«Хасавюрт» шагьаралъул бетӏер Зайнудин Охъмазовасулгун гара-чӏвари.

— Шагьаралъул бетӏерасул хъулухъалде вачӏиналде дур букӏана комсомолалъул, партиялъул идарабазда хӏалтӏиялъул, Афгъанистаналда хъулухъ гьабиялъул кӏудияб гӏумруялъул хӏалбихьи. Гьеб букӏанадай цӏияб хъулухъалде вищиялъе гӏиллалъун?

-Лъаларо. Букӏун батизеги бегьула. Дир кандидатура,цогидазда цадахъго,бихьизабуна Сайгидпаша Гӏумахановас ва шагьаралъул Собраниялъул депутатаз гьелъул рахъ ккуна.

— Хасавюрталъулаз разиго къабул гьарулел руго гьенир кколел хиса-басиял. Щиб лъалеб,кватӏичӏого киналго шагьаралдаса чӏухӏулеб къо бачӏине бегьула. Мун гьединаб пикруялда рази вугищ?

— Рази вуго! Абила, кколел хиса-басиял къокъаб заманалъулал гурин, гьез шагьаралъул гьумерги гӏумруги жеги хисизабизе бугилан.

— Жакъасеб шагьаралда бищунго кӏвар бугеб суаллъун ккола рикӏкӏен гӏемерал базаралгун дармил центразда сверухълъи, къватӏал, шагьаралъул рагӏаллъаби рищни-къулалъул гохӏаздаса рацӏцӏад гьари. Кьучӏдасанго гьеб хисизабиялъе щиб гьабизе бугеб?

— Жидерго дармил идарабазда ва гьезда сверухълъиялда санитарияб гӏадлу-низам букӏинаби гьединал бакӏазул бетӏергьабазул иш буго. Гьез къотӏи-къаял гьаризе ккола «Дагъэкосити» регионалияв операторасулгун. «Дагъэкосити» цолъи буго гьеб хӏалтӏи гьабиялъе тӏадал чагӏи, гьел ниже мукӏурал чагӏи гуро. Гьелъие инкар гьабулел раккани, операторас судалде гӏарза хъвазе ккола.

Шагьаралъул рагӏаллъабазда, рази вуго, рищни-къулалъул гохӏал рукӏана ва гьанжеги рихьизеги бегьула. Муниципалиял идарабаз гьеб хӏалтӏи тӏубалеб заманалда ахӏвал-хӏал батӏияб букӏана. Разилъизе ккола рукӏа-рахъиналъул хутӏелал нилъехъе рехизе батӏиял планетабаздаса гӏадамал рачӏунареблъиялда. Гьеб сверухълъиялда гӏумру гьабулел гӏадамазул кӏвар гьечӏолъиялъул, гьезул культураялъул даража бихьизабулеб хӏужалъун хутӏулеб буго.

Гьедин бугониги, абила, ахираб заманалда ахӏвал-хӏал хисулеб бугилан. Калам гьечӏого, гьеб рахъалъ гӏадлу букӏине буго.

— Хасавюрталъул гӏумру хисизабиялъе гьабизе кколеб хӏалтӏи гӏемераб буго. Тӏоцебесеб иргаялда,тӏубазе кколеб суаллъун хутӏулеб буго, ракьалда гъоркьан лъурал басралъарал коммуникациял хисиялъул суал. Гьеб рахъалъ гӏагараб заманалда хиса-басиязде хьул лъезе бегьиладай?

— Битӏараб буго. Шагьаралда жанисел коммуникациязул 70-75 % хисизе ккола. Гьаниб-доба лъадамухъал къачӏаялъ ахӏвал-хӏал хисизабуларо. Гӏицӏго «Горводоканал» цолъиялъул диспетчерас къоялда жаниб 20-30 ахӏи къабул гьабулеб буго авариял карал бакӏаздасан.

Суал тӏубаялъе кумек нижеца республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасдасан гьарана. Гьесул рахъалъан Россиялъул хӏукуматалде гьабураб хитӏабалъулги хӏасил кколеб буго: бакӏал раялъул ва регионалияб цебетӏеялъул рахъал хӏукуматалъул бетӏерасул заместитель Виталий Муткоца гьеб суал тӏубазабизе рукӏа-рахъиналъулгун коммуналияб магӏишаталъул ва бакӏал раялъул министрасда тӏадкъан буго.

Республикаялъул бетӏерасул финансазулаб рахъкквеялдалъун хӏадур гьарулел руго проекталъулалгун сметаялъулал документал. Гьезда рекъон цӏигьабизе буго Сулахъалда бугеб насосазулаб станция, гьенисан «Ахъташ» лъим босулеб станциялде щвезегӏан бачине буго биргъабазул кӏиабилеб мухъ.

Жибго «Ахъташ» станцияги, цадахъго лъим бацӏцӏад гьабулеб бакӏги балаго, цӏигьабизе буго. Цӏияб биргъабазул мухъ бачине буго гьединго,цӏигьабизе хӏисабалде босараб «Бешбулахъ» станциялдасаги. Хӏалтӏаби гьаризе руго шагьаралда жанисел мухъаздаги.

— Кин унеб бугеб республикаялъулаб «Бакӏалъул кӏваралъул автомобилазул нухал къачӏай» программа ва гьеб проект гӏумруялде бахъинаби?

— Рехсарал ва цогидал программабигун проектал тӏураялъул иш графикалдаса кьуричӏого унеб буго. Гьел хъинтӏулел руго шагьаралъул 12 къватӏалда, рукӏа-рахъиналъул 17 объекталда, маххул нухда гъоркьан унеб тоннелалда. Нижер щибаб къойилаб хӏаракаталдалъун хӏасилалда нухаздагун къватӏазда ва минабазда сверухъ хӏалтӏаби унел руго.

2020 соналъул авалалдасанго нахъеги республикаялъулал ва бакӏалъулал программабигун проектал шагьаралда гӏумруялде рахъинариялда тӏад хӏалтӏизе руго. Амма,абила,гьеб рахъ гӏадамаз коммуналиял хъулухъазухъ гӏарац ва рихьизарурал налогал кьеялда бараб букӏинилан.

Жидеда тӏад бецӏичӏеб налъи хутӏулел гӏадамаз яшав гьабулел къватӏал программаялде гъорлъе рачине гьечӏо.

Гьанжеялдего тӏурарал хӏалтӏабазул бицани, «150 школа» программаялъул хӏисабалда къачӏана 8 лъай кьеялъул идара, унеб буго №3 школалъул мина гӏатӏид гьабиялъул хӏалтӏи, № 19 школалда байбихьун буго спорткомплекс базе.

— Рехсаралъ шагьаралъулал хӏалтӏудалъун хьезариялъе квербакъи гьабулеб бугищ?

— Киналго бакӏазда 60-ялдаса цӏикӏкӏарав чиясе хӏалтӏи щвезабуна, гьезулгун хъван руго захӏматалъулал къотӏи-къаялги. Амма гьездасан цӏикӏкӏунисел шагьаралъулаллъун кколаро. Хасавюрталъулал,щаялиго,гьединал хӏалтӏабазде лъугьине гӏедегӏулел гьечӏо.

Ракӏалде ккола хадусанги батӏи-батӏиял программабазда ва проектазда гӏахьаллъиялъ хӏалтӏудалъун хьезариялъул рахъалъ хиса-басиял рукӏинилан.

— II-абилеб нухалъ шагьаралда тӏоритӏана эркенаб гугариялъул рахъалъ Континентазда гьоркьосеб кубокалъе гӏоло къецал. Гьелде хӏадурлъиялъул, хӏинкъи гьечӏолъи букӏинабиялъул, жалго къецазул кӏвар кинаблъун дуда бихьулеб?

— ФИЛАялъул къайимлъиялда тӏоритӏулел гьел къецал Россиялда бищунго кӏвар бугездасан цоял ккола. Исана гьенире 10-ялдаса цӏикӏкӏун пачалихъалдаса гугарухъаби рачӏана. Къецал,кидаго гӏадин,тӏадегӏанаб даражаялда ана. Гьеб ккола хӏадурлъиялъул заманалда, кигӏан гьитӏинабги суал кӏваралдаса биччачӏолъиялъул хӏасил.

— Дир лъимерлъиялъул заманалда хӏалтӏулел рукӏана батӏи-батӏияб рахъалъул кружокал, творчествоялъулал станциял, нижеца бакӏарулаан гъурараб махх, кагътал, жамгӏияталъе пайдаяб хӏалтӏи гьабулаан. Гьанже гьеб рахъалъ кинаб хӏалбугеб?

— Рази вуго. Гьеб букӏана камилаб пачалихъалъулаб программа. Додигӏанго гӏатӏидго гьечӏониги, гьанжеги гьеб рахъалъ гӏураб чӏаголъи бихьизе бегьула. Мисалалъе гӏицӏго «Спартак» маданияб кӏалгӏа ва гьенир хӏалтӏулел кружокалгун студиял рачаниги гӏела.

Жамгӏияталъе пайдаяб хӏалтӏул бицани, дида гьениб чанго нухалда лъагӏалида жанир лъимал ва гӏолилал жалго цӏалулел, яшав гьабулеб бакӏазда сверухъ рацӏцӏалъи гьабизе рахъиналъулъ квешаб щибниги бихьуларо. Гьезулъ гьединал ишаз жавабчилъи, цӏуна-къай гуреб батӏияб щибго куцаларо. Лъай кьеялъул идарабазги гьеб рахъ берзукьа борчӏизе биччазе теларин ккола.

— Хъулухъалда бараб 4 соналъ бокьанищ дуе Хасавюрт? Букӏанищ гьаниве вачӏиналдаса рекӏекълъи ва гьабизе кӏваралъун сундаса чӏухӏулев?

— Дие гьанже гуро шагьар бокьараб, доб рикӏкӏадаб лъимерлъиялдаго, гьанив яшав гьабулев ва №4 школалда цӏалулеб заманалдагойин. Разилъи гьечӏолъи бижула ракӏалда букӏараб кинабго тӏубазе рес гӏолеб гьечӏолъиялдаса. Вохула Хасавюрталда республикаялда бищунго цебетӏураб лъай кьеялъул къагӏида гӏуцӏизе бажариялдаса,гӏолилазул политикаялъул, спорталъул, социалияб рахъалъ ккараб цебетӏеялдаса.

Хиса-басиял гӏадамаз батӏа-батӏайиса къабул гьарула: цоял гьездаса рохула, цогидаз гьеб бихьичӏого хутӏизе хӏаракат бахъула.

Цойги нухалда абуни, дунго вохула шагьаралда кколел киналго лъикӏал хиса-басияздаса.

Божаравги вуго шагьаралъул гӏадамазул гӏаммаб гӏахьаллъиялдалъун Хасавюрт шагьар тӏегьазе букӏиналда.