Араб анкьил рузман къоялъ республикаялъул Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏа росдал хӏакъалъулъ хъвараб «Карата. Из прошлого в будущее» абураб тӏехь къватӏибе бачӏиналда бан рохалилаб данделъи тӏобитӏана.
Гьелда гӏахьаллъи гьабуна бетӏералда Гӏахьвахъ районалъул нухмалъулев Мухӏамадзагьид Муслимовгун администрациялъул хӏалтӏухъабаз, гӏадатиял гӏадамаз, тарихалъул гӏалимзабаз ва цогидалги гьалбадерица. 750 гьумер бугеб, некӏсияб заманалдаса жакъа къоялде щвезегӏан кӏаралазул гӏумруги тарихги жанибе бачараб, гӏагараб ракьалде рокьи цӏикӏарав Гӏалигъази Гӏалигъазиевас данде гьабураб гьеб тӏехь академикияб басмалъун рикӏине бегьула. Ахирал соназда анцӏ-анцӏ тӏехь къватӏибе бачӏана магӏарул батӏи-батӏиял росабазул хӏакъалъулъ хъварал, амма ракӏчӏун абила, гьединаб тарихиял хӏужабаздалъунги бечедаб, гӏумру яшавалъул кинабго рахъалде берги кверги щвезабун хъвараб тӏехь жеги къватӏибе бачӏинчӏилан.
Кӏаратӏа буго цӏакъго некӏсияб тарихги бугеб, тӏадмагӏаруллъиялда чӏахӏиял росабазул цояб.
Кӏодолъиялъул рахъалъ гуребги гьеб машгьураб буго магӏаруллъиялъул гуребги Дагъистаналъулго тарихалда жиндир цӏар рагӏизабурал ишазул нугӏлъунги гӏахьалчилъунги. Гӏанди гӏурул жаниблъиялда рукӏарал эркенал жамагӏатазул цолъабазда гьоркьоб кӏкӏаралазул жамагӏат, букӏана бищунго къуватаздасан цояблъун.
Кинаб лъугьа-бахъин магӏаруллъиялда, Дагъистаналда кколеб бугониги гьезул гӏахьалчагӏилъун рукӏана кӏкӏаралал.
ХӀX гӏасруялда эркенлъиялъе ва чияда рачӏолъиялъе гӏоло имам Шамилил бетӏерлъиялде унеб букӏараб рагъул заманалда кӏкӏаралал рукӏана имамасул хьолбохь чӏарал, бищун хӏаракатал жамагӏатаздасан цоял. Шамилил наибзабилъун рукӏана Кӏаратӏаса Гъазиябдибир, Гъалбацӏдибир, Халид (Кьуркьулав), Турач, Тӏавуш Мухӏамад, Хӏажияв Хӏадис.
Хӏурияталъул соназда Советияб власталъе гӏахьвалазул партизаназул отрядалда гьоркьорги дагьал рукӏинчӏо Кӏаратӏаса багӏарал партизанал. Советияб гӏуцӏиялъул заманалда Кӏаратӏаса рахъана гӏелмуялда, адабияталда, спорталда, парахалъи цӏуниялъул, сахлъи цӏуниялда ва цогидалги идарабазда хӏалтӏулаго республикаялда ва гьеб бахун къватӏибги машгьурал гӏадамал. Мисалалъе, магӏарул прозаялъе кьучӏ лъуразул цояв, хъвадарухъан ва журналист Абакар Тӏагьиров, Дагъистаналдаса тӏоцевесев профессионалияв художник Мухӏидин Гӏараби Жамал, тӏоцеесей литературияб институт лъугӏарай магӏарулай, Дагъистанияй машгьурай шагӏир Машидат Гъайирбекова, Совет Союзалъул Бахӏарчи Мухӏамадзагьид Гӏабдулманапов, Северияб Кавказалдаса тӏоцевесев олимпиялъул чемпион гугарухъан Загъалав Гӏабдулбеков, гӏелмабазул докторал З. Мухӏамаддибирова, Р. Халидова, Т. Хириев, Г. Мусаев, П. Гӏалигъазиева ва цогидалги.
Тӏехь бечед гьабун буго архивалъул материалаздалъун, Кӏкӏаралазул ракьалъул тӏабигӏаталъул суратаздалъун, росдал тарихалда цӏар тарал росуцоязул суратаздалъун.
Тӏехьалъе къиматги кьун, гьелъ гьабураб асаралъул, тарихалъе ва хадуб гӏолеб гӏелалъе гьелъул бугеб кӏваралъул бицун данделъиялда кӏалъазе рахъана Гӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамадзагьид Муслимов, тарихиял гӏелмабазул докторал Юсуп Дадаев, Закарья Нахибашев, Ильяс Мухӏамадсултӏанов, гӏалимчӏужу Р. Халидова, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель П. Пайзулаев ва цогидалги.
Букӏана кечӏ бакъанги. Гӏахьвалазул фольклорияб ансамблялъул гӏахьалчагӏаз ахӏана кучӏдул, рихьизаруна миллиял кьурдаби. Тадбир махщалида нухда бачана Гӏахьвахъ администрациялъул жавабияв хӏалтӏухъан Деньга Махиевас. Ахиралда кӏалъазе вахъарав, тӏехь хӏадур гьабурав, Гӏалигъази Гӏалигъазиевас данделъиялде рачӏаразе баркалаги загьир гьабун абуна, тӏадежураялги гьарун, ккарал гӏисинал гъалатӏалги ритӏизарун тӏехь цӏидасан бахъизе бугилан.
Росдал хӏакъалъулъ бахъараб тӏехь цебелъей кӏкӏаралаз унго-унгояб байрамалде сверизабуна.