Унго-унголъунги, сунцадай жакъа борцунеб магӏарул кочӏол роцен?
Цо-цояз лъагӏалида жаниб лъаб-лъаб нухалда кьолел концертаздай, гьенир ахӏулел цо-цо чӏорогоял кучӏдузе чӏвалеб хъатил гъугъаялъдай, яги бертабазулъ букӏунеб сухӏматалъдай, ялъуни…
Гуро. Мугӏрузгицин бутӏрулги къулулеб, гьезул чундулгицин соролеб гьаракьги биччан, тӏолабго магӏаруллъиялда рокьул дандерижилъун ахӏулеб кочӏол цӏакъго тӏадегӏанаб багьа букӏуна.
Гӏенеккея цо лахӏзаталъ:
— Борхатаб магӏарде тӏадеги яхун,
Тӏогьоде бикьила духъ ккараб рокьи…
Огьо-гьой! Гьеб рокьул бацӏцӏалъи. Чӏужугӏаданалъул намусалъул борхалъи. Дандекквезегицин кӏвезехъин гьечӏо гьеб кечӏ цо-цо жакъасел рокьул кучӏдузда.
Жакъасеб магӏарул кочӏол дунялалда бугеб ахӏвал-хӏалалъулги, кочӏохъабазулги, магӏарул кочӏол борхалъиялъулги хӏакъалъулъ гара-чӏвари ккана дир Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар Гӏумархӏажиевасулгун.
Гьесул кечӏ кидаго бокьана дие. Гьелъ бицуна нилъее магӏарул миллаталъул тарихалъулги, бахӏарчилъиялъулги, тӏадегӏанлъи-борхалъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьес кечӏ ахӏулелъул, берда цере тӏиритӏула тӏогьода босараб росдал сипатги, лъимерлъиялда кунчӏи базабурал росдал къватӏалги, гьениб лъугьунеб-бахъиналъул нугӏзаллъун кколел росдаде тӏаде къуларал мугӏрулги. Гьелъулъ буго Абакарил кочӏол къуватги – гьелъухъ гӏенеккарасул рекӏел тӏиндеги лъугьун, гьелъул кӏутӏиги хӏалуцинабун, нилъер пикрабазулъгицин ханлъи гьабун бажари. Абакарил кочӏол щибаб рагӏи «хӏалтӏула». Гьеб хӏалтӏулеб гьечӏони, кочӏолъ кепги рещтӏунаро.
Гӏагараб Тӏидиб росдал школалда цӏалулеб мехалдаго, гӏахьаллъулаан Абакар магӏарул кочӏол конкурсазда. Кидаго кколаан цересел бакӏалги. Росулъ гьавурав, росулъ гӏун вачӏнев вугев магӏаруласул рекӏелъ даимго рукъ ккуна унго-унгояб магӏарул кечӏалъ. Гьелъулъ батана гьесда жиндирго талихӏалъул цо бутӏаги. Гьеб кечӏалъ, кверги ккун, нухарегӏана вукӏинесев халкъияв кочӏохъан балъголъабазул цӏураб магӏарул кочӏол дунялалде. Жакъа гьесда кӏвана гьелъул тӏогьазде вахине. Ва гьеб хӏиматаб дунялалдаги буго Абакарил кочӏол хасаб улка. Гьениб буго багьадурлъиги, бахӏарчилъиги, рокьиги, ццинги, магӏуги, релъиги.
Кӏудияб искусствоялде тӏамураб тӏоцересел галабазул бицунелъул, Абакарица ракӏалдещвезабуна:
— Дун цӏалулев вукӏана анкьабилеб классалда. Росулъе, дунги цӏехон, рачӏун рукӏана «Тайна синих гор» («Хъахӏилал мугӏрузул балъголъи») кино бахъулел режиссеразул къокъа. Гьезда абун буго Советский районалъул (гьанжесеб Шамил район) Тӏидиб росулъ вугин гьеб киноялда кечӏ ахӏизе бугев васасе дандекколеб гьаракьилан. Гьединаб букӏана искусствоялъул дунялалде тӏоцеве дун лъугьунеб лахӏзат.
Абакар Гӏумархӏажиевас лъугӏизабуна ДГПИялъул музыкалияб факультет. Гьелдаса хадуб хъулухъ гьабуна армиялда, Грузиялда. Гьенибги гьес гьудуллъи къотӏизе течӏо магӏарул кочӏолгун. Гуржияз кӏудияб адаб гьабулаан гьес магӏарул ва гӏурус мацӏазда ахӏулел кучӏдузул.
1990 сон. Гьелдаса нахъе щуго соналъ Абакар Гӏумархӏажиев хӏалтӏана Казбек районалда. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏараб «Салатавия» кочӏол ансамбль машгьураб букӏана Дагъистаналда. Дагь-дагьккун тӏадегӏанлъиялде боржунеб букӏана Абакарил кечӏ.
29 сон барав гӏолиласе кьола «Дагъистаналъул мустахӏикъав артист» абураб тӏадегӏанаб цӏар.
Гьабсагӏаталда Абакар Гӏумархӏажиев хӏалтӏулев вуго Магӏарул театралда музыкалияб бутӏаялъул нухмалъулевлъун. Гьес бакънал хъвала сценаялда лъолел спекталязе. Гьезда гьоркьор руго «Аманат», «Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ», «Булбулалъул кечӏ» ва цогидалги. Гьединго гьев ккола театралда бугеб чӏарадисезул хоралъул гӏахьалчиги.
Абакарица дие рекӏехъе рикӏкӏана Расул Хӏамзатовасул, Жабрагӏил Хӏасановасул, Мухӏамад Гунашевасул, Залму Батировалъул ва цогидалги магӏарул шагӏирзабазул кучӏдул.
— Дие рекӏее гӏураб кечӏ дица лъазабула, цинги ахӏула. Кигӏан хӏаракат бахъаниги, ракӏалдаги чӏоларо гьелъие къабуллъичӏеб кечӏ, — ан абуна Абакарица.
Гьабгощинаб кечӏ рикӏкӏараб мехалда, цониги ахӏизе бегьиларищан дица абидал, Абакарица ахӏана жиндирго бакъаналда М. Гунашевасул рагӏабазда «Цо берцинай гӏадан херлъулеб мехалъ» абураб кечӏ.
Ботӏрол расазда гӏумруялъул савуялъ хӏасраталъул накъищал угьулеб гьаб заманалда, дир рекӏее гьелъ пашманлъиги рохелги жубараб асар гьабуна. Лъедолей, гьелчолей йикӏана къисматалъул карачелабазулъ, цин рагӏалде рехун, цин жиндирго хӏориний гьукъизаюн. Ахӏана Абакарица цогидал кучӏдулги.
Ахӏана бахӏарчилъиялъул, яхӏ-намусалъул, магӏарул миллаталъул борхалъиялъул хӏакъалъулъ. Гьебгощинаб кочӏода аскӏоб рокьул кочӏое бакӏгойищ гьечӏебилан, дица абидал, Абакарица жаваб кьуна бугизего кӏиго рокьул кечӏ бугин жиндир кучӏдузул гъасдайилан ва ахӏун биччана:
— Кӏиго берцинаб бер цохӏо надалда,
Цохӏо дур кьунсрузул кьури гӏолев дун.
Нусго хӏанчӏилаб кечӏ гьеб дур мацӏалда,
Цохӏо дур рагӏиялъ гӏадаллъулев дун.
Бихьулищха, бегьулеб букӏун буго гьадинабги, чӏужугӏадан мугӏрузулаб борхалъиялда лъолеб, рокьул кечӏ ахӏизеги.
Магӏарул театралъул артистка, Дагъистаналъул халкъияй артистка Зайнаб Хӏамзатовалъ Абакарил бакъаналда «Ахилчи» абураб кечӏ ахӏулеб рагӏидал, магӏу кквезе кӏолев чиго вукӏун ватиларо театралъул залалда тӏобитӏараб цо тадбиралда.
Бакъназулъги букӏунеб буго инсан асир гьавизе кӏолеб къуват. Гьединал руго абакарил бакъналги. Гьезулъ руго гӏодиги, рекӏел къварилъи-рохелги, хӏанчӏазул чӏириги, лъаразул чилиги, тӏабигӏаталъул рииги, гӏумруялъул их-хаселги, умумузул бахӏарчилъги.
Гьез цин тӏолабго черхалда гъаргъар базабула, цо заманалдаса рекӏеда гӏумруялъ чӏвазабураб цӏер биинабула.
Абакарил кучӏдулги бакъналги цадахъ хӏалтӏулел руго.
Гьединаб гӏажаибго бацӏцӏадаб кочӏолаб дунялалда магӏарулазе жинцаго рагьараб жиндирго улкаялда жиндирго кечӏ-бакъангун, пахруял ва чӏухӏарал цӏумазул тӏадегӏанаб рорженалда аскӏов вуго жакъа Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар Гӏумархӏажиевги. Гьеб цӏаралъе гьев мустахӏикълъана 2018 соналъул 4 апрелалда.
Гьединго Абакар хӏалтӏулев вуго Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралдаги.
Гьев гӏахьаллъана Г. Хӏасановасул «Хочбар», М. Хӏусейновасул «Шарвили», М. Кажлаевасул «Валида» ва цогидалги операбазда
Гьалеха гьаданаб буго магӏарул кочӏол багьаги роценги. Кочӏохъ гӏенеккаразда жалгоги жидерго къисматги кучӏдузулъ батулеб бугони, гьеле унго-унгояб магӏарул кечӏ.
Артистасул рахӏат хвезабун буго, жакъасеб магӏарул кочӏол гъасда «цӏикулел» ругел цӏвабзазул кунчӏи бихьун.
Амма гьединазул кечӏ гӏемераб заманалъ «хӏалтӏуларо».
Гӏумруялъул карачелабазде данде лъедон бажаричӏеб гьеб нухдаго хутӏула. Унго-унгояб магӏарул кочӏол хӏикматаб гъасда Абакарица бакараб ва гвангъун, гьелегьун рекӏун бугеб хӏасраталъул цӏа даимаб букӏиналда дир ракӏчӏола.