23 ноябралда Махӏачхъалаялда, тарихалъулаб паркалда цӏидасанги данделъун рукӏана магӏарулал жидерго гъасда бакараб цӏадухъе.

Гьаб нухалдаги гьоркьоб лъун букӏана рахьдал мацӏалъул суал. Нахъеги магӏарул мацӏалъул угьи-зигараялъухъ гӏенеккизе данделъун рукӏана гӏалимзаби, магӏарул мацӏалъул учительзаби, шагӏирзаби, хъвадарухъаби, гӏолилал ва рахьдал мацӏалъул унтиялъ унтизарурал магӏарулал.

Тадбир рагьана ва нухда бачана «Аварал» гӏуцӏиялъул гӏахьалчагӏи Даниял Мухӏамадовас ва Атикат Мухӏамадовалъ.

ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул студент Мухӏамад Манаповас рикӏкӏараб Расул Хӏамзатовасул «Авар мацӏ» абураб кечӏалъ тадбиралъул гӏахьалчагӏазе кӏудияб асар гьабуна.

Магӏарул миллат буго гӏемермацӏазулаб миллат

Гьедин абуна магӏарул мацӏалъул хӏакъалъулъ ДНЦялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, профессор Мухӏамад Мухӏамадовас.

Унго-унголъунги, абизе бегьула щибаб районалъул жиндирго мацӏги, хӏатта росабазулгицин. Гьел киналго цолъизарулел руго болмацӏалъ. Гьеле гьелъиеги хоб бухъулеб буго жакъа нилъеца.

Жиндирго кӏалъаялда Мухӏамадица къокъго бицана магӏарул мацӏалъул тарихалъул хӏакъалъулъ. Гьединго гьес кӏвар кьуна магӏарул алфавитазда ругел гӏунгутӏабаздеги. Масала, «кӏкӏ» хӏарп хъвазе къваригӏунеб буго ункъо гӏаламат. Рес букӏана цо гӏаламаталъ гьеб бихьизабизе. Абулеб буго гьанже хисизабизе кколин магӏарул алфавитилан. Амма жив гьелде дандечӏарав вугилан абуна гӏалимчияс.

— Гьадингоги загӏипго гурони бицунеб гьечӏеб мацӏги, ругел хӏарпалгицин лъазаризе бокьичӏез цӏияб хъвай-хъвагӏайищ лъазбизе бугеб, — илан абуна гьес.

Миллаталъул буго кӏиго кваркьи – мацӏги адабиятги

Магӏарул шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъул кӏалъаялъ гӏемераб жоялда тӏад ургъизе тӏамуна.

— Хӏакъикъияб гьунаралъе къимат халкъалъ кьола. Жакъа адабияталда бугеб хӏал чорок гьабулеб буго мустахӏикъазда цадахъго мустахӏикъал гурезеги кьолел шапакъатазги, лъиениги, хӏатта жидеегогицин къваригӏинчӏел, жидерго гӏарцухъ жалго бетӏергьанал басмаханабазда рахъулел риццатал тӏахьазул авторазги. Соцалияб гьиназда кочӏохъего гурони кӏалъалев чиги гьечӏо. Гьезие гьабулеб чӏобогояб рецц-бакъалъ щибгӏаги асар рекӏееги гьабулеб гьечӏо. Гьединал кучӏдулги, гьездаго релълъарал тӏахьалги наслабазе ратуларо. Хас гьабун лъималазе хъварал асаралги къанагӏалъулел руго.

Рахьдал мацӏаздаса инкар гьабизе тӏамулел руго

Хунзахъа тарихалъул учитель Гӏалибег Хъазанбиевас бицана авар мацӏалъул архаизмабазул хӏакъалъулъ. Гьединго гьес гьел рагӏаби гъорлъ ругел литературиял асараздаса мисалалги рачана.

— Жакъа нилъ тӏамулел руго рахьдал мацӏаздаса инкар гьабизе. Киса-кирего — гӏурус мацӏалъул хъвай-хъвагӏаял. Масала, Ахӏулгохӏалда хъван буго «Ахульго» абун. Магӏарул мацӏалда хъван букӏарабаниги, гьеб киназдаго бичӏчӏизе букӏана.

Магӏарухъги бицунеб буго гӏурус мацӏ. Гьеб квеш бугин абулеб гьечӏо. Амма нилъерго гъасда нилъерго мацӏ цӏакъ рекъон ккола, — ян абуна гьес.

Тадбиралъул гӏахьалчагӏи гъираялда гӏенеккана гӏадатияв учителасухъ, рухӏдаллъана гьес мацӏалъул гьабулеб адабалъул ва гьесда магӏарул мацӏалъул гьелгощинал архаизмаби лъале ратиялда.

Нилъее, магӏарул миллаталъеги, лъикӏаб букӏинаан, гьединал, магӏарул мацӏалда ракӏ унтарал гӏадамал нилъеда гъоркьор ругелгӏан мехалъ, гьездаги гьикъун, магӏарул мацӏалъул архаизмабазул словарь хӏадур гьабизе. Бачӏина заман, гъикъизе чигицин ватизе гьечӏев. Цинги кӏватӏун букӏина.

Рахьдал мацӏалъул кьалбал къотӏулел руго

Республикаялъул магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиновалъ бицана росабазул ва шагьаразул школазда магӏарул мацӏалъул дарсал кьеялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ.

Хасго гьелъ кӏвар кьуна шагьаралъул школазде, ракӏунутун бицана рахьдал мацӏазе рихьизарулал сагӏтазда сверухъ школалъул директорзабаз гьабулеб бугелъул.

— Лъималазда рахьдал мацӏ лъангутӏиялъе кумек гьабулеб буго эбел-инсуцаги. Гьез гурищ гӏарзаби хъвалел ругел жидер лъималазе рахьдал мацӏ къваригӏун гьечӏилан. Тӏадеялъул 20 апрелалда щуго сон тӏубала ассоциация гӏуцӏаралдаса. Гьеб заманалда кӏудияб хӏалтӏи гьабуна гӏуцӏиялъ. Учительзабазул кумекалдалъун къватӏире риччана цӏалул ва алъул методикиял тӏахьал. Магӏарул мацӏалъул учительзаби кидаго тӏадруссуна бер гьенлъгун а призалъул бакӏалгн москваялда тӏоритӏуле къецаздасаги.

Гьабсагӏаталда хӏалтӏулел руго авар мацӏалъул курсал рагьиялда тӏадги. Жакъа къоялда цӏакъ къваригӏун руго авар мацӏалда мультфильмалги, гьединго онлайн-дарсалги.

Цӏакъго лъикӏабги букӏинаан, нилъго бетӏергьанаб этнокультурияб центрги букӏарабани, ян бицана гьелъги.

Цӏалдолезе рокьулеллъун рукӏине хӏаракат бахъила

«Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас бицана газеталъул хӏалтӏухъабазда цере чӏарал миллаталъего кӏвар бугел масъалабазул хӏакъалъулъ. Гьев хӏалтӏулев вукӏана Болъихъ районалъул газеталъул редакторлъун. Гьелде щвезегӏанги къогогӏан соналъ хӏалтӏун вукӏана «Хӏакъикъат» газеталдаги.

— Нижеца, газеталъул коллективалъ, хӏаракат бахъила цӏалдолезе рокьулеллъун рукӏине, гьединго газеталъе гьабулеб подпискаги цӏикӏкӏинабизе. Гьеб кинабго нижехъа бажаризе буго, нужги нижгун цадахъ хӏалтӏани, — ян абуна гьес.

Нижеца цолъизарулел руго магӏарулал

«Аварал» жамгӏияб гӏуцӏиялъул вакил, гьабсагӏаталда Санкт-Петербургалда гӏумру гьабун вугев Расул Гӏабдулхаликъовас гьаруна апрелалда хъван букӏараб магӏарул диктанталъул хӏасилал. Бищунго тӏадегӏанал хӏасилал ккун руго 50 сонил ригьалдаса арал магӏарулазул. Гӏаммаб къагӏидаялда гьезие щун буго 4,7 балл, 4,2 баллалде рахун руго 40 сонил ригьалда ругел магӏарулал. Бищун дагьаб балл щун буго гӏолилазе(1,6 балл)

— Бихьулеб буго гӏолилазда мацӏ загӏипго гурони лъалеб гьечӏеблъи. Гьеб нижеда заманалда бичӏчӏана, нижеца хӏаракат бахъизе буго гӏолилазда мацӏ лъаялъе ва лъазабиялъе киналго шартӏал чӏезаризе.

Хӏадурулеб буго магӏарул онлайн-словарь, рагьун буго цӏияб сайт. Гьенире ракккани, нужеда лъазе руго магӏарул мацӏалъул балъголъаби, ян абуна Расулица.

Гьединго гьес бицана тӏадеялъул гьирзе ругел хӏалтӏабазулги. Масала, 4 апрелалда тӏобитӏизе буго магӏарул мацӏалда кӏиабилеб кӏудияб диктанат. Тӏобитӏизе буго магӏарулазул форум, рагьизе руго магӏарул мацӏалъул онлайн-курсал. Цӏидасанги дандчӏвазе руго магӏарул годекӏанир.

Тадбиралда хасаб нур базабуна цӏалдохъабазул церерахъиназги. Магӏарулазул миллиб парталги ретӏун, Тубхӏат зургьаловалъул ва Мухӏамад гӏумаровасул кучӏдул рикӏкӏана Гъуниб ва Чӏарада районалдаса лъималаз.

Тадбиралъул ахиралда гьелъул гӏахьалчагӏазе ва магӏарул годекӏан гӏуцӏизе квербакъарав Сайгидпаша Гӏумахановасе баркала загьир гьабуна «Аварал» гӏуцӏиялъул нухмалъулев Арсен Мухӏамадовас.