Ах-хуралъул бачӏиналъ цагърал цӏураб гӏуж буго гьабсагӏаталда магӏарухъ.

Хъвехъун магӏиде бахинабун буго кьариябщинаб хӏораб хӏайван. Гъоркьарукъзабахъ сокӏкӏун буго картошкагун хъабахъ, гӏечгун гени. Гьечӏо гьобол вачӏани нечараб хӏал.

Амма, гӏайиб гурищха, гьеб бацӏцӏадаб нигӏматалде тӏаде химиялъ гӏезабураб, хумелаг-дрожалъ мехтизабураб рикъзи жубазе. Киб батилеб хинкӏал разе бацӏцӏадаб ролъ?

Нужеда ракӏалда бугищ магӏарухъ гьелчолел ролъул хурзазул заман? Хасалихъего рак бан, пурцица рекьун, гьезие гьабулеб букӏараб хъулухъ, беэнлъараб ракьулъан нахулъе нус гӏадин унеб пуруц, хурир чӏарадулел ясал…

Чанги хараби рихьана дида рехун тарал ракьазухъ, захӏматчагӏазул къимат бугеб доб заманалъухъ магӏу тӏолел. Дунгоги щакъраххуна, магьал раччун эбелгун хьвадарал, гьанже сухъмахъалгицин гӏурдаде сверарал, мегъал рихьидал.

Амма тӏуранго лъугӏунгиха гьечӏел гьеб баракатаб нигӏмат гӏезарулел магӏарухъ. Нуж божа, тӏорщалил лал тӏамулеб гьоцӏие щун юссана дун гьал къоязда!

Чандай Дагъистаналда буго пурцица бекьун, харицелалъ лъилъун, оцазда нахъа лулби ран, квералъ наккуялдаса мугьги бацӏцӏун ролъул нахърател гьабулеб бакӏ? Нагагьги батила! Гьел къанагӏатазул цояб буго къелдерил мухъалъул жаниблъи.

Рогьалил хъачӏаб квач хӏенчолеб, роцӏцӏараб хасалихълъиялъул радалил гӏужалъ, цоял пуруц-рукьгун, хадур оцалги цӏцӏан рачӏунел, цогидал тӏорщел тӏибитӏулел, лъабабилел бугьун-лъенгун гьоцӏире гӏедегӏулел руго Сомода росдал руччаби. Мугӏрузул ракьанда, къаралазул мугъалда нахъа парахалъараб къелдерил росу буго гьеб.

Захӏматалъ пинкьаххарал кверал ругониги, гьурмада гьими гвангъарал гӏадамазул гьитӏинабго гьеб росдае памятник балаан (дир ихтият букӏарабаниха) цӏар рагӏараб ВДНХялда. Лъагӏалил бокьараб заманалда рачӏаниги ахакь, хурзабахъ ратила нужеда гьел гьайбатал гӏадамал. Гьале, церекъад сомолазул гьоцӏабахъ тӏамун бахъана исана ахирисеб, 50-абилеб лал. Берги ккеладай гьездаян хӏинкъадгоха бицунебги бугеб.

Лъадал чваххиялъ хӏалтӏизабулеб гьабихъ бацӏцӏун ролъ, бассун гьохъ ххенолел хурухъаби чандай хутӏун ругел?! Гӏемер бугин абуге, божиларо. Батани бице, кир ругелали лъазе бокьила.

«Хӏалтӏуларев кваналаро» — гьединаб аби, ахӏи букӏунаан росдал къватӏахъ къадазда хъван советияб заманалда. Хӏалтӏуларев чанги лоти кваназавулев вуго гьанже хӏукуматалъ. Хӏалихьалъи бессараб хӏалхьиялда буго гӏемераб халкъ. Щибго жавабчилъи гьечӏо гьезулъ жидер ракьалда, намусалда цебе. Моцӏрое камичӏого гӏарац рокъобе бачӏунел гьереси-документал гьариялда кутакалда хадурги гъун руго гӏадатиял росдал гӏадамалцин.

Нужецаго цевечӏезаве: лъималазе, чӏужуялъе, жиндиего пенсия гьабизе кредит босулев саламатав чи! Хурзалги руго гьесул рекьичӏел, инсуца гӏезабураб ахги буго херлъун бакъвалеб, умумузухъа ирсалъе щвараб кулиги буго чӏунтун. Лъималги гьасул — цӏализе кӏухӏалал, щибго захӏматалде ругьунлъичӏел; чӏужу- цебе бугеб бахчиниб чурпаялъе гӏурччинлъицин бекьуларей. Кинаб мисал, щиб бичӏчӏи щвелеб гьединал эбел-инсудаса лъималазе, щиб пайда бугеб гьеб хъизаналдаса росу-ракьалъе? Хъачӏго абуни — сурукълъи, тамахго бицани — кьерукълъи бекьулеб буго гьеб тайпаялъ магӏарухъ.

Гьайбатаб тӏабигӏаталъул, магӏишаталъе санагӏатаб ракьалъул бицунаго нилъее гьеб кьерукълъиялъул хабар халат гьабунги щайха.

Къокъго абуни, Шамил районалъул росабалъ цохӏо къелдерил жаниблъиялда гӏезабулеб буго тӏорщел. Гьениб 60 хъизамалъ бекьулеб буго ролъ, гьохъ, огоб.

Унгоха, гьезул рокъоб бежулеб рикъзиялъул бугеб тату!

Бахилаб хӏалалда росдал магӏишат гӏуцӏарал гӏолохъаби нижер мухъалда гӏезегӏанго руго.

Гьелъул хӏакъалъулъ цоги нухалда бицина.