Ракьалде бачӏиндал, тӏоцебе лъимералда дандчӏвайги гьабула гьелъ. Гьеб гьаракьалъ дунялалъего бицуна жиндирго талихӏалъул рохел.
Талихӏалда къвалги бан, гьеб боржуна зодор бищунго берцинал цӏвабзахъеги. Гьезул маржаналги гьарун, жиндирго лъимадул горбода дализарула.
Цинги кинидеги къулун йигей эбелалъул гьаракь гаргадула лъимергун, цо гьеб гьаракьалъ лъимер беэдун толеб куцха! Гьеб гьаркьица ахӏарал лъугӏи гьечӏел сариназ нухарегӏула нилъ талихӏалде данде. Амма цо-цоял нух къосун ккедал, гьеб гьаркьил талихӏ къуна. Гьелъул угьи-зигара рагӏани, зобалги ракьалги цоцалъ къабгӏила.
Унго-унгоги гьелъул букӏунеб зириги зваргъиги, лъимер белъулеб мехалда. Лъимералъул талихӏалда баулелъул, гьеб гьелчезе лъугьунеб куц!
Гӏенекке цо лахӏзаталъ. Рагӏулеб гьечӏищ, васасул зонода къвалги бан, инагьдулей эбелалъул гьаркьил хъуди. Гьелъул гъугъадиялъ гъугъ гьабула гӏумруцин, гьелъул гьелегьиналдаса лъугьараб пириги речӏчӏун, кьолболъанго чӏурхӏун рехула къисматалъул гъветӏ.
Гьале цоги лахӏзат. Берккеялда хӏинкъараб. Васасе ригьин гьабулелъул, гьелъул гьаракь кьурдулеб букӏуна. Бакъул чӏоразул кунчӏигун жубараб гьеб рокьул дандерижилъун бессула лъималазул нусабго логолъ. Цинги цӏидасанги – эбелги лъимерги. Рекӏел тӏиналдаса роргьун рачӏунел талихӏалъул сариназулъ тӏепун руго кӏиялго.
Эбелалъул гьаракь. Гӏемеркьеразулаб: хъахӏабги, чӏегӏерабги, бохарабги, пашманабги, гъугъабги, зирарабги…
Гьелъ чӏегӏербала, лъималазул талихӏалда балагь кӏетӏедал. Гьеб гъугълъула, гьезул къисматалде гъегъ байдал, пашманлъула гьеб, лъималазул талихӏги къисматги, рукъ тун, къватӏир хутӏидал.
Эбелалъул гьаракь. Гьелда хъахӏаб кьер чӏвала, лъималазул талихӏалда бакъул чӏорал квалидал. Гьеб зирула, лъималазул къисматалъул щибаб тӏанчида щубалъ расенал угьидал. Бохула, белъула гьеб, лъималазул талихӏги къисматги, къватӏ тун, рокъоре тӏад руссиндал.
Эбелалъул гьаракь. Гӏемеркьеразулаб. Кинаб кьералъулдай гьеб букӏараб дир эбелалъул?!
Захӏмалъулеб буго гьелъие жаваб кьезе. Хъахӏаб кьералдасаги цӏикӏкӏун чӏегӏералъ гӏемераб хъвай- хъвагӏай гьабураб гьеб гьаркьихъ урхъараб магӏу, тохлъукьего рещтӏараб гӏумруялъул цӏороялъ гӏунизарурал дир гӏанабиги чурулаго, тӏинкӏунго тӏинкӏун уна ракьалде…