Мухӏамад авараг вукӏана кутакалда адаб цӏунулев ва бищунго тӏабигӏат-гӏамал берцинавги. Гьев лъилниги рокъовеги лъугьунароан изну гьечӏого.

Рокъове лъугьиндалги заман лъабго бутӏаялде бикьулаан. Лъабгоялъул цо бутӏа Аллагь рехсеялда, ай гӏибадаталда тӏад хвезабулаан, кӏиабилеб бутӏа – хъизамалда тӏад инабулаан, лъабабилеб — жиндаго тӏад хвезабулаан. Гьабулеб ишги кидаго Аллагьасул цӏаралдалъун байбихьулаан. Мажгиталде лъугьиндал эркенаб бакӏ батаралъув чӏолаан, гьебго жо цогидаздаги малъулаан. Кинаб бугони гьаригун чи аскӏове вачӏани, аварагас яхӏ бахъулаан гьесул мурад тӏубазеги. Кумек гьабизе бажарулеб гьечӏони, ракӏ гӏодобе биччалеб берцинаб калам гьабулаан. Мажлисаздаги авараг вукӏунаан гӏадамазе мисаллъун. Цебехун ккараб мунагь-хатӏа сабаблъун лъиениги тамихӏги гьабулароан. Кӏалъалаан берцинго, дандиясул ракӏ бекиларедухъ, тамахго. Лъилниги гӏайибал рехсолароан, лъие бугониги бадибчӏвай гьабулароан.

Цо нухалда асхӏабзабигун гара-чӏварун вукӏаго, инсанасул сипаталда Жабрагӏил малаик вачӏана гьезухъе диналда хурхарал суалал кьезе. Аварагасда гурони цогидазда гьев щивали лъалароан ва цонигиясда кӏолеб букӏинчӏо гьесул хӏакъалъулъ гьикъизеги. Хадуб аварагас Гӏумар-асхӏабасда гьикъана: «Нилъеда аскӏовеги вачӏун дол суалал кьолев вукӏарав чи щивали лъалищ дуда?» — ян. Гӏумарица жаваб кьуна: «Аллагьасдаги гьесул аварагасдаги лъала гьев щив кколевали», — ян. Аварагас бицана дин малъизе вачӏарав Жабрагӏил малаик вукӏинин.

Жиндирго суалалги росун цониги чи аскӏове вачӏани, асхӏабзаби цӏакъ кӏвар кьун гӏенеккулаан гьезул гара-чӏвариялъухъ, диналъе пайдаяб, лъазе кколеб хабар рагӏилародаян. Щайгурелъул, гӏемерисеб мехалда гьедин рачӏунел гӏалхул гӏарабияз кьолел суалал рукӏунаан хӏикматал, батӏи-батӏиял, лъицаниги кьоларел гӏадал. Кигӏанго тохал суалал кьуниги, аварагас сабурго, хӏеренго, берцинго жавабги кьолаан.