Цо данделъиялда кӏалъалаго РФялъул лъайкьеялъул министр Ольга Васильевалъ абун букӏана херлъаниги хӏалтӏудаса нахъеги инчӏого, учительзаби-пенсионераз ккун ругила хӏалтӏул бакӏал. Гьединлъидал гӏолохъанал учительзабазе рес щолеб гьечӏила гьанжезаманалъул тӏалабазде рекъонкколеб лъай цӏалдохъабазе кьезе.

Министралъул рагӏабазда рекъон, ругьунаб бакӏалдаги кӏусун, пенсиягун моцӏрол харжги чвантиниб лъун, чӏегӏераб икраги кванан рагӏула ригь арал учительзаби. Ва педагогияб вузги лъугӏизабун, кивдай вугев дица лъай кьезе мустахӏикъав дов цӏалдохъанинги абун, дунял тирулев рагӏула гӏолохъанав учительги. Тӏадежоялъе, гӏемер векерахъдиялъ, вакъун-къечонги вукӏинарищха гьев пакъир.

Амма бичӏчӏулеб гьечӏо, щай гӏолохъанав учитель «къварид гьавулев» вугевали. Дагьалъ цебе ахӏи бахъун букӏана улкаялъул школазе учительзаби гӏолел гьечӏин абун. 2019 соналъул щуабилеб февралалда Москваялда тӏобитӏараб «Большие данные: новые возможности мониторинга в образовании» абураб халкъазда гьоркьосеб конференциялда министралъ бицун букӏана статистикиял баяназда рекъон, нилъер школазда хӏалтӏулел ругин 22-25 сон барал учительзабазул 5,5 процент. Хехал тадбирал гьаричӏони, 5-8 соналдаса школазда хӏалтӏизе учитель щвезе гьечӏин абун. Гьелъул магӏна букӏана, гьабсагӏаталда ругелги учительзаби нахъе ани (херлъиялда бан, унтун яги хун), учительзаби гьечӏого школа хутӏулин абураб. Гьелдаса хадуб хӏалбихьана гӏолохъанал учительзаби школазде тӏадруссинариялъул мурадалда тадбирал гӏуцӏизе. Рииялъго бицана, цӏияб цӏалул соналда учителасул харж цӏикӏкӏинабизе бугин абунги. Гьебгиха – окладги цӏикӏкӏинабун. Ахиралда хӏукму гьабуна харж кӏиго бутӏаялдаса гӏуцӏизе: аслияб – 70 процент ва гъирабазабиялъулаб бутӏа – 30 процент. Абулеб букӏана октябралда учителасул харж ункъо проценталъ (!!!) цӏикӏине бугинги.

Гьанже бицунеб буго херал учительзаби школаздаса хъамизе кколин абун. Хъамеха. Гьб мехалда бихьилагури школалда щив хӏалтӏизе вугевали. Разилъизе вугищ гӏолохъанав учитель, гьабсагӏаталда бугеб харжалда рекъон, хӏалтӏизе? «Нижер районалда гӏемерал соназ хӏалтӏулев учителасе щола 20 азарго гъурущ ва гӏолохъанасе – 10-15 гъурущ. Кин гьез хьихьизе бугеб хъизам? Хасго гӏолохъанав учителас? «Дима-дацил» квербакъиялдалъун, гӏемерал гӏолохъанал педагогал ана школалдаса нахъе, бизнесалде. Руго репетитораллъун хӏалтӏулелги. Гӏумру гьабизе гӏолеб пенсия букӏарабани, ригь аразда гьоркьосаги цониги учитель хутӏилароан школалда. Щайха гьезие къваригӏараб ботӏрол унти: гьоркьоса къотӏи гьечӏел отчетал, аттестациял, къецал…», — ан бицана 30 соналъул стаж бугев, цӏёар рехсезе бокьичӏев учителас.

Цо нухалда (гьеб букӏана ДНИИПалда хӏалтӏулеб заман) магӏарул росдал школалда гӏурус мацӏалъул дарсида гӏодой чӏарай дица кодобе босана цӏалдохъаналъул тетрадь. Гьенир багӏараб щакъиялъ лъун ругоан щуйил къиматал. Хатӏги бугоан берцинаб. Цӏалана тетрадалда хъварал тексталги. Гъалатӏазул цӏун ругоан гьел. Хадубккун учителасулгун (гьев вукӏана гӏолохъанав учитель) гара-чӏварулаго, дица гьикъана дол щуйилазул магӏна щибилан абун. Гьев мукӏурлъана, тӏадкъаязул халгьабичӏого, къиматал лъеялъе.

Школалъул масъалаби тӏураялъул рахъалъ батӏиял нухал ратизе кколаан федералияб министерствоялъ. Амма, кидагогӏадин тӏаса бищана бигьаяб нух.