Цо лъади — цо унти, кӏиго лъади — кӏиго унти

Сентябрь моцӏалъул ахирисел къоязда «Россия-24» телеканалалдасан кьолеб букӏараб передачаялда Россиялъул бусурбабазул идараялъул нухмалъулев, муфти Равил Гӏайнудиница бицана цӏикӏкӏарасеб къадаралда бусурбабаз гӏумру гьабулел регионазда цо яги кӏиго лъади ячин законияблъун гьабуни лъикӏаб букӏинаанин.

Гьединабго пикру буго Москва шагьаралъул муфти Илдар Гӏаляудиновасулги. Регионал цӏехечӏого, улкаялдаго лъудби гӏемер рачунеб къагӏида тӏибитӏизаби лъикӏаб букӏинин абуна гьесги. Гьедин гьабуни, гӏемерго дагьлъила киса-кибего тӏегьалеб бугеб хъахӏбалъи. Гьеб къагӏида цебего хӏалтӏулеб буго Татарстаналда, Чачаналда, Дагъистаналда ва цо-цо цогидалги регионазда. Россиялда бихьиназдаса руччаби 10 миллионалъ цӏикӏкӏун руго, гьединлъидал лъудби гӏемер рачин законияблъун гьаби рикӏкӏине ккола бихьинчияс кӏиабилей ва лъабабилей лъадиялъул ихтиярал цӏуни жиндего тӏаде босилъун.

Лъудби гӏемер рачиналъул суал гьанже борхараб жо гуро. 2015 соналдаго Чачан республикаялъул бетӏер Рамзан Къадировас абун букӏана: «Лъудби гӏемер рачиналъул аслияб магӏна ккола цӏуял жалазда сверун бихьинал сентӏечӏого рукӏиналъе ва гӏемерал лъимал гьариялъе умумузго ургъараб камилаб тадбир. Щай бегьулареб бихьинчияс кӏигоги, лъабгоги, ай жинда хьихьун бажарулеб къадаралда (шаргӏалда рекъон) лъудби рачине», — ян.

Казаналъул мажгиталъул имам Илнар Зиннатулиница бицана: «Чӏужугӏадан киданиги разилъуларо росас кӏиабилей лъади ячине. Амма росас гъоркь йигелда кӏиабилей чӏужу ячараблъи бицинчӏониги, ригьин хӏакъикъияблъун рикӏкӏуна», — ян.

Россиялъул динияв ва жамгӏияв хӏаракатчи Андрей Кураевас абулеб буго лъудби гӏемер рачин улкаялда билълъанхъизабулеб букӏанила Россиялъул империялъул заманалдаги. «Дица рикӏкӏуна гьеб хӏинкъизе ккараб масъала гурилан. Масала, Россиялда Кавказалъул бусурбабаз гӏумру гьабулаан шаригӏаталъул законазда рекъон, гьезул бихьиназ кӏигоги, лъабгоги лъади ячин букӏана гӏадатияб ишги», — ян бицана А. Кураевас.

Шаригӏаталъги абулеб буго лъудбузе къваригӏанщинаб чӏезабун бажаруларев бихьинчияс кӏиабилеб ригьин гьаби хӏарам кколин. Шаргӏалда рекъон, бусурбанчиясул ихтияр буго ункъо чӏужу ячине. Гьездехун ритӏухълъи чӏезабун, кванидалъунги ратӏлидалъунги хьезарун ва мина-рукъалъе санагӏалъи гьабун бихьинчиясухъа бажарулеб бугони, гьес ункъоги ячине бегьула. Амма исламалъ лъикӏаблъун рикӏкӏуна цо лъиди йигеб хъизам, кӏиабилей ячине бегьула рес къотӏидал, масала, лъади лъимер гьабуларей йигони.

Россиялъул законалда рекъон, гьукъараб буго чанго чӏужу ячине. ЗАГСалда гьабуларо кӏиабилеб ригьиналъул хъвай-хъвагӏайги. Амма гӏемерисез гьеб иш магьариги лъун тӏубазабула. Аслияб къагӏидаялда кӏиабилеб ригьинги гьабула ресалда ругел бихьиназ, ай кӏиабилейги хьихьун бажарулез.

Гьаб макъала хъвалаго ракӏалдещвана цо гьадинаб лъугьа-бахъин. Пуланаб унтиялъ кӏвекӏулей лъадуца, гьоркьоса къотӏичӏого, росасда абулеб букӏун буго: «Гьаб унтудаса дун йорчӏуларо, дуеги магӏишат гьабизе лъади ячинчӏого мун тӏуваларо, дун чӏаго йикӏаго цӏияй лъади яче», — ян. Ячун йиго гьесги. Ригьин баркизе рачӏаразда унтарай лъадуца абулеб букӏун буго: «Росас цӏияй лъади ячараблъи лъайдал, цӏадул горде ретӏараб гӏадаб асар лъугьана чорхое», — ян.

Гьеб масъалаялда тӏасан цо-цоязул пикруги цӏехана нижеца. Масала, гӏалимчи Мухӏамад Гӏабдурахӏмановас абуна:

— Гъоркь йигей лъадиги къварид гьайичӏого, тӏаде ячаралъеги гӏумру гьабиялъе лъикӏал шартӏал чӏезарун бажарулев бихьинчиясе исламалъ изну кьола кӏигоги, лъабгоги чӏужу ячине. Амма кеп-гӏоркьалъе гӏоло кӏиабилей лъади ячин ккола хӏакъ бугеб жо. Шаргӏалда буго, руччаби къоролъуда тогейин абун. Бесдаллъиялда, язихълъиялда ва къороллъиялда ругел руччаби кӏиабилей ва лъабабилей лъадилъун ячин, кири цӏикӏкӏаб жоги ккола», — ян.

Лейла Ахӏмадова, лъаялда рекъараб хӏалтӏи балагьулей йигей гӏадан:

— Дун киданиги разилъиларо росас кӏиабилей лъади ячине. Щайгурелъул, дида ракӏчӏун лъала нилъер бихьиназ цого хӏалалда лъудби хьихьулареблъи. Щияй чӏужугӏаданалъе бокьула гъасда жинцаго ханлъи гьабизе. Батӏияб жо буго гъоркь йигелъул разилъи бугони.

Гӏали Мухӏамадов, мустахӏикъаб хӏалхьиялда вугев пенсионер:

— Шаргӏалда буго хьихьизе бажарулеб бугони, гӏадлуялдаги чӏолел ругони, бихьинчияс ункъоги чӏужу ячине бегьилин абун. Амма лъудби рачине ккела магӏишаталъухъ ва гӏадлу гьабизе бугеб бажариялъухъ балагьун. Гӏадатияв чиясе цо лъади гӏунги тӏокӏай йиго. Абиги гьечӏищха, «цо чӏужу — цо унти, кӏиго чӏужу — кӏиго унти», — ян абураб.

Саида Тӏагьирова, учительница:

— Дидаса балъго росас цоги чӏужу ячун ятани, дица гьесда битӏахъе «мама» бачинабила. Амма бихьинчиясда кӏигоги лъабгоги лъади хьихьун бажарулеб бугони, россал гьечӏел руччабазе гьеб лъикӏаб садакъа букӏина. Чара гьечӏого гъоркь йигелъул разилъи цӏехезе ккелаха.

Цо-цо экспертазул баяназда рекъон, Россиялда бихьиназул 90 проценталъ лъудбузеги, лъудбузул 60 проценталъ росабазеги хияналъи гьабулеб буго. Гьелъул хӏасилалда, лъималазул 30 процент кколеб буго къватӏулъа гьарурал. Гьелъул хӏасилалда ккола квешал унтаби, биххула хъизамал, гӏемерлъула къватӏахъ хутӏарал лъимал… Гьединлъидал, лъудбиги лъималги хьихьизе гӏураб ресалда ватани, законалъ бихьинчиясе изну кьезе ккола чанго ригьин гьабизе.