Гьазул цӏаралги цӏвабилъун кунчӏана
20 ноябралда Махӏачхъалаялда, Магӏарул театралъ рагьана жиндирго 85-абилеб сезон. Гьеб букӏана миллияб театралъ цохӏо жиндиего хасаб цӏияб соналъе гьабулеб дандчӏвай.
Тӏолабго миллаталъулго байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гӏахьаллъана Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Жидда шагьаралда вугев Россиялъул генералияв консул Багьавудин Гӏалиев, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумаханов, Басир Инусиловасул яс Шумайсат Инусилова, Муса Гӏабасовасул васал Хӏажи ва Шарапудин Гӏабасовал ва цогидалги магӏарулал.
Театралъул гъасда бакараб магӏарулазул цӏадухъеги, гьенибго жанахӏалъуб рагьараб магӏарул годекӏанире рачӏарал магӏарулазе театралъул актераз бицана миллияб театралияб маданияталъул чӏухӏилъун кколел, гьениб жидеего хасал, кӏочонарел лъалкӏалги тун, хвел гьечӏеб даимлъиялде арал актеразул хӏакъалъулъ.
Тадбир рагьана ва нухда бачана театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас. Гьес цоги нухалда ракӏалдещвезабуна театралъул тарих. Гьелъул цӏадул тӏоцересел хӏенхӏал кунчӏараб Хунзахъ районалъул бетӏерги гӏахьаллъана байрамалда.
1935 сон. Хунзахъ росу. Гӏабдурахӏман Магаев.
Гьес кьучӏ лъураб театралъ нахъа тана 85 сонилаб сухъмахъ. Унго-унголъунги гьенир кунчӏанщинал цӏваби. Гьезул щибалъул буго жидерго къисаги къисматги. Гьеб сордоялъ магӏарулазул рокьул гъасда бакараб цӏадухъ гьоболлъи бана гьез. Гьале гьел магӏарулазул чӏухӏилъун кколел, гьеб сордоялъ ракӏалдещвезарурал артистал – юбиляразул цӏарал:
ДАССРалъул халкъияв артист Гӏабдурахӏман Магаев, Россиялъул халкъияй артистка Зайнаб Набиева, РСФСРалъул мустахӏикъай артистка Патӏимат Къурбанова, РСФСРалъул мустахӏикъав артист Басир Инусилов, РСФСРалъул мустахӏикъай артистка Гӏайшат Мамаева
(Нижеца гьезул щивасул хӏакъалъулъ хъван букӏана газеталдаги).
Гьезул театралияб нухалъул хӏакъалъулъ байрамалъул гӏахьалчагӏазе бицана жакъа театралда хӏалтӏулел ругел гӏолохъанал артистал Мухӏамад Дудуевас, Асият Гӏабдулатӏиповалъ, Разият Дибировалъ, театралъул художествияв нухмалъулев Хӏайбула Гӏабдулгъапуровас ва цогидазги. Байрамалъе хасаб гугьаралъул берцинлъи кьун букӏана дол кӏудиял артистазул лъимал, жегиги театралъе гьаитӏичаллъун хутӏун ругел Шумайсатил, Хӏажил ва Шарапудинил кӏалъаяз.
Шумайсатица бицана, инсуца Гӏалил роль хӏалеб мехалда (Р. Хӏамзатов «Магӏарулай) жиндирго рекӏел букӏараб хӏалалъул хӏакъалъулъ.
— Гьитӏинай дунги цо-цо мехалда унаан спектаклязде инсуда цадахъ. Бищун цее гӏодойги чӏун, чӏухӏун йикӏунаан дун, инсухъги ялагьун. Цо заманалдасан вугоха эмен цо гӏаданалде ахӏдолев «Дир ханжар, Хадижат», — илан. Гьей гӏаданалъ ханжар бачӏинги дун сценаялде, дадахъа ханжар бахъизе, кӏанцӏиги цадахъ ккана, — ян бицана гьелъ, эмен ракӏалдещвезавулаго гирун рачӏунел магӏил гаралги рацӏцӏунаго.
Гьединалго ракӏалдещвеял рукӏана Муса Гӏабасовасул васазулги.
Гьеле гьединаб къуват буго театралъул – гӏумруялъул чӏвабзаз рачунел гӏажаибал сариназухъ гӏенеккизе гӏадамал данде гьаризе кӏола гьелда. Гьеб сордоялъги, артистал ракӏалдещвезарулелъул, берда цебе рещтӏунеб букӏана гьезул рахӏат гьечӏеб, хӏалхьи лъалареб гӏумруги, нахъасаго бахъулареб гӏадамазул кӏалги. Хасго захӏмат букӏана руччабазе. Гьебги ракӏалдещвезабуна Хӏайбула Гӏабдулгъапуровас.
— Чан нухалъ лъугьарал артисткабазул тухумалъул бихьинал гьезие гӏадлу гьабизе, хӏатта чӏвазегийиланцин, амма бергьана театралде бугеб рокьи. Ва гьезда жидерго талихӏ батана магӏарул театралда, — ян абуна гьес.
Унго-унгояб магӏарул кечӏ-бакъанги рагӏана гьениб.
Магӏарул халкъиял бакъназда кучӏдул ахӏана театралъул артистаз.
Байрамалде рачӏунел магӏарулазда дандчӏвай гьабулеб букӏана магӏарул зурмида рачунел хӏикматал сариназ. Сверухълъиялдаго бан бугеб гьелъ цебечӏезабулеб букӏана магӏаруллъи.
Исанасеб сон театралъул бугелъул, магӏарулазда ва театралъул коллективалда байрам баркизе ва театралъул гӏаламат Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловасухъе кьезе Дербенталдаса вачӏун вукӏана Лезги театралъул вакилги.
Магӏарул театралъги гьеб гӏаламат кьезе буго республикаялъул Операялъул ва балеталъул театралъухъе.
Гьединаб адаб-хӏурматалда цоги нухалда ракӏалдещвезаруна театралъул «Меседилаб фондалда» жидерго хатӏалъ жидерго къиса хъварал артистал.
Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ къваридго буго
Театралъ жиндирго Цӏияб соналде дандчӏвай гьабуна «Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ» абураб спектаклялдалъун.
Нахъеги судана согӏал ругънал, доб гӏасияб рагъул сипаталъ цӏидасан ханлъи гьабуна спекталялъул ралагьаразул пикрабазда. Жиб ракӏалдещведал, тӏолабго черхалда гъаргъар балеб сурукъаб куцалъул рагъда чӏваразухъ цӏидасанги гӏодана жеги гьезухъ угьдулеб бугеб кечӏ.
Магӏарулъи. Хунзахъ росу. Театралда рухӏ лъурав Гӏабдурахӏман Магаевги театралъул артисталги хӏадурлъулел руго цӏиял спектаклязде. Ролал. Ролал. Ролал…
Амма гьел талихӏал лахӏзатаз гьезул цонигиясда бичӏчӏулеб букӏун батиларо жидеца хӏазе бугеб аслияб роль гӏумруялъул нуцӏида кӏетӏелеб букӏин.
Театр рагьаралдаса гьелъулгун кӏудияб гьудуллъи ккарав Цӏадаса гӏакъил Хӏамзат кӏудил гӏумруялъул дарсаз гьалагаб цӏа бакана мугӏрузул цӏумазул борхалъиялда жидеца магӏарул намус лъурал гӏолилазда.
Тӏабигӏаталъги Тӏадегӏанасги унго-унголъунги Цӏадаса Хӏамзатида релълъараб сипат кьурав Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏлсен Казиевас роль хӏалелъул, цересаго унел рукӏинчӏо халкъияв шагӏирасул гӏумруялъул дарсал. Живго Хӏамзат сценаялда бугеб гӏадаб асар гьабулеб букӏана магӏарулазе.
Ахӏулелъубго хутӏана кечӏ. Тӏуралъубго тана магӏарул тӏармил чӏва. Театралъул 13 артист ан,а тушманалдаса Ватӏан эркен гьабизе.
Гьезул сураталги. Гьез, чӏагояз гӏадин, бицунеб букӏана жидерго, чӏваразул, хӏакъалъулъ къиса:
— Дун вуго Мухӏамад-Хӏажи
— Дун – Сурхай.
— Дунги — Гӏумаров Мухӏамад…
Гьедин бицунеб букӏана Ватӏаналъул васаз жидерго къиса.
Ва цӏидасанги – цӏа боркьараб рагъул кор. Гьеб коронир чӏурхъанана гӏолилазул хӏасратги, гӏищкъуги, анишалги.
Амма абадиялъе хутӏана гьезул бахӏарчилъи. Гӏелаз гӏелазухъе кьун, цӏунун буго гьеб жакъаги.
Гьеб бахӏарчилъигун цадахъ дандчӏвай гьабизе буго нилъеца Кӏудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тӏубаялде.
Гӏодона гьеб сордоялъги ахӏун бахъинчӏеб кечӏ.
Амма гьеб ахӏулеб буго бахӏарчиял умумузул жакъасел ирсилаз.
Жакъаги къварид буго ахӏун бахъинчӏеб кечӏ. Амма гьелъул буго цӏакъго тӏадегӏанаб роржен.
Нух битӏаги гьелъие ва, гьелъул куркьбаздаги рекӏун, тирулеб бугеб даимаб бахӏарчилъиялъе.
Гьедин байбихьана магӏарул театралъ 85-абилеб театралияб сезон.
«Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъги баркула магӏарул миллияб гъанситолъунги, гьелъул гӏумруялъул матӏулъунги, магӏарулазул годекӏанлъунги кколеб театралъул коллективалда гьеб рохалилаб лъугьа-бахъин.
Нух битӏаги дуе, гӏагараб театр.