Гъоркьанкьида Махӏачхъалаялда магӏарулал Миллияб библиотекаялде данделъун рукӏана гьанжегӏагар къватӏибе бачӏараб «Шамил имамасул кагътал» абураб тӏехьалъул бицине.
Гьенир кьун руго имамас наибзабазухъе, росабазул жамагӏатазухъе, диниял церехъабазухъе, гӏалимзабазухъе, хӏатта къватӏиса пачалихъазул нухмалъулезухъе хъварал кагъталгицин.
Руго, гӏаксалда, гьез имамасухъе хъварал кагъталги. Масала, Гӏусманиязул империялъул султан Гӏабдулмажидил, Алжиралъул миллияв Бахӏарчи, рагъухъан, поэт Гӏабдулкъадирил, курдазул шайих Мухӏамал ал-Ханил кагъатл.
Тӏехьалда лъурал кагътал хъван руго 1836-1886 соназда. Гӏарабалдаса магӏарулалде гьел руссинаруна Дагъистаналъул Гӏелмияб Централъул хӏалтӏухъан, Мачӏадаса Мухӏамад Шайхмухӏамадовас.
Тӏехь гӏуцӏана Дагъистаналъул Халкъияв поэт Мухӏамад Хӏамзаевас.
Гьелъие консультантлъи гьабуна тарихчи Шагӏбан Хӏапизовас (Маркъо Шагӏбанов), редакторлъи – ДНЦялъул хӏалтӏухъан Ахӏмад Муртазагӏалиевас.
«Тӏехь басмаялда бахъун араб анкьида жаниб гӏадамаз нижехъе интернеталдасан битӏун бачӏана къогоялдаса цӏикӏкӏун гьединабго кагъат. Гьел малъичӏого, жеги 200 кагъатги буго басмаялда бахъизе хӏадурун. Букӏаниги, гьари буго: Шамилида хурхарал кагътал кодор ругел чагӏаз гьел нижехъе ритӏеян. Копиял рукӏанигицин гӏелаан», — илан бицана Хӏамзаевас.
Шагӏбан Хӏапизовасул рагӏабазда рекъон, гьел кагътаз нилъее тӏатинабулеб буго цебеккун нилъеда лъалеб букӏинчӏеб Имаматалда жанисеб ахӏвал-хӏал.
«Цо пикруялде рачӏинаризе захӏматал чагӏи руго нилъ, магӏарулал. Чияр кӏалдибе балагьуларел, нилъерабго гьабулел рукӏунел. Гьединлъидал гьадавгунияв чиясул пикруги гӏамал-хасиятги баччизе, магӏарулалги данде гьаризе Аллагьас имамасе кьун букӏун бугеб гьунар загьирлъулеб буго гьел кагътаздасан», — ин абуна Мухӏамад Шайхмухӏамадовас.
Гьеб дандеруссиналда вукӏана Сагӏудиязул Гӏарабиялда вугев РФялъул Генералияв консул Багьавудин Гӏалиевги.
Жиндие гьеб тема кутакалда гӏагараб бугин бицана гьес. Щайин абуни Шамилица туснахъ хӏисабалда жидер доре (Багьавудин ккола Цӏумада районалъул Акнада росулъа) ритӏулел рукӏун ругила гӏайиб ккарал (политзаключенные гӏадал) гӏадамал.
Гьединаб тайпаялъул тӏехь данде гьабизе кигӏан гӏетӏ тӏезе кколебалиги лъалин жиндаян абуна Багьавудин Гӏалиевас. Цин бугони, кагътал данде гьаризе. Советияб заманалда гӏадамаз, хӏинкъиялъ, кьолеб букӏинчӏила лъихъениги жидерго архив. Гьанжени кьолеб бугила.
Кӏиабилеб масъалалъун гьес рехсана таржама гьаби: «Къираласулги хӏажизабазулги официалиял дандчӏваязда дица чанги гьабуна таржама. Амма гьал кагътазул таржама гьабизе дир кӏвеларо. Битӏараб бицине ккола. Гӏарабалдаса магӏарулалде руссинарурал гьел цӏалулаго тамашалъун вукӏана дун. Гьединлъидал гьеб ккола багьа гьечӏеб хӏалтӏиги гьединабго тӏехьги».
Имам Шамилил цӏар чорок гьабиялда данде чӏараб тӏехьлъунги толин жинца гьебиланги тӏаде жубана Багьавудин Гӏалиевас.
«Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиевасе асар гьабун бугоан 1867 соналъ Хъварщиса Загъалас Калугаялда вугев Шамилихъе хъвараб кагъаталъ, хасго гьелъул ахиралъ.
Гьадин абулеб буго гьениб:
«Ва, дир хӏурупал, нужгӏаги ралагье дир вацасул гьумералъухъ, нижер бераздани гьев вихьизе рес гьечӏелъул. Дида бугеб хӏалги гьал дир хӏарпаз ва гьал рагӏабаз бицина дуда».
Имам вихьизе Загъаласул букӏараб гӏащикълъи загьирлъулеб бугила Шамилица цӏализе ругел гьел мухъаздацин гьесул жахӏда ккеялдаса.
Гьеб тӏехьалда тӏад хӏалтӏарал Хӏамзаевасеги, Шайхмухӏамадовасеги, Хӏапизовасеги, Муртазагӏалиевасеги баркала кьолаго, Бисавгӏалиевас рехсана Расул Хӏамзатовасул кочӏолъа мухъал «… жалго щапаниги, нилъер щивасулъ Шамил тӏокӏаб рухӏ хӏалтӏулеб буго». Гьел чагӏазги якъинго бихьизабулеб бугила Шамилил рухӏ жидер бидулъги чорхолъги хӏалтӏулеб букӏин.
(Суратал росана Миллияб библиотекаялъул сайталдаса)