Дир лъимерлъиялъул тӏоцебесеб ракӏалдещвейлъун буго инсуца холодильник босараб къо.

Жакъа гӏадин ракӏалда буго дун гьелда сверун векерахъдилев вукӏарав куц. Дие цӏакъ бокьун букӏана гьеб щиб жояли лъазе. Цӏакъго гӏажаиблъи гьабуна дица гьелда жаниб чирахъ рекӏараб мехалъ. Холодильник рокъобе босулаго рортичӏого рукӏине нахъе рахъун, полкабиги рукӏинчӏо гьелда жанир. Дун гьелда жанивеги лъугьун гӏодов чӏана. Дихъги валагьун инсуцаги абуна, гьанже гьеб дур рукъ бугилан ва цогидаб рокъове ана жиндирго ишалъ. Дун васандулев вукӏана холодильникгун, циндаго къан бачӏана нуцӏа ва свана канлъи. Дун ккана бецӏаб бакӏалде. Дун квешго хӏинкъана. Загӏипал квераз кӏвараб хӏалалъ дица нуцӏа цулеб букӏана, амма рагьун бачӏунеб букӏинчӏо. Дун гӏодилев, чӏчӏичӏчӏидилев, нуцӏа бухулев вукӏана, амма дидаго цадахъ дир гьаракьги букӏана гьеб нуцӏица туснахъалъуб тӏамун.

Цо заманалдасан нуцӏаги рагьун бачӏун, дидаго цадахъ къватӏибеги борчӏун, дир гьаракьалъ цӏезабуна тӏубараб мина – щибаб рукъ, щибаб рукъалъул букӏон. Йихха-ххочун екерун ячӏана эбел, каранде къана дун…. Гьединги, дир рукъго дир рукъилан дунги чӏалгӏун, кӏудияв вацас тӏадеги къан ккун букӏун буго гьеб нуцӏа, дур батани гьенивго вукӏайилан. Гьелъухъ эбелалъ гьодитӏа хьоп басандизабуна гьесул.

Цоги ракӏалда буго, гьитӏинав чи, тӏоцеве чанагъгун хъештӏезе дунго арав. Бан букӏана кӏудияб гӏазу. Дун гӏодов ккун, тӏаде вахъун, хӏалицаго вилълъунев вукӏана гьелда тӏасан. Таманаб заманаялъ хъештӏон хадув яцалъ рокъовеги вачун кӏудияб бежараб картошка кьуна дие печалъул коронисаги бахъун. Ячӏана эбел. Хинал квераз дир цӏорорал кӏаркьабиги данде къана, гьабгощинаб заманаялъ къватӏив щай таравилан ягъана яцазде, дун кьижизе вегизе гьавуна. Кӏудияй яцалъ, дида аскӏойги егун, ботӏроде юргъанги цӏан, тӏубараб бецӏлъуда, жиндирго гуреб гъварараб гьаракьалъ тӏомуразул мацӏалда хераб цидул кечӏ ахӏулеб букӏана дие:

Дун хӏерлъила, хӏаликълъила,

Рас хӏулила, са бихьала,

Гьубил кьомоб – басанлаб къо,

Салибаза – чихӏарлаб къо,

Гӏесенал жал – чӏамулеб къо,

Чӏахӏаял жал – хъамулеб къо

Айла, майла мигӏил гӏоооор…

Болмацӏалде буссинабуни, гьадин бачӏуна гьеб:

Дун херлъана, хӏаликълъана,

Рас хӏулана, ца бахъана,

Гьабил тӏохда кьурдулаан,

Салда кьалбал рухъулаан.

Гӏисинал жал чӏамулеб къо,

Чӏахӏиял жал хъамулеб къо.

Айла, майла, магӏил гӏооор…

Бецӏлъуда яцалъ жиндирго гуреб гьаракьалъ ахӏулеб букӏана гьеб кечӏ, дир беразда цере паркъулаан кочӏохъ гӏенеккун гьабил тӏох, ци, бецӏаб рохь ва цогидал гӏемерал хӏинкъилел гӏадал суратал. Цо кинабалиго маргьудалъеги ккун, дун хӏинкъизе лъугьана гьеб юргъаналда гъоркь. Цӏакъго дун хӏинкъулаго, рагӏун ахирисеб мухъги ахӏун, яцалъ юргъан рехулаан тӏаса. Дун гӏорхъолъа ун вохулан, гьеб рекӏелъе хӏинкъи ккезабулеб ахӏвал-хӏалалдаса, хераб циялдаса ворчӏанилан ва канлъи бихьанилан.

Гьеб яцалъул кочӏодаса хадув кьижун карав дида, макьилъ бихьулеб буго добго бецӏаб рохь. Унев вуго дун рагӏа-ракьан бихьулареб чӏедераб сухъмахъ нухдасан. Цинадаго, къватӏибе мацӏги рехун, данде бачӏана хераб ци. Дун тӏурун гъотӏода гъоркь вахчана. Цийилан абуни тӏадего-тӏаде бачӏунеб букӏуна. Дица кьижун вугеб ххвел гьабулеб букӏана, ци тӏаде-тӏаде къалеб букӏана, дида гьелъул гъулгъуди ва хӏухьел чӏвалеб букӏана… тӏадеги къулун, гьелъ дир гьурмада мацӏ бахъана….

«Гьале, гӏетӏулъ вецӏцӏулев вуго! Абуна дица нужеда гьав вас къватӏиве виччагейилан!», — илан ахӏулеб эбелалъул гьаракьалъ дун ворчӏана. Эбелалъ дир гьумер бацӏцӏана, амма дида кинго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо, дун эбелалъухъищ вугев, яги жеги цидул квачӏикьищ вугевали. Эбел ятидал дун кутакалда воххана, ццин бахъиндал гьеб ци гӏадин гьейги лъугьуней йикӏаниги. Дица эбелалда циян абизеги абулаан гьитӏинаб мехалда. Хасго гӏенеккуларого, малъараб гьабичӏого гьелъ кӏутӏараб мехалда. Эменги вац-яцалги релъулаан, эбелалъги щибго квеш букӏинчӏого къабул гьабулаан гьеб «ци» абураб цӏар, хъизамалда гьединаб роль гьелъ къабул гьабун букӏана. Реэдулаан, гӏенеккулареб мехалда щвезеги гьабулаан лъикӏ. Гьединаб хӏеренлъиги хъачӏлъиги цоцалъ бессараб тарбия букӏана дир эбелалъул. Гьедин росулъ кӏудияв гӏолев вукӏана дун, дирго рохелалгун, пашманлъабигун, хьулалгун, хӏинкъабигун.

Хӏинкъаби ва гьезул рачӏин батӏи-батӏияб букӏана. Инсул рукъалда цебе букӏараб битӏараб тӏохдеги вахун, рикӏкӏада ругел мугӏузул тӏогьивеги валагьун, дида кколан гьеб дунялалъул рагӏал бугилан ва тӏокӏаб щибниги дунялалда гьечӏилан. Гьелъул пикру гьабун хӏинкъи бачӏунаан. Ботӏрода жаниб гьеб бичӏчӏизе цӏакъ захӏмалъулаан. Дунялалда кинабго жо мухӏканго бичӏчӏун букӏине къваригӏун букӏунаан дие. Рохьор – циял, мугӏрузда — бацӏал, цер — нохъода. Рукӏана цойги кавтаралилан абурал жалги. Бицунаан, цо-цо сордоялъ росда цебе бугеб гӏачиязул фермаялда аскӏоб ракӏ гъанцӏизабулеб, релъи лъалареб, гӏоди лъалареб гьаракь рагӏун бугила лъидаялиго. Хасго чиясул черхалда сири балеб бугила гьеб гьаракь белъанхъизе лъугьараб мехалда абун.

Бищунго дун хӏинкъулаан гьел кавтараз жидехъего щварав чи чӏвалеб куцалъул бицараб мехалда.

— Дуда лъалищ кавтаралъ кин гӏадамал чӏвалелали? — йилан гьикъана цо нухалъ дида кӏудияв вацас. – Доз бацӏазги циязги гӏадин чиясда хӏанчӏуларо. Доз кквезеги ккун дур чохьода хъисула, ай хьиндалазул мацӏалда абуни гиди-гиди бачуна, мун велъун чӏезе кӏоларого вукӏуна, гьеб мехалъ дур бадибеги балагьун кавтарги белъулеб букӏуна. Дур релъиялъ гьелъул релъи рагӏизе толеб букӏунаро. Гӏемер велъун, хӏалги, рухӏги къун хола кавтаралъухъе щварав чи. Гьесда кӏоларо чӏезе велъичӏого, гьедин рухӏги босула…