27 ноябралда Махъачхъалаялда, Поэзиялъул театралда данделъун рукӏана Кавказалъ асир гьарурал Москваялдаса гьалбадерида дандчӏвай гьабизе.

Тадбиралда гӏахьаллъизе ва жидерго Кавказалдеги, Дагъистаналдеги, дагъистанияздеги бугеб адабалъулги рокьулги хӏакъалъулъ бицине рачӏун рукӏана «Дир Планета» телеканалалъул вакилзаби. Гьезда гьоркьов вукӏана «Кавказалъул асир» абураб проекталда рекъон, «Дагъистан. Гъамсукь» документалияб фильмалъул автор Андрей Понкратовги.

Жакъа къоялде гьез бахъун буго Северияб Кавказалъул республикабазул хӏакъалъулъ анлъго фильм. «Дир Планета» телеканалалдасан гьел рихьизаризе руго цӏияб соналъул гӏодоркъояздаса хадуб.

— Гьале Дагъистаналъул тахшагьар. Гьенисан байбихьулеб буго киноялъул авторас жиндирго сапар. Цинги – Сулахъалъул къварилъи, Чӏикӏаб ГЭС, Тӏелекь росу, Гъуниб ва ахиралдаги — араб гӏасруялъул лъабкъоялда анцӏабилел соназде щвезегӏан жаниб гӏумру гьалдолеб букӏараб, гьанже чӏваданалде сверун бугеб Гъамсукь росу.

Гьеб сапаралъ рекӏее кӏудияб асар гьабулеб буго авторасе. Магӏаруласул миллияб парталги ретӏун, гьес нахъа толел руго мугӏрузул сухъмахъалги, Сарры-кумалъул салул авлахъалги, тӏагӏамалда кваналел руго магӏарул хинкӏалги, пурщабиги, бакъварабгун цӏияб гьанги.

Магӏарул тӏимугъги ретӏун, гьев щвана тӏелкьадерил годекӏанивеги, гара-чӏварана «институтал цӏалун лъугӏичӏониги, цӏвабзазул мацӏ лъалел» магӏарулалгун. Гьесда лъана магӏарул тӏимугъ гьабиялъул балъголъабиги, ва ахиралда гьесие кьуна сайгъаталъе буртинаги. Гьелъул магӏна букӏана магӏарулазги мугӏрузги къабул гьабунин гьесул рокьийилан абураб.

Гъамсукь росулъе щведал, рекӏел чӏваби тӏелеб гӏадаб сариналда гъоркь, рихьизаруна чӏваданазул сипатазда ругел минабиги, кидаялиго тӏабигӏаталъ кьураб жиндир берцинлъиялдаса хӏалхьоларого ругел цӏумазул жакъасеб рорженги, росу сверун ругел мугӏрузул тӏогьазда гьабулеб тӏавапалъул нурги…

Тадбиралда гӏахьаллъарал республикаялъул Туризмалъул, Культураялъул министерствабазул вакилзабаз баркала загьир гьабуна Москваялдаса гьалбадерие Дагъистаналъул хӏакъалъулъ бахъараб киноялъухъ.

Гьелдаса хадур гьел гара-чӏварана дандчӏваялде рачӏарал дагъистаниялгун.

— Битӏун бицани, нижеда ракӏ-ракӏалъ абизе кӏола гӏадамал хиралъиялъги гьалбадерие гьабулеб адабалъулги рахъалъ Дагъистан дунялалдаго тӏоцебесеб бакӏалда бугин. Гьанир руго лъикӏал гӏадаталги, гьелдаго цадахъ цӏакъго тӏадегӏанал гӏадамалги. Гьобол-гьудул хиралъиялъ батила нужер гьаниб бизнес гьабизе квалквалги букӏунеб. Щайин абуни, лъихъаниги сундухъниги гӏарац босиларилан лъугьунел руго нуж, — илан абуна гьез.

Гьеб букӏана дагъистаниязе гьалбадерица кьураб цӏакъго кӏудияб къимат.

Гьезда гьикъана Дагъистаналда щиб бокьичӏебиланги. Нечадго гӏадин гьадин абуна Андрей Понкратовас:

— Кинабго лъикӏ буго. Тӏабигӏатги Тӏадегӏанас нужее нужго гӏадаб, бищунго лъикӏаб, берцинаб кьун буго. Амма ракӏбакъвала, киса-кибего щущан бугеб рищни-къул бихьидал,- илан.

Кидалгӏагидай нилъ кантӏилел!?