«Кочӏолаб Чӏарада» бихьиназул хоралъул хӏакъалъулъ лъаларевги, гьелъ асир гьаричӏел магӏарулалги ратиларо, хасго мугӏрузул районазда.
Рорхатал мугӏрузул Чӏарада районалда бижараб унго-унгояб магӏарул кочӏол гъасда чанги данделъана магӏарулал. Хоралъул щибаб кечӏалъ нилъее бицуна мугӏрузул борхалъиялъулги, магӏарулазул тӏадегӏанлъиялъулги, миллаталъул цӏар цӏвабзазда аскӏоб хъварал бахӏарчиял васал-ясазулги къиса. Гьабсагӏаталдаги гьеб кечӏ гъугъала рокьул дандерижилъун гӏагарал мугӏрузда. Гьелъухъ гӏенеккаразул ракӏалги зобалазде цӏаруцӏуна. Гьелеха кочӏол къуват – жиндихъ гӏенеккаразда сири базаби. Гьенибго букӏуна магӏуги, гӏоди-релъиги, рохел-пашманлъиги. Гьеб кинабго хаслъи цӏунун хутӏун буго жакъаги, гьадинаб хӏабургъараб ва магӏарул кочӏол дунялалда инкъилаб гьабизе лъугьарал кочӏохъабазухъ гӏинги тӏамичӏого, чӏарадисезул бихьиназул хоралъул гъасда.
Мугӏруз нухарегӏана гьеб гӏатӏиракьалде. Ва жакъа гьелъул рещтӏен буго Магӏарул театралда. Амма жакъаги кечӏ кидаго кидаго мугӏрулгун буго. Гьеб гӏащикълъун букӏуна миллаталъул гьаркьихъ, ва магӏарухъ гӏадин гьеб кибниги рагӏуларо. Гьеб чӏалгӏун букӏуна чӏухӏарал цӏумазул рорженалъухъги, хӏанчӏазул чӏирчӏириялъухъги, гӏисинал лъаразул сариназухъги.
Жидерго гӏищкъудал гӏагараб ракьалъе бицине иргадулаб нухалда Чӏарада районалда щвана чӏарадисезул хор. Гьезда гьоркьор рукӏана миллияб кочӏолаб маданияталъул чӏухӏилъун кколел Россиялъул мустахӏикъав артист Тӏагьир Къурачев, Дагъистаналъул халкъиял артистал Гӏабдулла Мухӏамадмирзаев ва Абакар Гӏумархӏажиев. Гьел цере рахъана Цӏуриб росдал гӏадамазда цере.
Кӏудияб рохеллъун чӏарадисезе букӏана Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудинова гьоболлъухъ ячӏинги.
Гьеб букӏана Хадижатил кочӏоца Чӏараде гьабураб тӏоцебесеб роржен.
Магӏарулазда магӏарул кочӏол сордо баркана районалъул бетӏер Мухӏидин Мухӏамадовас, лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев Шамил Мустафаевас.
Гьалбадерие музыкалияб салам кьуна магӏарулазул кочӏол борхалъилъун жакъаги кколел Чӏарадаса Шагьав Гӏабдурахӏмановасги Абакар Жамалудиновасги.
Тадбиралъул ахиралда чӏарадисезе баркала кьуна хоралъул нухмалъулев, ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан Муртазагӏали Гӏалиевас.