Магӏарул театралда цӏияб спектакль

1980-абилел соназул ахиралда бихьун букӏана дида «Мун йиго дир эбел» абураб спектакль. Дол соназда гьеб лъун букӏана ДРялъул халкъияв артист Салихӏ Имангъоловас. Гьанже гьеб цӏигьабуна РФялъул мустахӏикъав артист Мухӏамад Нурмухӏамадовасул хӏаракаталдалъун.

Къокъго бицани, аслияб масъала букӏана ритӏухълъи цӏуни. Цо хъизамалда гӏолей кӏиго яс: цояй – рукъалъул тӏалабалда, цогидай – ихтилат-кепалда. Рукъалъул тӏалаб гьабулей Зарипатида (ДРялъул халкъияй артистка Наира Хӏабибулаева) ракӏгъеялда гӏумру тӏамулей Диляраца (ДРялъул мустахӏикъай артистка Амантула Къебедова) абула, мун киданиги росасеги инарин, къватӏулъан гьабураб дир лъимер дуца хьихьеян абун. Щай Зарипат гьелъул рагӏабазда божарай? Лъаларо. Амма яцалъул рогьо бахчизе хӏаракат бахъана гьелъ ва, чияр росулъеги гочун, жиндирго вас гӏадин хьихьана Мирзахан (арт. Мухӏамад Дудуев). Эбелалъулаб хӏеренлъиялъги хӏасратаб рокьуцаги веэдун гӏола Мирзахан. Амма гьесие кидаго камун вукӏуна эмен. Гӏелцоялгун васандулагоги, дагӏба-къец ккараб мехалдаги гьесда кидаго рогьо бала къватӏулъажоян абун. Гьеб сабаблъун чанцӏулго вагъизеги ккана гьев.

Огь, нилъ чӏухӏулеб куц, нилъер лъимадуе бергьенлъи щвараб мехалда! Мирзаханил азбаралдаги «байрам» рещтӏинчӏого букӏинищха! Маян абун, гьесие бергьана лоторея. Гьебмехалда ракӏалдещола гьев чохьол эбелалдаги дунялалдаса кеп босулаго гӏумру унев инсудаги. 16 соналъ васасул хабарго цӏехечӏей Диляра ячӏуна, хирияв васасухъ урхъиялъул бицине, гьев жиндаго аскӏове вачине хьулалда. Лъимаде йикӏаго, Диляра рехунтарав Керимил (ДРялъул мустахӏикъав артист Гӏабдухаликъ Гӏабдухаликъов) рекӏелъцин кунчӏана киданиги жиндие загьирлъичӏеб инсулаб рокьул цӏадул хӏенехӏ. Гьев расги нечоларо Зарипатил азбаралде вачӏинеги гьелъул мулкалдаса пайда босиялда тӏад ургъизеги. Бихха-хочула Мирзаханил гӏакълуги: кӏиго баба, кӏиго дада… шагьаралда минагун машина. «Гьанже лъицаниги абиларо дида къватӏулъажоян абун» — гьеле гьесул рохалие аслияб гӏилла. Амма Зарипатицаги росдал маххул къебед Абакар-дацицаги (Мухӏамад Нурмухӏамадов) кьураб тарбия гӏадада ккечӏо. Кумекалъе ятана Мирзаханил гьудул Гулзараги (арт. Аминат Булачева).

Эбеллъун йикӏине мустахӏикъай гӏадан тӏатинайизе гьес хӏалтӏизабулеб къагӏидаялдасаги бихьула тарбиящвеялъул хӏасил. «Кьабе дида гьаб цӏал!» — ан тӏалаб гьабула гьес цин чохьол эбелалда, хадуб инсуда, хадубги эменлъи гьабизе разилъарав эбелалъул рос Имамудинида (ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Нурмухӏамад Нурмухӏамадов) ва живго хьихьарай эбел Зарипатида. Кинай эбел унго-унгояйлъун рикӏкӏарай Мирзаханица ва кьабанищ гьесда цӏал? Дица гьелъие жаваб кьеларо. Амма рехсела спектакль ракӏалда чӏеялъе цоги гӏилла. Тарбиякьеялъул бицунеб асаралда чарагьечӏого букӏине ккола школалъул яги учителасул сипат. Гьаб спектаклялдаги буго гьеб. Амма дица гьеб дол соназдаго рикӏкӏана гӏаксияб сипатлъун.

Йохъ, учительница гьединайлъун йикӏине бегьуларо! Мирзаханил классалъул нухмалъулей Самеда йокьичӏо дие. Артистка Разият Дибировалъухъа бажарана гьелъул хъачӏлъи, согӏлъи, бесдаласда яги янгъизасда гурхӏунгутӏи загьир гьабизе. Спектаклялъухъ балагьараб мехалда бичӏчӏулеб буго гьелъул хъизам гьечӏолъи, лъимер гьечӏого херлъизехъин йигеблъи. Зарипатил эбелалъулаб талихӏалда ракӏчӏегӏерлъун, лъикӏаб тарбияги кьун, росуго чӏухӏарав вас гӏезавун гьелъухъа бажариялъ мекъи ккезаюн йиго гьей «учительницаян» абизецин бачӏунарей спектаклялъул багьадур. Учителасул махщалие цӏалулей йикӏарай дие дол соназда гьеб сипат лъугьана унго-унгояб дарслъунги, рокьукъаб хасияталъул мисаллъунги.

Дунялалда тӏад чан чи ватаниги, гьедигӏанасеб буго цоцада гьоркьоб батӏалъиги. Рокьуда аскӏоб ццим, ритӏухълъиялда хьолбохъ – гьереси, ракълил лъалкӏда хадуб чӏараб питнагун кьал – гьеб буго гӏумру, лъикӏлъиялъулги квешлъиялъулги кидагосеб къец. Магӏарул маданияталъул кӏалгӏаялъухъ гьоболлъи барасе рес буго, хӏакъикъиял лъугьа-бахъиназулги гӏадамазул гьоркьорлъабазулги мисалаздаса пайдаги босун, жиндирго ракӏалъ къабул гьабулеб нух тӏасабищизе. Театралъ, ай сценаялда ролал хӏалел актераз, гӏицӏго бихьизабизе буго лъикӏлъиялъулги квешлъиялъулги нухаз нилъ рачине ругеб борхалъи яги гъваридаб кӏкӏалал тӏину.