Цебесеб анкьида Махӏачхъалаялда тӏобитӏана халкъазда гьоркьосеб исламияб конференция.
Россиялъул регионаздасаги батӏи-батӏиял улкабаздасаги рачӏарал вакилзабаз бицана жакъа дунялалда киназего гӏаммаб исламияб цо проект гьечӏолъиялъулги, Сириялъул хӏукуматалда данде рагъулел рукӏарал «смертникал» дагьлъиялъулги, чи мекъи ккеялъе интернеталдасан гьарулел хӏалбихьиязулги.
«Смертникал» дагьлъулел руго
Дунялалда исламалъ кколеб бакӏалъул бицунеб секциялда тӏадчӏей гьабуна Сириялда унеб бугеб рагъуда.
Масала, Севастополалъул пачалихъияб университеталда хӏалтӏулев гӏарабияв Канах Аммар Махӏмуд Аль-Мутлакил рагӏабазда рекъон, Россиялда гьукъараб террористазул гӏуцӏи — ИГИЛалъул рукӏарал боевиказул 70 процент кколаан «смертниказул». Амма гьелги гьанже дагьлъулел ругила.
Щайин абуни, гьезда бичӏчӏулеб бугила жидер идеологиялъ жал махсароде кколел рукӏинги.
Сурсатал руго,
«Рихьдае хӏалтӏиги, ххвалие гьарулел жалги руго гӏемерлъун. Кутакалда гьелъул заралги буго жамгӏияталъе. Щайин абуни, гьелдалъун кӏигьумерчилъиги гӏемерлъулеб бугелъул», — ин бицана тарихиял гӏелмабазул доктор Хӏайбула Мухӏамадсалихӏовасул.
Гьеб рахъалъ исламалде божилъи бугоан гьесул.
Сурсат буго, амма загьирлъун гьечӏо
Адыгеялъулги Краснодар краялъулги муфтиясул заместитель, философиял гӏелмабазул кандидат Асфар Шаовас рикӏкӏунеб буго гьабсагӏаталда дунялалда исламияб (теологиялъул) центр гьечӏилан.
Гӏусманиязул халифат аралдаса нахъего гьечӏила гьеб.
«1 400 соналъ данде гьабураб исламияб сурсат буго, амма букӏине кколеб куцалда загьирлъун гьечӏо гьеб. Щайгурелъул нилъеца гӏумру гьабулеб буго исламияб гуреб, бахътӏерхьул Европаялъул къагӏидаялда гӏуцӏараб дунялалда», — ян абуна Асфар Шаовас.
Цинги суалги лъуна 21 гӏасруялъул бусурбабазда кӏвеладай интеллектуалияб жигьадалде ахӏулеб исламалъул цо глобалияб проект гӏуцӏизеян?
Западалъул лозунгалги Краснодар краялъул гимнги
Къойидаса-къойиде исламалдехун кӏвар цӏикӏкӏунеб бугин, амма гьеб хадуб хъаравуллъи гьечӏого тезе бегьуларин абуна ННТялъул бетӏерав редактор ва политолог Ханжан Къурбановас. Щайгурелъул исламалъул багьанаги батун, чи мекъи ккезавизе рес бугила хасал чагӏаз.
Валлагь, соцсетазда гӏемерисеб мехалда экстремистал жидедасаги цере ккун ратулилан мукӏурлъана Татарстаналдаса вакилги.
Дагъистаналъул теологиялъул институталъул ректорасул кумекчи Ахӏмад Жамалудиновас ракӏалде щвезабуна экстремистазул кверщаликье ккеялда рес букӏун къараб соцсетазул 280 къокъа.
Амма гьедин гьабуниги, экстремистазул агитаторал жеги цӏикӏкӏун ратанила: гьел рокъо-рокъоре ракӏаризе лъугьанила.
Отставкаялда вугев Краснодар краялдаса подполковник Николай Кизимовас бицана гӏолилазулгун бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи жидеца кин гьабулебали:
«Цо-цо мехалда нижеца халгьабула бакътӏерхьудасан гьанире, Северияб Кавказалде, хасго Чачаналде, «ритӏун рачӏунел» лозунгазулги.
Масала, гьезул цояб буго гьадинаб: «Если ты не пил вина, не валялся в луже, значит, ты – не россиянин, нам такой не нужен»».
Тӏад балагьун кеп щолеб гӏадаб жо гьечӏищха? Амма гьелъул магӏна буго дол бакътӏерхьул улкабаздасан хасал хъулухъазе нилъер чи мехтун, хӏорилъ гевегахъдулев вихьизе».
Хадуб подполковникас бицана улкаялда гӏумру гьабун ругел гӏадамал, цоцазул культураги тӏабигӏатги бичӏчӏун, цоцаздехун сабруялда рукӏине ккеялъулги.
Гьеб мехалда гьал мухъазул авторалъ гьесда гьикъана дуда Краснодар краялъул гимналъулъ ругел рагӏаби лъалищан.
«На врага, на басурманина, мы идем на смертный бой!» — гьел рагӏабазе къимат кьезе ккелилан закон цӏунулел идарабазде хитӏаб гьабун букӏана Дагъистаналъул бетӏерлъиялда вукӏаго Рамазан Гӏабдулатӏиповасги.
«Дида рагӏана гьелъул хӏакъалъулъ. … Амма гьеб захӏматаб суал буго. Нилъехъа гьабсагӏат цоцалъа бахъунги бажаруларо. Дун, Краснодар краялда, хӏалтӏулев вукӏун гурони, гьениса чиги кколаро.
Дун дуда разияв вуго. Амма нилъеда гьеб хисизабизе кӏолареб жоялъул бицинчӏого чӏезе руго», — ян жаваб кьуна подполковникас.