Махӏачхъалаялда, Гӏурус театралда тӏобитӏана Халкъазда гьоркьосеб театралияб форум. Гьенир гӏахьаллъана республикаялъул театразул хӏалтӏухъаби, театралиял вузазул студентал, Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса гьалбал.
Тадбир рагьана ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ. Гьелъ бицана республикаялъул театразул творчествияб гӏумруялъул ва гьеб цебетӏезабиялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Гьабсагӏаталда Дагъистаналда буго 12 профессионалияб театр ва 30-ялдаса цӏикӏкӏун халкъияб театр. Гьединго гьелъ бицана республикаялда тӏоритӏулел Халкъазда гьоркьосел ва Тӏолгороссиялъул театралиял тадбиразулги хӏакъалъулъги. Форумалда рукӏана дандчӏваял, цоцазул хӏалбихьиязухъ гӏенеккана ва гара-чӏварана, театралъул букӏинеселъул бицунги.
Гьенибго Театралъул соналъул гӏаламат кьуна Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб Миллияб музеялъухъе.
Дагъистаналъул театразул актерал гӏахьаллъараб концертги кьуна форумалъул гӏахьалчагӏазе.