Магӏаруллъиялъул къисматалъулги, мацӏалъулги, тарихалъулги кӏулал бетӏергьаби ккола гӏолеб гӏел

Тӏолго дунялалда машгьурлъараб дир магӏаруллъи. Дур цӏаралъе мустахӏикъал васазги ясазги цӏвабзазда хъвана дур цӏар. Дур кьурабазул къебелъухъ лъадарарал гӏолилаз ахӏараб дур цӏар цӏвалъун кунчӏана. Мун – дир чӏухӏиги бухӏиги. Дур мугӏрузул тӏогьиб бусен лъураб бахӏарчилъиги багьадурлъиги гӏасрабаз чӏаго рукӏине руго. Дур цӏар бахъидал, зобалазде цӏаюцӏуна. Пикрабиги твархола, хьулалги роржуна, каранда ракӏалъги рохалил сариназде каву рагьула. Жеги лъиениги бутӏрул къуличӏел дур мугӏрузул тӏогьиеги яхун, ахӏизе бокьун буго:

— Дие мун бокьула, дир Аваристан, — илан.

Дир гӏумруялъул рогьелги мун, къисматалъул гьогьенги мун…

Гьадинал пикрабазулъги машгъуллъун уней йиго Н. Юсуповасул цӏаралда бугеб республикаялъулаб лъималазул библиотекаялде. Библиотекаялъул директор Султанат Загьидовалъ, лъималазул отделалъул нухмалъулей Насихӏат Мухӏамадовалъ гӏемер тӏоритӏула магӏаруллъиялъе сайгъат гьарурал тадбирал. Гьаб нухалдаги Магӏарул кочӏол гъасда гьез бакана иргадулаб цӏа. Махӏачхъалаялъул №№ II, 8, 50, 46 школазул цӏалдохъабиги, учительзабиги, шагӏирзаби Гӏайшат Малачиеваги, Залму Мухӏамадоваги, Тубхӏат Зургьаловаги, Гӏалихӏажи Мухӏамадовги гӏедегӏун рачӏунел рукӏана гьеб кӏудияб цӏадухъе жидерго цӏаялги росун.

«Дир Аваристан» абураб тадбир рагьана ва нухда бачана библиотекаялъул хӏалтӏухъан Гӏайшат Мухӏамадовалъ.

— Гьале дол цӏумаз бусун лъолел рорхатал мугӏрулги, нилъер щивасул гӏумруялда мугьрулъун хутӏарал мугӏрул сухъмахъалги, мугӏрузул каранда тӏабигӏаталъ угьарал хӏайранал росабиги, жиндир щибалъул хасаб тарих бугеб щибаб росдал щибаб гамачӏги. Унго, рес бугебани, гьел кӏалъазе риччазе. Щибдай гьез нилъее бицине букӏараб? Чан балъголъидай рагьизе букӏараб?

Гьединал суалал кьолел рукӏана дицаго диего, Аваристанлъул росабазул хӏакъалъулъ видеофильмалъухъ ялагьидал. Цӏалдохъабаз «сапар» бухьана мугӏрузул районазде. Гӏумруялъул аслу Аваристаналъул мугӏрузда бугел гьел хӏайран гьарун рукӏана магӏаруллъиялъул берцинлъиялъ.

Магӏарул мацӏалъул байрамалде сверараб тадбиралда гӏахьаллъарал магӏарул мацӏалъул учительзаби Шамай Хъазанбиевалъ, Элмира Жамаловалъ, Хатимат Мухӏамадовалъ, Патӏимат Расуловалъ, Патӏимат Гӏумаровалъ бицана шагьаралъул школазда рахьдал мацӏал малъиялъулъ иш кин бугебали.

Гьез ракӏалдасан пасихӏго цӏалана, ахӏана магӏарул шагӏирзабазул кучӏдул, кьурдана. Гьединго гьез рихьизаруна хъвадарухъабазул асараздаса учительзабаз лъурал спектаклязул бутӏабиги.

— Бугебдай дунялалда кинаб бугониги къуват, гьаб байрамалъул хӏайранлъиги берцинлъиги нилъехъа бахъизе кӏолеб? Щалха гьел – магӏарул кьурабаздасаги къуватал кколел, гьез кьучӏ лъураб рокьи гьукъизе. Киданиги къине гьечӏо магӏарул кочӏол хӏасратаб гьаракьги, рорхатал мугӏрул гурони тӏасарищуларел цӏумазул рорженги, гьеб роржадул борхалъуда бугеб магӏаруллъиялъул ссиги!

Гьединал пикрабазда йикӏана дун, гӏагараб магӏарул мацӏалда кӏалъалел лъималазухъги гӏенеккун. Гьезда жеги бичӏчӏулеб гьечӏо магӏаруллъиялъул къисматалъулги, мацӏалъулги, тарихалъулги кӏул жидеда кодоб букӏин.

«Лачен» журналалъул редактор Гӏайшат Малачиевалъ цӏалдохъаби рачана жиндирго адабияб дунялалде. Гьениб хасаб бакӏ ккола лъималазе хъварал кучӏдузги харбазги. Бицана гьелъ журналалъулги гьелъул гьудулзабазулги хӏакъалъулъ. Цӏалана жиндирго кучӏдулги.

Лъималазул ракӏазулъе даимго лъурал жиндирго нухалгун, анищалгун йигей шагӏир Тубхӏат Зургьалова кӏалъазе яхъиндал, гӏажаибаб чӏаголъи лъугьана байрамалда. Гьей ячӏана релъигун, рохелгун, лъималазул гӏадаб рекӏел тӏиндаса бурун бачӏунеб рокьиги босун. Цӏалана жинцаго лъималазе хъварал кучӏдулги.

Хадусеб ирга щвана шагӏир Залму Мухӏамадовалде. Гьелъги гьарана лъималазе гӏагараб ракьалде рокьиги, магӏарул мацӏалде кӏудияб гӏищкъуги, гьезда мацӏ малъулел ругел учительзабазе сабруги. Цӏалана лъмалазе хъварал жиндирго асаралги.

Цӏалдохъабазде мацӏ цӏунеян хитӏаб гьабуна шагӏир Гӏалихӏажи Мухӏамадовасги. Гьес цӏалана жинцаго магӏарул мацӏалде хъвараб кечӏги.

Гӏалихӏажиясул махщел буго кучӏдул хъвазе гуребги, магӏарул пандурги хъван кечӏ ахӏизеги. Гьеб дандеруссиналдаги ахӏана гьес чанго кечӏ. Нахъеги бохана магӏарул пандур. Гьелъ гӏенеккаразе бицунеб букӏана унго-унгояб магӏарул кочӏол къисаги къисматги.

Байрам берцин гьабун букӏана тадбиралда гӏахьаллъарал магӏарул кочӏохъаби Патӏимат Гӏабдулаевалъ ва Элдар Гьитӏиновас. Гьез ахӏарал кучӏдулгун цадахъ байрамалъул гӏахьалчагӏаз цӏцӏуна мугӏрузул цӏияб гьаваги, гӏенеккана хӏанчӏазул чӏирчӏириялъухъги, лъаразул чилиялъухъги. Цебесаго унеб букӏинчӏо, гьеб киналъго аххги бачун, сасун бугеб магӏаруллъиялъул чӏухӏараб сипат.

Лъугӏана Аваристаналъул кӏодолъиялъулги борхалъиялъулги бицунеб тадбир. Магӏарул кочӏол гъасда бакараб иргадулаб цӏадухъ хинлъи батана гӏисинал магӏарулаздаги. Биччанте кӏудияб цӏаялде гъорлъе журарал гьезул гӏисинал цӏаялги абадияллъун ратизе.