Гӏодосанго мадугьаллъиялъул лъикӏал гьоркьолъаби ратана Шамил районалъул Бакълъухъ, Гӏасаб ва Гӏахьвахъ районалъул Изано росабазул жамагӏатазда гьоркьоб.
Мегӏер-гӏалахалъулги гӏи-боцӏулги дагьабищха цоцазе кколеб жо букӏунеб гӏорхъицоял мадугьалзабазул. Умумулъанго киналго суалал гьел росабаз тӏуразарулелги ратана гьудуллъиялда. Цоцазул хӏурматги цӏунун.
Росабазда гьоркьоб бухьеналъе квербакъулеб тӏеренабго кунлъун букӏана Изаноса Хӏапури мегӏер къотӏун Гӏасабе унеб чӏедерабго нух. Советияб власталъул соназда гьудуллъиялъул гьоркьорлъаби жеги гӏатӏилъана. Гьединал шартӏазда чӏедераб нухалъ гӏей гьабулеб букӏинчӏо. Пикру ккана машинадул нух бахъизе. Изано ва Гӏасаб росдал жамагӏаталъ субботникал гьарун, техника хӏалтӏизабун, жамагӏаталъул газа кьурдаги рекӏунилан абухъего, 1972 соналда байбихьараб гьеб иш хехго рагӏалде бахъана. Нух данде щвараб бакӏалде рачӏана тӏоцересел машинабиги.
Гьениб кӏалъазе рахъарал жамагӏатчагӏаз, масала, мунагьал чураял Гӏасаса Мурад Гӏалиевас, Изаноса Тахту Дибиргъазиевас бицана росабазда гьоркьоб гӏодосанго ратарал гьоркьорлъабазул. Гӏолилал ахӏана умумузул лъикӏал гӏадатал хадурккунги хӏалтӏизаризе. Цӏияб нухда цӏарги тана «Гьудуллъиялъул» абун.
Хадубккун гьеб нухлул тӏалаб гьаби росабазул советаз тӏаде босун букӏарабани, жакъа газеталда гьелъул пашманаб къисматалъул хӏакъалъулъ хъвазе ккечӏого букӏинеги бегьулаан. Амма гьелъул тӏалаб гьабичӏо, сухъмахъалде сверун буго.
Кӏиябго росдае гуребги пайда букӏана нухлул. Риидал мугӏрузде, хасало гъутабазде гьеб нухккун Хӏапури магӏардасан хьвадула Лъаратӏа, Шамил, Цӏунтӏа ва цо-цо цогидалги районазул магӏишатазул гӏемераб гӏи-боцӏи. Хӏужаби рукӏана магӏарда къварилъи ккун нух гьечӏолъиялъ гӏужда кумек щвечӏого пашманал лъугьа-бахъинал ккеялъул. Масала, Изано росдал колхозалъул ракьалдасан руго Шамил, Лъаратӏа, Цӏунтӏа ва цогидалги районазул колхозазул гӏи-боцӏи гочунел нухал. Кьварараб тӏабигӏаталъул бакӏги буго гьеб. Гьеб лъикӏго лъала гӏухьбузда. Хасго къварилъи бихьула гьезда хаслихъе гъутабазде тӏадруссун унаго — гьениб цудунго бала гӏазу, ракӏалдаго гьечӏого пула гьури. Амма изандерица мадугьалзабазул гӏиядаги цадахъ ругел гӏадамаздаги гӏакъуба бихьизе толаро.
Гьеб букӏана 1965 соналъул октябрь моцӏалъул бакьулълъи. Хинго, роцӏун букӏана дунял. Амма цинтӏаго Хӏапури мугӏрузда тӏад тӏупун лъуна чӏегӏерал накӏкӏал, кӏиго галиялъ цебе бугеб жоцин бихьулареб хӏалалда базе лъугьана гӏазу. Минуталдаса минуталде гьеб биццалъизе байбихьана. Бакъаниде бащдаб метралдасаги биццалъана гӏазу. Ракӏалдаго гьечӏого байбихьана буран. Гьеле гьеб заманалда изандерил росулъе хабар бачӏана мугӏруздаса нух бахъизе кӏоларого гӏиги гӏадамалги ругилан. Колхозалъул председатель Мухӏамадов Ибрагьимил бетӏерлъиялда гӏухьбузе кумекалъе вахъана гьеб гьитӏинабго росулъа хӏетӏе багъаризе кӏолевщинав чи. Гӏужда щвана магӏарде кумек. Бакӏ-бакӏалде рикь-рикьун ратана Лъаратӏа районалъул Гьагьар росдал ва Цӏунтӏа районалъул Кьадали росдал колхозалъул гӏиял рехъаби, тӏабигӏаталъул гьеб балагьалде данде къеркьолаго квачанги сваканги ратана гӏияхъаби. Гьел росулъе хинлъизеги ритӏун, кинабго дандеги бакӏарун, камизе течӏого гӏи гьезухъе кьуна изандерица ва кӏиабилеб къоялда хӏинкъи гьечӏеб бакӏалде щвезегӏан гӏи щвезабизеги ана. Гьединаб хӏинкъиги нух бахъараб заманалда тӏаса ун букӏана. Гьелдаса батӏиябги, Гӏахьвахъан Махӏачхъалаялде бугеб нухги гӏезегӏанго къокълъулаан.
Гьанибго бихьизабизе кола, цӏияб нух бахъизе санагӏат буго гьоркьоб инчӏго километр гурони гьечӏеб Тӏасабакълъухъ росулъе. Гьелъул кӏудияб кӏварги буго. Кӏудияб Ватӏанияб рагъ Грозниялде гӏагарлъухъе щведал, Изано росулъе витӏун вачӏана инженер, цадахъ хӏалтӏухъабигун. Хехаб заманалда жаниб Хӏапури габурлъухъан нух бахъиялъе тадбирал гьаруна ва байбихьана гьеб бахъизе. Гьенисан ине кколаан нахъе къалел аскарал. Кавказалдаса рагъ нахъе къараб мехалда, Хӏапури габурлъухъе щведал нух бахъиги гьоркьоб къотӏизе тана. Гьеб нух бахъулев вукӏарав инженерги къадаралде щвана ва вукъун вуго Изано росулъ.