Бищун дагьаб 70 соналъ цӏалулеб буго дица магӏарул газета. Гьелъулгун гьудуллъи букӏинчӏебани цӏакъ мукъсанаб букӏинаан дир гӏумруялъул магӏна, дагьаб букӏинаан гӏакълу-лъай, букӏинароан гӏемерав чиясулгун пайдаяб хурхен, гара-чӏвари.
Дун гьитӏинаб мехалдасаго, магӏарул газеталдеги къулун, гьеб цӏалулев ватана дида эменги. Гьес газета цӏалулаго цо-цо макъалаялдаса жиндирго разилъиги лъазабулаан, хъвалелъул ритӏухълъиялъе ва мацӏалъул пасихӏлъиялъе къиматги кьолаан. Кӏудияб къимат кьолаан, газеталдасан тӏоцере магӏарул халкъалъухъе щолел рукӏарал, Цӏадаса Хӏамзатил кучӏдузе, цересел адабияталда машгьураллъун рукӏарал гӏадамазул асаразе. Школалда учительлъун хӏалтӏулел соназ гьес, кӏвараб хӏалтӏи гьабулаан, доб мехалъ хъвавухъе, газеталъул абоначагӏи цӏикӏкӏиналъе, лъималазе газета бокьиялъе. Хъизамалда гьоркьобги лъикӏ хъвараб макъала рагӏун цӏалулаан яги цӏализе лъимал тӏамулаан. Гьеб ахӏвал-хӏалалда нижее, лъималазе, газета бокьичӏого рес букӏинчӏо.
Гӏемераб пайдаяб хӏалтӏи гьабуна газеталъ магӏарул мацӏ — болмацӏ бечед гьабиялъеги. Цо-цо росабалъ хӏалтӏизарулел рукӏарал рагӏаби хисун гӏемерал магӏарулал гӏаммаб газеталъул мацӏалъ гаргадизе лъугьана. Масала, нижер Бакьайчӏи росулъ «речӏчӏухъ лъугьине» абун гурони, «гугаризе» абураб рагӏи хӏалтӏизабулароан, гьанже гьабула. Газеталъ нижер росдал гӏадамазул гаргаралъулъ хисизаруна: «хъинтӏулел гӏучӏал — спичкӏаби» «рахчирукъ гьабизе – рахчирукъ хӏазе», «торгӏокьабгӏи гьабизе – торгӏо хӏазе», «казият хъвазе – газеталъе подписка гьабизе», «абоначи – подписчик», «балугълъиялъул шагьадатнаме – аттестат зрелости», «лъимер гьабиялъул шагьадатнаме – свидетельство о рождении» ва гӏемерал цогидалги.
«Хӏакъикъат» газеталъул асаралда гъоркь хисана магӏарулазул магӏишат, гӏамал-хасият, гӏумруялдехун бербалагьи. Магӏарул газеталъ кьунин абизе бегьула дие магӏарул мацӏалъул батӏи-батӏиял кьерал кунчӏулеб нур. Дие рокьизаруна магӏарулал, гьезул гьунарал, бахӏарчилъи, яхӏбуголъи, магӏарул гӏадат-гӏамал. Дица, дипломал гьечӏониги, газеталъул кумекалдалъун лъугӏизаруна гӏемерал университетал: магӏарул мацӏалъул университет, ватӏан бокьиялъул университет, магӏарул гӏамалалъул, ракӏбацӏцӏалъиялъул университет, магӏарул гӏадан хиралъиялъул университет ва гӏемерал цогидалги. «Хӏакъикъат» букӏана ва буго дир бищун хирияб мугӏалимлъунги, тохтурлъунги, хӏатта тӏагӏамаб квен гьабизе малъулеб богогьанцин.
«Хӏакъикъаталъ» вахъинавуна дун журналистлъунги, политиклъунги ва гӏемерал рахъал хасияталъулъ рессарав чилъунги. Газеталъул хӏалтӏухъабазда гъорлъ ратана дида унго-унгоял гьудулзабиги. Гьезулгун бахӏсалда, гьуинаб хабаралда вукӏиналъги гӏемераб жо лъана. Дир ракӏжубарал гьудулзабилъун, гӏумруялъул нухда дун витӏун ккеялъе кумек гьабураллъун рихьула мунагьал чураял Мухӏамад Шамхалов, Хӏажи Гӏарипов, Гӏабдулмажид Хачалов, Хочо Хӏамзатов, Хӏусен Хӏажиев, Мухӏамад Махӏатӏов, Мухӏамад Пазлудинов ва цогидалги. Киналго рехсон хӏалкӏвеларо. Кумек ккана Мухӏамад Гӏабдулхӏалимовасул, Гӏали Камаловасул, Мухӏамадкамил Гьиматовасул, Мухӏамад Патахӏовасул ва гӏемерал цогидазулги. Абизе бегьула «Хӏакъикъат» газеталъул ва цересел цӏаразда гъоркь рахъарал магӏарул газеталъул тӏолалго мухбирзаби, киналго хӏалтӏухъаби кӏочон толарел, лъикӏал гьудулзабилъун рукӏанин ва ругин.
Суал бачӏине бегьула, дуе газеталъ гьебгощинаб лъикӏлъи кьун батани, дуца гьелъие щиб кьурабилан абураб. Дица гьелъие гӏемераб пайда кьунин абуни, дунго дицаго вецциялда релълъина. Амма хӏаракат бахъулаан гьеб хъвазеги, гьелде макъалаби ритӏизеги. Макъалаги босун редакциялде унелъул рекӏелъ кӏудияб роххелги букӏунаан. Газеталъул гьудулзабазда лъала газеталда лъураб дир мукъсанаб букӏаниги бутӏа. Гьелъул бицинарин.
Гӏемерал соназ газеталъе нухмалъи гьабуралъухъ Камалов Гӏалие баркалаги загьир гьабун, Гӏумаханов Гӏумахан бетӏерлъуде ккедал, хьул буго: магӏарул халкъалъул газета халкъалъул мурадал цӏунулеблъун ва миллатазда гьоркьоб гьудуллъи цӏунизе къеркьолеблъун, мацӏги, мацӏалъул бацӏцӏалъиги, пасихӏлъиги, рухӏиял, къадруял, къиматал рахъал цӏунулеблъунги хутӏилилан. Пачалихъ, светияб букӏаниги, гӏемерисеб халкъ Аллагьасда божулеллъидал ругел, араб гӏасруялъул сурараб гӏамал – атеизмги рехун тун, диналда божулезул мурадал цӏунулеблъун букӏинилан. Хӏакимзабаз халкъалъул мурадал хӏисабалде росуларел хӏужаби дандчӏвани, хьул буго газета халкъалъул рахъалда букӏинин абураб. Хӏакимзаби ритӏухъал ругони, гьезул рахъкквейги газеталда тӏадаблъун бихьизе ккела. Газеталъ мухбирзабазулгун хурхен щула гьабизе ккела. Мухбирзаби газеталдаса рикӏкӏад гьаризе цӏакъ бигьаяб иш буго, макъала бахъичӏого тани гӏола. Ракӏ унтичӏев мухбирас къалам кодобе босуларо, гьесул ракӏунти бичӏчӏизе хӏаракат бахъизе ккела. Аби буго «гъанкъулев хвасар гьави живго гъанкъулесул иш бугин» абураб. Магӏарул мацӏги загӏиплъун, хъвадарулел чагӏиги лъугӏун, хъваниги цӏализе чиги щвечӏого газета къаялде ккезеги рес бугелъул, газеталъ депутатазда гьоркьоб хӏалтӏи гьабун, школазда магӏарул мацӏ цӏунулеб хӏал гьабизе ккела, магӏарул газеталъе журналистал хӏадуриялде, магӏарул мацӏалъул мугӏалимзаби рахъунеб бакӏазде кӏвар кьезе ккела. Нилъералго гьитӏинаб гӏунгутӏиялъе гӏоло какулеб, чияразе кигӏан кӏудияб гӏунгутӏи бугониги наку чӏвалеб хӏал миллаталъул букӏине бегьиларо. Газета жамгӏияталъулгун, жамагӏатазулгун хӏалтӏи гьабулеб идара кколелъул, кӏочон тезе бегьиларо газеталъул халкъалъе тарбия кьеялъул кӏвар ва халкъалъ жидецаго газета хъваледухъ хӏалтӏи гӏуцӏизе ккела. Жидее газеталъ пайда кьолеб бугони, гьелдаса инкар гьабулел чагӏи дагьал рукӏина.
Газета, халкъалъул мурадал тӏадчагӏазухъеги щвезабулеб, тӏадчагӏазул мурадал халкъалъухъеги щвезабулеб гьоркьохъанлъун букӏине ккела. Цӏодорал тӏадчагӏаз жидерго гъалатӏал рахчизе газетал тӏамуларо, ритӏухъаб критика гьабунилан барщаруларо. Халкъалъул мурадалги, тӏадчагӏи хӏакъир гьарулареб, хӏакъал мисалалгун хӏужаби рачун бихьизабулеб, хӏакимасул гъалатӏ ккун батани кантӏизарулеб, ургъунго биччараб такъсир батани законалъул цӏал кьабулеб букӏине ккела.
Гӏумахан Гӏумахановасеги гьарула Аллагь разилъи, хӏалтӏулъ икъбал. Ригь арав, 80-йилъе вахунев чиги вугелъул, малъарунилан гӏайибги гьабуге.