Гьал къоязда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана ясазда гьоркьоб «Бищун халатаб гъал» абураб къец.
Гьединаб къец тӏобитӏиялъе гӏиллаги букӏана гьаб заманалда гъалал тарал руччаби къанагӏат гурони гьечӏолъи. Цебейин абуни, нилъер улбузул чохтӏоялда гъоркьан раккун рукӏунаан халатал гъалал. Гьанже халатаб гъал бугей яс йихьи буго къанагӏатаб жо ва мода бугинги абун, гӏемерисез гьабулеб буго берцинаб катӏари.
Къец тӏобитӏиялъе хӏаракат бахъарай гӏадан ккола Шапери Къурбанова. Гьей хӏалтӏана Дагъистаналъул радио-телевидениялда, гӏахьаллъи гьабуна батӏи-батӏиял проектазда.
Шаперица бицана жакъасел ясазул гӏемерисезда лъаларила халатаб расуда хадуб кин хъулухъ гьабизе колебали. Хӏатта парикмахерзабахъацин бажаруларила халатаб гъал берцинго къачӏазе.
— Дида ракӏалда букӏана гьаб проект Сары-Кумалда тӏобитӏизе. Амма квачараб заман гьаб букӏиналъги, гьеб бакӏ рикӏкӏад букӏиналда банги, тӏобитӏизе ккана шагьаралъул ахикь бугеб рестораналда. Ракӏалдего ккун букӏинчӏо гьадигӏан гӏемерав чияс гӏахьалъи гьабилин абунги. Кин батаниги, щивав гӏахьалчиясе нижеца кьуна батӏи-батӏиял сайгъаталги. Гьадинабго къец тӏобитӏизе буго Дербент ва цогидалги шагьаразда, — ян бицана Ш. Къурбановалъ.
Хӏакъикъаталдаги жюриялда гӏезегӏан къо бихьана лъикӏаздаса лъикӏал тӏаса рищулаго. Жюриялъ халгьабулеб букӏана расул биццалъи- тӏеренлъиялъухъ, цӏвакиялъухъ ва сахлъиялъухъ. Гьел шартӏазул кьучӏалда бергьараллъун рикӏкӏана Мадина Мухӏамадова, София Гӏумарова, Патӏимат Мухӏамадова ва Фатима Ибеева. Гьезие кьуна сайгъаталги, батӏи-батӏиял шапакъаталги.