Араб анкьалда «Хӏакъикъат» газеталде гьоболлъухъ вачӏун вукӏана Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Къираллъиялъул Жидда шагьаралда бугеб Рфялъул консульствоялъул генералияв консул Багьавудин Гӏалиев.

Исана тӏоцебесеб октябралда РФялъул президент В. В. Путинил указалдалъун, гьесие кьуна чрезвычайнияв ва тӏубараб ихтияразул посоласул ранг. Ведомствалъулаб гьеб чин ккола генерал-лейтенантасул чиналда бащадаб.

Багьавудин Гӏалиев ккола Цӏумада районалъул Акнада росулъа.

Москваялда, халкъазда гьоркьосел ишазул институтги лъугӏизабун, хӏалтӏулев вуго дипломатияб хӏалтӏуда. Гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго жакъасеб номералда.

— Кигӏан заманалъ мун дипломатияб хӏалтӏуда хӏалтӏулев вугев, Сагӏудиязул Гӏарабиязул Къираллъиялде иналде цоги улкабазда хӏалтӏаравищ?

— РФялъул генералияв консуллъун Жиддаялде дун тӏамуна 2016 соналда. Цевеккун батӏи-батӏиял дипломатиял хъулухъазда дун хӏалтӏана Сириялда, Ливиялда, Сагӏудиязул Гӏарабиязул Къираллъиялда. Дипломатияб хӏалтӏуда дун хӏалтӏулев вуго къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ. Сагӏудиязул Гӏарабиялда цевеги дун вукӏана исламияб рахъалъ цадахъ рекъон хӏалтӏиялъул гӏуцӏиялда (ОИС – организация исламского сотрудничества) Рфялъул кидагосев вакиласул заместительлъун.

— Араб гӏасруялъул 90-абилел соназде щвезегӏан Совет Союзалъул ва хадуб РФялъул Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Къираллъиялъулгун бухьенал рукӏинчӏо. Цебеккунги киданиги рукӏинчӏелищ гьезул бухьенал? Рукӏарал ратани, щай гьоркьор кӏотӏун рукӏарал? Кинаб бугеб гьезул тарих?

— Гӏусманиязул империялда гьоркьобе унеб букӏараб Жидда шагьаралда 1891 соналда тӏоцебе рагьана Россиялъул генералияб консульство. Доб мехалдаги Россиялъул империялдаса бусурбаби унаан хӏежалде, рукӏана цогидалги бухьенал. Консульствоялъ тӏалаб гьабулаан гьенире рачӏарал Россиялъул империялдаса гражданазул гуребги, гьезулгун лъикӏаб гьоркьоблъиялда ругел Бухараялъул, Хорезмалъул, Самаркъандалъул ва цогидалги Гьоркьохъеб Азиялъул халкъазул гӏадамазулги.

Тӏоцебесеб дунялалъул рагъги байбихьараб, гӏусманиязде данде бедуиназ къеркьейги байбихьараб заманалда, Россиялъул империялъул генералияб консульствоялъул хӏалтӏи гьоркьоб къотӏана.

Советияб гӏуцӏиялъул заманалда, 1926 соналда Жиддаялда цӏидасан рагьана СССРалъул генералияб консульство.

Совет Союзалда репрессиял байбихьарал лъебарабилел соназда гьелъул къурбаналлъун ккана дипломатияб хъулухъазда ругелги. Жиддаялда вукӏарав Совет Союзалъул генералияв консул, миллаталъул рахъалъ башкирав, Хӏакимов Ватӏаналдеги ахӏун, кьучӏ гьечӏел гӏайибалги гӏунтӏизарун репрессиязул кӏичӏикье ккана. Гьев вукӏана Ватӏаналъул тӏадаб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубазабулев, гӏарабазда гьоркьоб къадру-къимат бугев дипломат. Хӏакимов репрессиялде гъоркье ккун вукӏин лъайдал, СССРалда диниял чагӏи жанир тӏамизе, гьезда хадур чӏезе байбихьидал, Сагӏудиязул Гӏарабиязул Къираллъиялъ Совет Союзалъулгун бухьенал къотӏизе тана.

1991 соналда цӏигьаруна кӏиябго пачалихъалда гьоркьор бухьенал. Сагӏудиязул тахшагьар Эр-Риядалда рагьана Россиялъул посольство, Жиддаялда — генералияб консульство. Москваялда хӏалтӏизе лъугьана гьезул посольствоги.

— Генералияб консульствоялъул хӏалтӏул бицани бокьилаан.

— Нижер аслияб иш ккола Россиялъул гражданазул ихтиярал цӏуни, гьезул хъулухъал, къваригӏелал, хӏажалъаби тӏурай. Гьел гӏемер рукӏуна. Рехселин цо-цоял. Мисалалъе, рукӏуна хӏужаби хӏежалде, гӏумраялде рачӏарал гӏадамазул паспортал риларал, гьезие нижеца кьезе ккола цӏиял паспортал. Хӏежалде яги цоги къваригӏелалъ гьенире ячӏарай чӏужугӏаданалъ лъимер гьабуни, гьеб лъимер документ гьечӏого Сагӏудиялъа къватӏибе бачине биччаларо. Нижеца гьеб лъимадуеги паспорт кьезе ккола. Нижеца визаби рагьула РФялде ине бокьарал сагӏудиязул гӏадамазе ва гьенисан ине бокьарал цогидал пачалихъалъул гражданазе. Халгьабула Россиялъул гражданство къабул гьабизе бокьарал къватӏисел пачалихъалъул гражданазул гӏарзазухъ. Нилъер гражданаз гьениб ригьин-цӏа гьабулеб бугони, ЗАГСалъул ишги нижеда тӏаде ккола. Сагӏудиязул Гӏарабиязул Къираллъиялда вукӏаго хӏажичи ялъуни цогидаб къваригӏелалъ вачӏарав чи къадаралде щвани, гьенивго вукъула. Гьениб хӏажатаб кумекги нижеца гьабула. Гӏемерисеб мехалъ гьединал хӏужаби ккедал, гӏарабаз гӏицӏго Аллагьасе гӏоло киридахъ, хвел-гӏелалъул иш жидедаго тӏаде босула. Дида лъалеб цо хӏужа ккана Кабардино-Балкариялдаса хӏежалде вачӏун къадаралде щварав чи Ватӏаналде восун араб. Генералияб консульствоялъ цо къадаралда квербакъи гьабула Россиялъулгун Сагӏудиязул Гӏарабиязул дармилгун экономикиял, культураялъулгун спортивиял, цогидалги гьоркьорлъаби рукӏинариялъе, гьел церетӏезариялъе.

— Хӏежалъул заманалда аза-азар чи Россиялъул бусурбабазул рачӏараб заманалда нужее хӏалтӏи цӏикӏкӏунеб батила.

— РФялъулгун Сагӏудиязул Гӏарабазул Къираллъиялъулгун дипломатиял бухьенал байбихьараб 1991 соналдаса нахъе гӏуцӏараб къагӏидаялда байбихьана нилъер улкаялдаса хӏежалде ине. Тӏоцебесеб соналда Россиялдаса хӏежалде ана 400 чи. Хадусел соназдаса байбихьун сагӏудияз Россиялъул хӏажизабазе кьолел квотаби цӏикӏкӏинаруна. Гьанже гьез чӏезабураб квота буго азарго чиясда гьоркьоб цо бакӏ. Гӏага-шагарго Россиялда вуго къого миллион бусурманчи, ай къоазаралда щунусго чи хӏежалде ине рес буго. Хӏежалде ине бокьарал Россиялъул бусурбаби гӏемер рукӏиналъ, Россиялъул хӏеж-миссиялъул гьариги къабул гьабун, нилъер хӏажизабазе тӏадеги кьола лъабазарго-щуазарго чиясе бакӏ. Гьел бакӏал кьола, гьайгьай, цогидал пачалихъазул тӏалабал хӏисабалдеги росун.

Гьанибго абила, РФялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго хӏежалде рачӏунезул къадар цӏикӏкӏараб субъект.

Цересел соназде дандекун хӏежалде рачӏунел нилъер гӏадамазул гӏадлу-низамги, табирги лъикӏлъун буго. Гьеб буго хӏежалде гӏадамал рачунеб «Марва-тур» фирмаялъул ва Россиялъул хӏеж-миссиялъул цадахъаб хӏалтӏул хӏасил. Цо рахъалъ гьелъие квербакъи гьабуна ракьалдасан инчӏого, самолетазда рекӏун гӏадамал хӏежалде раччиялъги. Цебе батӏи-батӏиял машинабазда, хӏатта КАМАЗазда рекӏун ракьалдасан чанго пачалихъалдасан унаго гӏемер ккана авариял, цогидалги квалквалал.

Гьебго заманалда камулел гьечӏо хӏужаби Россиялъул хӏажизабазул паспортал, документал рилиялъул, гьукъараб заманалда бегьулареб бакӏалда даран-базар гьабиялъул ва цогидалги гӏадлу-низам хвезабиялъул хӏужаби. Гьединал чагӏи полициялъ ккола ва ниж хӏажаталлъун ккола гьоркьоре лъугьине. Визаялъул заманги хӏежалъул гӏужги лъугӏараб мехалдаги цо-цоял ункъо-щуго моцӏалъ гьенир даран-базаралда чӏолел руго. Гьединазул хӏакъалъулъ нижеда лъала гӏицӏго гьел полициялде ккараб мехалъ. Ккола цо-цо гӏорхъолъа рорчӏарал гӏадлу-низам хвезабиялъул хӏужабиги. Мисалалъе, цо хӏажичи, мажгиталда жанисан, ай кколареб бакӏалдаса унгейин полициялъулас абидал, гьевгун вагъун жанив тӏамун вуго. Гьезул законалда рекъон микьго сон туснахъ букӏана гьесие. Судазде хьвадун ниж гӏемер рекерахъдизе ккана гьев эркен гьавиялъе гӏоло. Лъикӏаб нигатгун, паризияб хӏеж борхизе хирияб ракьалде рачӏунел чагӏи рукӏине ккела гӏадлиял, унго-унгоял бусурбабилъун.

— Дагъистаналдаса ругищ гьенирго чӏарал гӏадамал?

— Гьединал гӏадамал дида дандчӏвачӏо. Руго цо-цо руччаби гӏарабазе ригьнаде ун, гьенирго чӏарал. Кигӏан гьел ругелали нижехъ баянал гьечӏо, гьел лъала нагагьлъун ЗАГС гьабизе рачӏани ялъуни полициялде ккараб мехалда.

— Россиялъул къватӏисел ишазул министерствоялъул системаялда хӏалтӏулел дагъистаниял ругищ?

— МИДалъул аппараталда, дипломатиялъул хъулухъазда, къватӏисел пачалихъазда ругел посольствабазда ва консульствабазда хӏалтӏулев вуго Дагъистаналъул миллатазул лъабкъогоялдаса цӏикӏкӏун чи. Гьезда гьоркьор руго магӏарулалги. Гьел руго тӏадегӏанал дипломатиял хъулухъаздаги. Мисалалъе, гьабсагӏаталда Жиддаялда, исламияб рахъалъ цадахъ рекъон хӏалтӏиялъул гӏуцӏиялда (ОИС), Рфялъул кидагосев вакиллъун вуго Рамазан Гӏабдулатӏипов. Гьев ккола Дагъистаналдаса тӏоцевесев РФялъул чрезвычайнияв посоллъун хӏалтӏарав чи. Гьеб хъулухъалда ва гьеб рангалда Р. Гӏабдулатӏипов вукӏана Тажикистаналда. Эритрея пачалихъалда гьеб рангалъул посоллъун вуго Гӏазим Ярахӏмадовги.