Авгӏаги кив вукӏаравинги абун, нужеца гьаб казият нахъе реххичӏони, дица нужее кӏванагӏан къокъго бицина гьал къоязда Дагъистаналда рукӏарал жамгӏиял ва политикиял лъугьа-бахъиназул.

Тамашаял лъугьа-бахъинал ккана араб ва унеб бугеб анкьида жанир Дагъистаналда.

Тӏоцебесеб — нужеда киназдаго лъалеб, казияталъул ахирисеб тӏанчида бугеб цӏияб хабар – «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторлъун Гӏумахан Гӏумаханов вачӏин.

Гьелъул халат гьабиларо, нужедаго лъан букӏине бицун толеб буго. Дагъистаналъул хӏукуматалъ ишги лъалев, лъайги бугев, аваро-андо-цезал абун анцӏихъе бикьараб нилъер миллаталъул киналго чӏагоял — гьунарги, пикруги, асарги, жидерго хатӏги, хъвайги бугелщинал къуватал магӏарул басмаялда сверухъ цолъизаризе тун вуго Гӏумахан хъулухъалда, дида бичӏчӏулеб бакӏалдаса. Гьедин бугин бичӏчӏизабуна информатизациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегиревас данделъиялдаги. Уйила, гьедин бугин гьебилан тасдикъ гьабуна гьеб пикру данделъаразги.

Ахиралда казияталъул концепциялда тӏасан камилаб калам гьабуна цӏияв редакторасги.

Кӏиабилеб лъугьа-бахъин ккана гьадинаб. 1990-абилел соназул бащалъудаса нахъе республикаялъул хъазнаялъул щекъер щулаго ккун букӏарав, республикаялъул бетӏерлъиялде кидагосев кандидат Сайгидхӏусен Мухӏамадов хъулухъалдаса нахъе унев вугин бичӏчӏизабуна Халкъияб собраниялъул сессиялда республикаялъул бетӏер В. Васильевас. Гьеб хабар рагӏарабго «вахӏ» — илан гъванща хъасана сессиялда чанго депутатасги саламатал министразги. Политикаялда хадур халккурал чагӏазда Сайгидхӏусен лъалаан федералияб централда къуваталъулазда гьоркьор кӏудиял бухьеналги ругев, В. Путинил администрациялда мугъчӏвайги бугев, хъулухъалъ тӏаде гьункьун гурони, гъоркье рещтӏине ресго гьечӏев чи хӏисабалда.

Иш батӏайиса бугин бичӏчӏизабуна тӏоцеве казначействоялда тӏаса критикагун цеве вахъарав депутат Салихӏ Хӏажиевас. Гьев жого гьечӏого цеве вахъарав чи гьечӏеблъи бичӏчӏана хадубго депутатасул пикруялъул рахъккун В. Васильев кӏалъайдал.

Сессиялъул тӏоцебесеб бутӏаялдаса къватӏире лъугьарабго, Хъахӏаб рукъалъул жанахӏалъуб цо магӏарулазул депутатас бадирчӏваял гьаруна Салихӏие магӏарул чи какун цеве щай вахъаравинги абун. «Гьесда кӏалъаялъул пайда гьечӏо, гьеб буго чи чӏванин туманкӏалда гӏайиб чӏвай гӏадаб жо. Тункӏида гурелъул букӏунеб гӏайиб, гьеб кьвагьулесдалъидал. Гьевги гьеб абизе витӏарав чи вуго, гьесул хъундахъ ккурав чи хадув кӏалъана», — ян абуна дицаги гьев магӏарул депутатасда.

Хӏасил-калам, гьаб политикияб лъугьа-бахъиналдаса нилъее баянлъулеб буго гьадинаб хӏакъикъат. Кигӏан гӏемер казначей нахъе витӏизе кколин цере рукӏарал нилъер бутӏруз Кремлялде кагътал хъваниги, дора ругез гьел хитӏабал къабул гьарулаан республикаялда жанир унел гӏарцул ва политикияб асаралда сверухъ бакӏалъул къокъабазул кьеркьей гӏадин. В. Васильевас пуланав чиновник нахъе витӏизе кколин ишара гьабуни гӏолеб буго Москваялъе хӏукму къотӏизе. Официалияб къагӏидаялъ казначей тахбакӏидаса махӏрум гьабураб хӏукму бугищали лъазе кӏоларо, амма В. Васильевас сессиялда лъазабуна гьес гӏарза кьун бугилан.

Гьединаб ккана ахир Дагъистаналъул цӏияб тарихалда бищунго щулаго ва халатбахъун тахбакӏ ккуразул цоявлъун рикӏкӏунев вукӏарав республикаялъул хъазначи Сайгидхӏусен Мухӏамадовасул. Гьеб ккола республикаялъул бетӏерас республикаялъул тӏалъи тӏубанго жиндирго кверщалида гъоркье босиялъул гӏаламат. Лъикӏищ гьеб квешищ Дагъистанаялъеяли бихьизабила заманалъ ва ишаз.

«Къалеб буго пардав «хъазнида» нахъа, хъизамал кьаллъараб театралъул…» абурал шагӏирасул рагӏаби хъвалсараб магӏнаялда гурел, битӏахъе рачӏунел руго жакъасел жамгӏиял ва сиясиял харбазда хадуб халккураб мехалда.

Хабар лъикӏаб рагӏаги.