Гьаб анкьил итни къоялъ Шамилхъалаялде рачӏун рукӏана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Гӏумахан Гӏумаханов, гьесул заместитель Пайзула Пайзулаев. Гьел дандчӏвана Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовгун.

Магӏарул мацӏалда, миллияб тарихалда хурхун, гьеб цӏунизе ккеялда – газеталда гьелъул рахъалъ гьабизе бугеб хӏалтӏул рахъалъ пайдаяб гара-чӏвари ккана гьениб. Гӏиса Нурмухӏамадовас тӏадчӏей гьабуна росабазул гӏумруялъул, гӏадатиял гӏадамазул хӏакъалъулъ хъваялде газеталъ кӏвар кьуни лъикӏаб букӏиналде. Махӏачхъалаялдаго чӏун, магӏарул районазде, росабалъе «Хӏакъикъаталъул» мухбирал къанагӏатги рачӏунел гьечӏилан. Нусго сонилаб тарих гирараб магӏарул газета халкъалъе бокьула, гьеб цӏунизе ва цӏигьабизе тавпикъги кьейги нужое ян абуна районалъул бетӏерас. Жал кидаго хӏадурал ругила «Хӏакъикъат» газеталъе кумек гьабизе, ай гӏуцӏараб къагӏидаялда гьелъие подписка гьабизе.

«Хӏакъикъат» газеталъул редакторгун гьесул заместительги гьединго дандчӏвана федералияб почалъул бухьеналъул (УФПС) Шамилхъалаялъул почтамталъул начальник Мухӏамад Исмагӏиловгун, республикаялъул УФПСалъул директорасул заместитель Гӏабдурахӏман Мухӏамадовгун. Дандчӏваялда гӏахьаллъи гьабуна мугӏрузул районазул ва росабазул почалъул отделениябазул начальниказги.

Гьеб данделъиялда гара-чӏвари ккана «Хӏакъикъат» газеталъе подписка гьабиялъул, хъварал газетал гӏужда щолел гьечӏолъиялъул. Гьеб пайдаб дандчӏваялъул ахиралда кӏиябго рахъалдасан дандбана ругел квал-квалал лъугӏизариялъе гьаризе кколел тадбирал.

«Хӏакъикъат» газеталъул редакторасул ва гьесул заместителасул бакӏазде ун гьединал дандчӏваял рукӏана Шамил, Лъаратӏа, Цӏумада, Цӏунтӏа, Гӏахьвахъ, Гъуниб, Чӏарада, Хьаргаби, Гъизилюрт районазул, Бежтӏа участкаялъул нухмалъулезулгунги.

Масала, гьаб буго Гъуниб районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировасулгун букӏараб дандчӏваялдаса сурат.

Гьаб цояб ккола «Цӏумадисезул гьаракь» газеталъул редакциялда бахъараб сурат.

Гӏумахан Гӏумахановгун Пайзула Пайзулаев щвана Хунзахъ районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул редакциялдеги.