Имахӏажи Такъиев гьавуралдаса — 90 сон
Гьавуна Имахӏажи Такъиев 1929 соналъул 27 ноябралда Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏа росулъ.
Гьес лъугӏизабуна Москваялъул А. В. Луначарскиясул цӏаралда бугеб театралияб институт 1955 соналда хӏалтӏизе лъугьана Магӏарул театралде.
Гьес хӏана анцӏ-анцӏ ролал. Гьезда гьоркьор руго, масала, М.Ю. Лермонтовасул «Бэлаялдаса» Максим Максимыч, Расул Хӏамзатовасул «Магӏарулалда» Гӏусман, Шекспирил «Оттелоялдаги» вихьана гьев магӏарулазда, Гӏ. Хачаловасул «Аманаталдаги» Мирзал роль хӏана гьес. К. Треневасул «Любовь Яровая» спектаклялда Кошкинил, Бомаршел «Фигарол бертин» спектаклялда граф Алмавивал сипаталги рихьизаруна гьес.
1960 абилеб соналъул ункъабилеб маялда гьев мустахӏикълъана «Мустахӏикъаб захӏматалъухъ» абураб медалалъе.
Гьединго гьесие щвана «Дагъистаналъул мустахӏикъав артист», «Дагъистаналъул халкъияв артист», «Россиялъул мустахӏикъав артист» абурал тӏадегӏанал цӏаралги.