16-20 ноябралда Каспи ралъдал рагӏалда «Журавли» комплексалде вакӏарун 27 улкаялдаса 42 вакилгун бицана битӏун кин кваназе кколелали.
Жеги киданиги Москваялдецин щвечӏел Африкаялдаса, Америкаялдаса, Канадаялдаса, Индонезиялдаса ва цогидал бакӏалъа гӏадамал Махӏачхъалаялъул рагӏалда данде гьаруна Москваялда чӏей бугев Гъуниб районалъул Шангъодаса гӏалимчи Мухӏамадов Мухӏамадица.
Гӏелмияб къагӏидаялда абуни, гьеб букӏана дунялалда 23 абилеб нухалда тӏобитӏулеб кванил конгресс.
Гьениб Мухӏамадица кӏвар буссинабуна интересал хӏужабазде. Масала, гьев гӏажаиблъизавун вугоан Махӏачхъалаялда гӏадатияб берталъ столалда тӏад лъураб 67 батӏияб квен бихьидал. Гьебго заманалда дунялалда вакъуца холев вугила 800 млн чи. Тӏад гьан/тӏатӏи чӏван, цӏайи цӏикӏкӏарав чиги дунялалда I, 5 млн вугила.
Мухӏамадица рикӏкӏунеб буго ахираб 23 соналда жаниб инсультал, инфарктал, сахарный диабет ккеялъул рахъалъ Россиялда Дагъистан цебесеб кьерда бугилан.
70 проценталъ гьелъул гӏайиб кванида бараб рагӏула, 25 процент – рагъа-рачарунгутӏиялда.
«Нилъее жакъа тӏабигӏаталдаса цӏикӏкӏун нигӏматал щванагӏан квешаб бербалагьи гьабулеб буго нилъеца гьелдехун. Гьелъ нилъедаса тӏабигӏаталъ рецӏелги босулеб буго», — ян гӏезегӏан ракӏ тӏаде цӏалеб кӏалъай гьабуна Мухӏамадица конгрессалда.
Хадуб гьес интервью кьуна «Хӏакъикъаталъеги».
— Мухӏамад, церетӏурал, машгьурал улкабиги рукӏаго, хас гьабун Дагъистаналда гьеб конгресс тӏобитӏиялъе гӏилла щиб ккараб?
— Гьелъие чанго гӏилла буго. Масала, 12 сон буго дир кванида хурхараб цо системаялда тӏад хӏалтӏулев. Дир хӏалтӏиги лъайги физикагун математикаялда хурхараб буго.
— Вахӏ. Дида ккун букӏана мун тохтур ватилилан. Кванил конгрессалдехун хурхен бугелъул…
— Гуро. Гьадаб бицен гьабураб системаялда тӏад хӏалтӏулев вукӏиналъ диргун бухьен гьабуна клиникияб кванил рахъалъ конгрессал тӏоритӏулеб дунялалъулго гӏуцӏиялъ (гьединаб гӏуцӏийин абуни лъабго буго дунялалда – Америкаялъул (АSPEN), Европаялъул (ESPEN) ва Россиялъул).
Палхӏасил, гьел вакилзабаз гьарана дида жидее кумек гьабейин кванил конгресс тӏобитӏизе. Цинги дица гьезда цебе шартӏ лъуна: гьабилин, амма гьеб тадбир дир ватӏаналда, Махӏачхъаялда, тӏобитӏизе кколилан. Щайгурелъул кванил рахъалъ гьанир ругел масъалабиги ресалги лъикӏ лъалелъул дида. Дол разилъана. Гьедин, анкьго моцӏалъ цебе байбихьана конгрессалде хӏадурлъизе.
— Гьедин бигьаго кин гьел разилъарал? Дагъистан лъикӏ лъалебги букӏун батиларин гьезда.
— Доз цебеккун дихъан тӏалаб гьабуна нилъер хӏакъалъулъ кинабгӏаги материал. Гъоркьнухалъ гьединаб конгресс Венгриялда букӏана. Гьенире рачӏарал чагӏазул сияхӏ кьуна гьез дихъе. 600 чи вугоан гьенив. Байбихьана щивасухъе кӏалъазе. Гьереси щайха, бачӏинахъего инкарги гьабичӏого, гӏемерисез жаваб кьолеб букӏана гьа, Дагъистаналдайищин гьеб гьабулеб бугеб, гьедин батани, жал ургъилин, жал ургъилин.
Гьезда гьоркьоса 42 чияс къабул гьабуна нижер ахӏи. 27 улкаялдаса гӏадамал ккола гьел. Бищун гӏемер индусал руго (батӏи-батӏиял улкабаздаса рачӏарал). Щайин абуни дунялалдагоги кванида хурхарал центразда гӏемер руго гьел. Гьединго дунялалда бищун церетӏурал математикалги программисталги руго гьезул.
Конгрессалъул гӏахьалчагӏи ккола чанго батӏияб рахъалъул махщелчагӏи — диетологал, диабеталъул тохтурал, спортивияб кванил, лъималазул кванил ва цогидалъул экспертал.
— Гьевщинав чиги ахӏун гьаниб гьеб конгресс тӏобитӏиялдасан щиб нужее/нилъее кколеб?
— Цин бугони, дие бокьун буго нилъер гӏадамаз жидеца къойилго кваналеб кваниде кӏвар кьезе. Рокъоселги рукӏунаан диде бицарулел, гьалейила Мухӏамадица столалда тӏад рихьун нигӏматал толарила, нахъе росизарун. Гьариларищха, чорхое заралияллъун рикӏкӏунелщинал жалазул цӏезабун букӏунеб мехалда гьеб стол – гьуинал пирожниялгун тортал-пирогалги, цӏамги, хъахӏаб чедги, хӏалхьезегӏан гьанги. Дагь-дагьккун гьеб киналъего гӏорхъиги чӏван, бащдаб лъагӏалидасан рукӏалиде ккана нижер стол. Гьанже гьелде ругьунлъун руго нижер хъизан-рукъалъул чагӏиги. Гьебго пикруялде рачӏине бокьун буго дие цогидал нилъер ракьцоялги. Столалда тӏад лъезе ккола гӏицӏго нилъер сахлъиялъе къваригӏарабгӏанасел кванил нигӏматал. Хутӏарабщинаб квен-тӏех нилъее заралалъе чӏола.
— Гьеб квен дагьаб букӏине ккеялъул бицуневищ мун?
— Дагьабги пайдаябги букӏине кколилан абулев. Гьаб конгрессалда хадув рокъове щведал, чияс цӏамгун чакар дагь гьабизе лъугьанигицин кутакалда лъикӏ букӏинаан. Цадахъ кваназе лъикӏал гьечӏел нигӏматалги рукӏуна. Кванирукъалъур цоцазда дандекколаро гьел. Масала, киназго реццулел нилъер хинкӏалги гьанги – тӏубан данде кколаро.
— Нилъер умумузе щайха гьеб данде кколеб букӏараб?
— Щайгурелъул гьел цо параялъги чӏун рукӏунароан. Жакъа Дагъистаналда гӏадамазда гьабщинаб батӏи-батӏияб унти щай кколеб бугебали лъалебищ? Рагъа-рачарунгутӏиялъ. Нилъер умумуз бетӏербахъи мугъзаца гамачӏги баччун гьабизе кколаан. Гьез гӏадин мугӏрул-гӏалахал харулелищ нилъеца? Гьединлъидал дозие къваригӏунаан додинаб квен. Тӏубарал гӏасрабаз нилъер къаркъала ругьунлъун букӏана гьединаб къо бихьиялдеги бакӏаб квандеги. Гьанже ахираб 50 соналда жаниб чорхол къагӏида тӏубанго хисизабуна нилъеца мугӏруздаса эхереги гочун.
Бакӏаб хӏалтӏиги гьабун, нилъер умумузул чорхолъа къватӏибе кьолеб букӏараб заралияб энергия чорхолъго хутӏулеб буго. Щайин абуни гьеб къватӏибе бачахъулеб «кнопка хун букӏун». Хвеларищ, рагъа-рачарулел гьечӏеб мехалда. Амма гьеб цӏияб къагӏидаялдеги нилъер черх кигӏан кӏваниги бокьичӏого ругьунлъана. Гьеб буго нилъеца черхалда тӏад гьабулеб зулму.
Дуда лъалищ магӏарухъ нилъер гӏадамал гӏемер сонал ралелдего щай холел рукӏаралани (гьададигӏан бацӏцӏадаб гьаваги, гӏадамазул цоцаздехун недегьаб бербалагьиги, черхалъе зарядкаги щолеб бакӏалдаха) ?
— Вахӏ, нусго сон базегӏанги хутӏулел чагӏиян гурищ абулеб букӏараб?
— Гьел жал гьадингосел маргьаби руго. Маргьаби! Гьабсагӏаталда нилъее щвезе рес бугел гӏадал витаминалги тохтурасул кумекги щолеб букӏарабани, магӏарулаз доб мехалда дунялалда 120-130 сон балаан. Квенин абиялъе гӏоло, щвалде щвараб, витаминалги ругеб квенги букӏинчӏо доб. Ракъуца хвечӏого рукӏиналъе гӏураб жо гурони.
Тохтурасул кумек щунгутӏиялъул бицани, бищун гӏемер магӏарухъ бихьинал простатиталъ унтула. Амма хвалил бусаде кканигицин, жидер чӏухӏиялъ гьез гьеб лъиданиги бицунароан, гӏарзал рахъулароан. Гьелдалъунги къокълъулаан чиясул гӏумру.
Палхӏасил, жакъа нилъ, тӏоцебесеб иргаялда, рикӏкӏалъизе ккола сундул гьабурабали лъалареб тукадул квандаса. Гьелдаса хадуб нилъелъ хутӏула чорокаб энергия. Гьелда данде къеркьезе кӏвечӏолъиялъин чорхолъ унтабиги раккулел. Масала, бидурихьал руго къварилъулел, инсультал руго кколел. Балагь бачӏун кваналеб буго гьуинлъи, гьан. Гььелъул щибалъул жиндирго къадар букӏуна кваназе кколеб.
Гьеле гьелъул бицунеб букӏана гьаб конгрессалда. Гьеб буго цо мурад.
Кӏиабизе. Конгрессалде рачӏарал экспертаздаса пайда босизе (гӏакълу гьикъизе) рес щвана гурищ нилъер гӏадамазе, гӏадатиял чагӏи гьел ратаниги, тохтурзаби ратаниги. Гьалбадерил киназулго интернет-адресал ругелъул программаялда хъван. Гӏезегӏан больницабабзул бетӏерал тохтурзабиги рихьана дида гьанир.
Конгрессалъул лъабабилеб мурад – дие бокьилаан нилъер гьаниб, масала, аграрияб университеталда клиникияб кванил, диетологиялъул кафедра рагьизе. Жакъа Россиялдагицин къанагӏат гурони гьечӏо гьеб рахъалъ лъай щварал гӏадамал. Дагъистаналъулни бицинего бицинарин.
Гьеб ккола гӏелмуялъулъ баккараб цӏияб нух. Битӏун кваназе ругьун гьари. Амма бищунго чиясе данде кколареб жо буго гьесда кваназе малъи. Гьадинал тадбираздеги рачӏун, цогидаз бицунелъухъ гӏенеккани, гӏакълу дандбалеб бихьани, гьел жалго кантӏизе бегьула.