27 ноябралда ДРялда бугеб УФСИНалъул № 7 колониялде щвана инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ ДРялда вугев вакил Жамал Гӏалиевги республикаялъул Жамгӏияб палатаялда цебе гӏуцӏараб ОНКялъул нухмалъулев Гӏумар Гӏумаровги.
Гьез халгьабуна колониялда кванил рахъалъги, сахлъи цӏуниялъегун рега-рахъиналъеги кинал шартӏал чӏезарун ругелали.
Исана 20 сентябралда гьениб кутакаб гъалмагъир ккун букӏана жанир тӏамурал гӏадамаз цӏа гъун, къайи-цӏа бекун, хӏамамалъе ва жалго жанир чӏарал рукъзабазе зарал гьабун. Гьанжего-гьанже бакӏа-баххарун, цӏигьабулеб буго гьеб.
Божизе бегьулел чагӏаз бицана туснахъалъул нухмалъиялда гӏайиб букӏанилан. Гьединищали, гьанже гьезул (УФСИНалъул) 15-ниги чи жанив тӏамунги вугев, тӏад делабиги гьарун.
Палхӏасил, гьел бакӏал цӏи гьарунигицин, колониялъе хӏажат буго клуб, тарбия кьолеб рукъ, гардеробалъе бакӏ, кладовкаби. Гьабсагӏат гьенир ругел корпусал 50-70- соналъ церего рарал жал ругоан.
Гьеб киналъулго халгьабун хадур, Жамал Гӏалиевги Гӏумар Гӏумаровги гӏенеккана жанир тӏамуразул гӏарзазухъги.
СШАялда гӏумру гьабун вукӏарав нилъер ракьцояв вугоан гьенив, Вагьаб Вагьабов абун. Жиндиеги цогидал спортсменазеги бокьун бугила колониялъе спортивияб къайи сайгъат гьабизе, амма тӏалъиялъ гьелъие изну кьолеб гьечӏилан бицана гьес. Спорталъе лъикӏал гӏолохъаби абуни гӏемер ругоан гьенир.
Къватӏиса улкабаздаса, масала, Таджикистаналдаса, Азербайжаналдаса гӏадамазул суал бугоан лъикӏаб хьвада-чӏвадиги хӏисабалде босун, болжал щвелалдего жал къватӏире риччалеб къагӏида гӏадахъ босулеб гьечӏилан.
Гьелъие жаваб кьуна колониялъул хӏалтӏухъанас. Гьелъие хӏажатал шартӏазул цояб кколила туснахъалъур рукӏаго щибниги хӏалтӏи гьез гьабизе ккейги. Амма гьеб жо некӏогоялдасаго гьечӏо гьениб.
СПИДалъ унтарав цо гӏолохъанчияс абуни гӏарз бахъана къойидаса къойиде жиндир чорхол хӏалги хисулеб бугила, жив гьанив вугеб чанго моцӏалда жаниб цониги нухалда бидул анализгицин босичӏила жиндихъа.
Туснахъазе гӏолареб жо буго цойги — рокъосан рачӏунел посылкаби гьанже дагьлъизарун рукӏинги. Ай, цебе кӏиго моцӏида жаниб цоцӏул биччалаанила гьеб. Гьанже – лъабго моцӏида жаниб цоцӏул.
Гьебги законалда бараб жо бугин жаваб кьуна колониялъул вакилзабаз.
Колонияда бугеб тукадул йичарухъаналда тӏасанги буго гьезул разилъи гьечӏолъи. Цӏакъ хӏинцго гурони хӏалтӏуларила гьей. Ригь бекарай гӏаданги йикӏун, гьелда компьютер лъикӏ лъалеб рагӏуларо. Гьединлъидал къойида жанив лъабго чиясул гурони рес гьечӏила тукадаса жо босизе.
Амма мухь дагьаб букӏиналъ, гӏолохъаналги техникаялда хадур гъуралги гӏадамал рачӏунарел гьечӏо гьенире хӏалтӏизе.
Гьел киналго гӏунгутӏаби лъугӏизаризе квербакъилин рагӏи кьуна туснахъ гьаруразе Жамал Гӏалиевасги Гӏумар Гӏумаровасги.