Лъимерлъи дир талихӏаб букӏана. Инсуцаги дун бищун гьитӏинав вугилан гогьдаризе гьавулаан.
Гьесда данде рагӏи абизе кӏолев чиги хъизамалда цо дун гурони вукӏинчӏо. Гьедин, рохалилги, рецц-бакъалъулги, сайгъатазулги цӏураб, вугев цӏакъав василан абураб жо гурони гӏинда чӏвалареб, талихӏаб гӏумру букӏана дир. Цо заманалдаса дие гьавуна гьитӏинав вац. Гьев вукӏана цӏакъго чӏагояб, тирияб, цо бакӏалда чӏезе кӏолареб лъимер. Ракӏалда буго дун гьевгун васандулев вукӏараб мех. Ниж рохун рукӏарал куц гьес тӏоцересел галаби тӏамигун, тӏоцересел рагӏаби абигун…
Ракӏалда гьечӏеб балагь тӏаде бачӏинегӏан. Эбелги, унтарав чиясе хехаб кумек гьабизе аскӏоб бугеб росулъе ине ккун, гьитӏинав вас тола рокъов, дир яцалда аскӏов. Цо параялъ гьелъ тӏаса бер босидал, чайникӏалъул кварги цӏан, гьалараб лъим уна дир вацасде тӏаде. Кигӏан дару-сабаб гьабуниги, гӏемераб мехалъ кӏолеб букӏинчӏо ругънал сах гьаризе. Гьабсагӏаталдаги рекӏелъ къан буго, эбелалъ уколал гьарулаго, гьесул букӏараб гӏоди…
Дица гьарулаан эбелалда уколал гьаругейин, гьесда унтулеб бугин. Гьабичӏони дагьабги цӏакъ унтула, дир василан, абулаан эбелалъ. Гьанже бичӏчӏана дида досул цӏа-кан гӏодобе биччазабизе кӏоларого дол рукӏараллъи. Хасалил сордо… Рогьинегӏан цо лахӏзаталъ чӏечӏого гӏодилеб лъимер… Гьесде тӏаде къулун гьабизе жо тӏагӏарай эбел… Ракӏалда буго цо квачараб хасалил сордо. Эменги вукӏинчӏо рокъов – жиндирго къваригӏелалъ районалдейищ, шагьаралдейищали ун вукӏаравали. Дун ворчӏизавуна гӏодиялъ. Валагьана юргъаналда гъоркьан. Эбел йигоан гӏодулев гьитӏинав вац веэдун, гьевгун квалквадилей. Гьев гӏодове вуссинародаян берцинал, хӏеренал, недегьал рагӏаби гьесда абулей. Цо заманалдаса эбелалъул гьаракь тӏагӏана, вацасул гьаракь дагьабги кӏодолъана. Валагьидал, эбел йиго досда гьумерги цвизабун, нижеда рагӏичӏого букӏине, гӏодилей. Щаялиго дун хӏинкъана вагъаризе.
Дида кколеб букӏана, жийго йихьарайлъи лъани, эбел дагьайги цӏакъ гӏодилилан. Кин кьижун ккаравали лъаларо, ворчӏидал рокъов щивго ватичӏо. Вацал-яцалги кирениги ун ратилаха. Эбелги боцӏи-панз тӏубазе унаан радал. Цохӏо дир гьитӏинав вац вугоан бусада вегун. Дун вилълъана гьесда аскӏове. Чӏахӏиял беразул дир берцинав вацасул бакӏалда дида батана батӏияб лъимер. Жанире рортун арал берал… кӏаркьабазул бакӏалдаги хутӏараб жого гьечӏоан… херав чиясул гӏадал ракъварал кӏутӏбузда тӏогьилаб гъат… хехго босулеб хӏухьел… каранда хъир-хъириги бугоан. Дица хӏалбихьана гьесие ракӏ-макӏ гьабун цо жо абизе, гьев дидехун вуссунев вукӏинчӏо. Къасиялде вуссана эмен. Эбелгун щурун цо жо бицунел рукӏана гӏемераб мехалъ. Канлъиги ссун букӏана. Боркьараб печги, хинаб рукъги, унтараб лъимералде къуларал эбел-эменги. Гъасда цӏадухъа бачӏараб загӏипаб канлъиялъ гьурмал рукӏана гьезул лъаларедухъ хисизарун. Радал дун ворчӏидал рукъ буго гӏадамазул цӏун. Киналго, къацандилел гьечӏониги, цоцазухъ гӏенеккичӏого, цояз цоял къотӏизарун руго гаргадилел. Дида щибго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, чияр гьаркьал руго гӏаданир рагъилел. Эбел-эменги гьечӏо рихьулеб бакӏалда. Гьитӏинав вац вегун вукӏараб бакӏги буго бакӏа-бахарун…
Азбаралъув эменги цоги чиги ругоан кӏудиял лълъурдузул дегӏен хъолел. Гьурмалги ругоан гьезул кьерхун, дида бичӏчӏулеб букӏана цо лъикӏаб гуреб жо ккун букӏин, амма щиб гьебали лъазе гӏураб бичӏчӏи ва дунял бихьи букӏинчӏо жеги. Цо дагьаб добегӏан цӏадуда кӏудияб росдал хьаг рекъезабулел ругоан кӏигоял. Цӏаги бакун дагӏнил гьан цӏеде ккезабуна росулъа кӏудияв чияс. Дирго гӏелбащадалгун, ракъарал ниж рукӏана гьеб хьагида сверун лъугьун, кидадай гьан белъинаян. Амма дир цо дагьаб рахӏатхвей букӏана. Кӏиго суалалъ букӏана дир рекӏее хӏалхьи толарого. Киве дир гьитӏинав вац арав? Ва кий йигей дир эбел? Гьеб суал кьезеги бокьун букӏинчӏо дие, хӏинкъун вукӏана. Цо дагьаб заманалдаса нижер рокъоре лъугьун ана бихьиназул тӏел. Гьел жанире лъугьаралго, щивго чиго жанив гьечӏебгӏанги сихӏкъотӏиялда букӏараб рокъосан гьаркьал рагӏизе лъугьана. Гьел заман бахъанагӏан кӏодолъулел рукӏана ва гӏодиялде сверана. Циндаго гьеб рукъалъул къадал риххилеб гӏадаб гӏассияб гьаракь бахъана.
Нуцӏа рагьун бачӏана ва дол бихьинал лъугьана рокъоса къватӏире. Рагьараб нуцӏихъ дирго эбелалда бер чӏвана. Гьей дол къваридаб къотӏносан хехго унел бихьиназда хадуй йортизе къваригӏун къеркьелей йикӏана, амма руччабаз ккун, йиччалей йикӏинчӏо ва рокъое жание йилълъаян гьарулеб букӏана. Цо бихьинас чӏезеги чӏун гьаракь гьабуна руччабазде. Гьеб мехалъ бихьана дида гьеб тӏелалда цеве-цеве дир эмен вукӏин ва гьесда кодоб цо тӏогьилаб одеялалъулъ жемараб жо букӏин. Эбел руччабаз жание ячун ана, росдал лъимал бихьиназда хадур рекерун ана. Дун хутӏана чӏобогояб къватӏ бакьулъ чӏун: гӏодулей эбелалде аскӏовейищ инев, дол лъималазда хадувищ векерилевали лъаларого. Инчӏо цонигиязухъе. Мадугьалзабазул цо тӏокъодеги лъугьун, чӏалуялда гӏодовги чӏун, агьиялда гӏодана. Дун гӏодилев вукӏана берда цере тӏамурал вахӏшиял, церехун дида рихьичӏел суратал цере тӏамун. Додинал кӏудиял гьаркьал гьарун гӏодилей йигей эбел. Инсул гьурмада бихьараб къварилъи, хъолаго хъирхъириялда чӏучӏадилеб букӏараб дегӏен, гьитӏинав, щибго бичӏчӏуларев, амма цо кӏудияб балагь тӏаде бачӏун букӏин лъалев дидаго гурхӏун гӏодулев вукӏана дун. Гӏодулев вукӏана балъго, гӏадамазда вихьизе гуринги абун. Гьеб букӏана дир тӏоцебе гӏадамазда рагӏичӏого вукӏине гӏодулеб мех. Гӏемераб заман бана дица доб чӏалуялда кӏусун. Квералги цӏорона. Хӏатӏалги цӏорона. Дун лъицаниги валагьулевги вукӏинчӏо. Киве дун аравалиги лъидаго бихьичӏо ва диде регӏарав чиги вукӏинчӏо. Хадуб букӏараб дагьаб-макъаб буго ракӏалда.
Дида аскӏой цо херай гӏадан… Гьелъ кверги ккун вачунев рокъове… Нижер рукъ… Росдал лъималги чӏахӏиялги чӏарбида гӏодорги чӏун чедгун гьан кунел… Цо чӏегӏераб ретӏел ретӏарай гӏадан кӏудияб гелги босун лъималазе гьагӏу тӏолей… Доб цояб рокъоб столалда нахъа бихьинал… Гьезда гьоркьов эмен… Дида кинго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, дир эбел гӏодилей йигей мехалъ, кинабго росу щай нижехъ бугеб, лъимал щиб гьабулеб чӏиргъи-хъуялда рохуца холаго гьанир кваналел. Цо бокӏнив вукӏинеги гьавун диеги тӏуна гьагӏу ва кьуна кодобе чед. Дун цӏакъ вакъун вукӏана… гуро, дун вакъун вукӏине кколаан… Амма дида сундулго тӏагӏам лъалеб букӏинчӏо. Гъираго гьечӏого чед чӏамулев вукӏарав дун ахӏана эбелалъухъе. Дида ккана гьаб бецӏаб рокъоре киналниги росдал руччаби ракӏарун ругилан. Эбелалъ тӏадеги яхъун, къвалги бан, дун жиндаго аскӏов гӏодов вукӏинавуна. Хӏалицаго ккун магӏугун абуна:
— Мун кванаравищ, дир вас?
— Кванана…
— Нилъер Элдар кив вугев? — илан байбихьулаго дун эбелалъухъ валагьана… ва ниж кӏиялго цадахъ гӏодун риччана. Руччабиги гӏодана. Гьеб хинаб рокъоб, эбелалда аскӏов кьижун ккун ватана дун. Радал вахъиндал бищун цеве векерана унтарав вац вегун вукӏараб бусаде аскӏове. Гьеб гьанжеги бакӏарун батана. Азбаралъуй ятарай цо дир гӏелалъул гӏадай ясалъ абуна дида:
— Нужер Элдар хун вуго… гьев хабалалъ вуго, доле дова…
Долъ килищ битӏун букӏана росдал хабзал ругеб бакӏалде…