Борис Пастернакил кочӏодасан гьитӏинабго моноспектакль бихьизабуна ДГУялъул культураялъул факультеталъул студентас, Магӏарул театралъул гӏолохъанай артистка Анисат Гӏисаевалъ бихьизабуна проза пасихӏго цӏализе жиндирго бугеб махщел.

Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка Патӏимат Хӏажиевалъ ва композитор Ахӏмад Гӏамирхановас музыкалияб саламалдалъун баркана Майсаратида гьелъул байрамалъулаб сордо.

Дандеруссинин абуни нухда бачана ва табдиралъул гӏахьалчагӏазе батӏияй, нилъеда, ай магӏарулазда лъаларей Майсаратил гвангъараб сипат рагьана поэзиялъул театралъул хӏалтӏухъан Ариза Батировалъ.

Лъугӏана байрам. Гьеб букӏана артисткаялъул пагьму-гьунаралде гьелъ жинцаго рагьараб цӏияб нухлул цӏияб байбихьи.