Битӏун газета къватӏибе биччазе хӏадурлъулелъул, редакциялде кӏалъан вачӏана Гьоцӏалъа Абулмуслим Шамилов.

Гӏезегӏан мехалъ Гьоцӏалъ художественный комбинаталда жавабиял хъулухъаздаги хӏалтӏарав, гьанже хӏалхьиялдаги вугев чи ккола гьев. Минаялда цебе лъикӏаб ахги найил тӏулбиги руго гьесул. Нилъеца гьелъул хӏакъалъулъ цогидаб нухалда гӏатӏидго бицина.

ГЭС буго, канлъи гьечӏо

Гьанже гьев редакциялде кӏалъаялъе гӏиллалъун ккараб жо бугоан гьоцӏал хасел байбихьудаго токалдаса махӏрумлъун хутӏиги нухал хашго рукӏинги.

Битӏараб бицани, Абулмуслимица рехсолел гьел гӏунгутӏаби магӏарухъ гурониги, шагьараздагицин дандчӏвала. Дагьабниги гьури хуртӏарабго уна гьенибги канлъи. Реццилел хӏалалда нухалги гьечӏо.

Палхӏасил, жидер росулъ ругел гӏузрабазул бицине гьадин байбихьана Абулмуслимица:

«Гьоцӏдерил ракьалда бараб ГЭСги буго, токги гьечӏого нижги руго.

Хӏубалги чӏван, кабельги цӏана нижер гьаниб, анцӏила хадубниги трансформаторги лъуна. Амма гьелда бараб жо токалъул тӏириги батулеб гьечӏо. Сордо-къоялда жаниб чанцӏулго ссун, бачӏун букӏуна гьеб. 200-ялда хадуб букӏине кколеб вольталъул бакӏалда 120 букӏуна.

Гьелъул магӏна щиб? Щибизе бараб жоха цинги нижерго ракьалда ГЭС, лъурал трансформаторал?

Хасалил заманалда кинан нижеца бетӏербахъи гьабизе кколеб цӏадаб лъезе цӏулги, биччазе газги, босизе тӏурччиги щолеб гьечӏони (росулъе бачӏараб гьеб тӏурччиги щивав чиясе гуро щолеб босизе).

Гьеб ГЭСги, нужедаго лъалаха, нижер умумузулго рукӏарал ахалги хвезарун бан бугеблъи. Бащадалъул бащдаб гурони рецӏалил гӏарацги щвечӏо (лъицаниги гӏанкъунищ гьеб, яги кибе арабали лъицаниги бицунеб гьечӏо)».

Рухъа-хъварал нухал

Хадуб Абулмуслимица кӏвар буссинабуна росдал нухазде.

«Лъим бачунебилан, рухъун рана хъил тӏуралги тӏечӏелги росдал нухал. Гьабсагӏаталда гӏайналмалъараб куцалда хутӏун руго гьел, къачӏазеги къачӏачӏого. Цо заманалда шоферзабиги цогидал гӏадамалги лъугьун рукӏана жидерго гӏарцухъ гьел рукӏалиде рачинеян. Хӏукуматалъул букӏунаребищ гьединал хӏажалъабазе биччалеб-толеб жого?

Цойги. Доба Бухӏнада нахъа (Хунзахъе унеб нухдасан Гьоцӏалъе сверулеб бакӏ) бугеб нух хун букӏана тӏаса гӏодобе ракьги ччукӏун, кьоги биххун. Амма гьеб бакӏги жибго тун, дунялалъул гӏарацги тӏад харж гьабун къачӏалеб буго жеги азарго соналъгицин ччукӏизе ракӏалдаго гьечӏеб бакӏ», — илан бицана Гьоцӏалъа Абулмуслимица.

Гьеб рахъалъ Хӏариколо вугев бегавуласда бахиллъун вугоан Абулмуслим. Росдал кӏалалдаса жанире щвезегӏан ругила кагъат гӏадал ритӏарал цӏур-цӏурарал нухал. Гьезул хьибилалдасан рачун ругила бетоналъул рахъал (цӏадал лъимги цогидабги жанибе чваххизе).

Токги букӏина, нухалги гьарила. Амма — цӏияб соналдаса хадур

Гьелда тӏасан пикру гьикъизе чанцӏул ахӏаниги, жаваб кьечӏо гьоцӏдерил бегавул Ахӏмад Хъазанбиевасул телефоналъ.

Гьединлъидал ракӏалде ккана цеве гьеб хъулухъалда вукӏарав Шамиль Валиевасухъе ахӏизе. Гьанже гьев вуго Хунзахъ райадминистрациялда – гӏуцӏарухъанлъиялъулгун ихтияразул отделалъул начальниклъун. Гьеб отделалда тӏаде ккола росабазул суалалги.

Шамиль Валиевас бицухъе, 1959 соналдаса нахъего хисичӏел токалъул кваралги трансформаторалги рукӏана кӏиябго росулъ.

Гьанжегӏагар ДРялъул промышленносталъулгун энергетикаялъул министерствоялъул квербакъиялдалъун гьоцӏдерил кӏиябго росулъ (Кӏудияб ва Гьитӏинаб) хисун руго кабелалги трансформаторалги. Гьел хӏалтӏизе риччазе руго Цӏияб соналдаса хадур. Гьебго заманалдехун биччазе буго газил рогӏороги.

«Дун гьенив бегавуллъун вугеб мехалда лъураб цӏияб микьго трансформатор букӏана. Амма гьезда гьоркьоб цӏикӏкӏараб манзил хутӏулеб букӏиналъ, токалъул хӏалуцин хӏехьезе кӏвечӏо кваразда.

Гьанже (гьаб чанго соналда жанибцин) цӏакъго гӏемерлъана токалдалъун хӏалтӏизабулеб къайи-цӏа, цо-цояз батарейкабазул бакӏалда чӏабар хинлъизабизеги хӏалтӏизабулеб буго ток. Дол церегосел кваразулги трансформаторазулгийин абуни гьелъие гӏураб къуват букӏунаро, гӏицӏго чирахъал ракизе гурони. Тӏадежоялъе гӏезегӏан чагӏи руго гьедигӏанасебгицин токалъухъ гӏарац кьоларелги», — ян бицана Шамиль Валиевас «Хӏакъикъаталъе».

Абулмуслимица рехсараб нухазул суалалъе жаваб кьолаго гьес абуна, тӏасияб соналъул октябралда росулъ аслияб нух гӏатӏидги гьабун, хъилги тӏун, къачӏан лъугӏизе бугилан. Гьелъие лъазабураб конкурсалда бергьараб подрядный организацияги бугин.

Валиевасул рагӏабазда рекъон, гьеб рахъалъ хӏалтӏаби байбихьун рукӏана исанаго, амма документазул иш цойиде ккезабулагоги, хадуб дунял квачазе лъугьиналъги, дагьалъ чӏезе тана гьеб. Амма хинлъигун хӏалтӏи байбихьизе буго.

Канализация бажаруларо, ливнестокал гурони

Гъоркьагьоцӏдерил гӏадамазулги буго гӏарз росулъ канализация гьечӏолъиялъ тату хун бугилан.

Гьелдеги ирга щвелин бицана Шамиль Валиевас.

Амма ливнестокал гьарун гурони, канализация гьабуни, жидеде гӏайиб бачӏине бегьулин абуна гьес. Щайин абуни, гьелъие къваригӏунила лъим бацӏцӏад гьабулел жал (очистные сооружения). Гурони, канализация гьабуни, гьеб кинабго (шагьаралъго лъим гьекъолеб) гӏурулъейищ биччалеб?