Гьале лъагӏел данде щвана Гъуниб районалъул бетӏерлъун Салтӏа росулъа Мудунхӏажи Къадиров вачӏаралдаса. Гьеб къокъабго заманалда жаниб районалда гьабураб ва гьабулеб бугеб хӏалтӏул цо-цо рахъазул хӏакъалъулъ бицунеб буго мухбир Мухӏамад Къебедовасул гъоркьехун кьолеб бугеб макъалаялда.
Абизе бегьула гьеб заманалда жаниб щибха хисарабилан. Гьеб суалалъул бициналде, абизе ккола Мудунхӏажи районалъул бетӏерлъуде вачӏанин цӏакъ захӏматаб заманалда. «Гьадигӏанго гӏемерал масъалаби ратилин вукӏинчӏо», — ян гьес чанго нухалда абизеги абуна.
Районалъул школазде бачӏараб тӏорччохъцин кьезе кколеб гӏарцул налъи бахун батана 24 миллион гъурщиде. Цохӏо гьеб мисал гӏеларищ букӏараб ахӏвал-хӏалалъе къимат кьеялъе.
Гӏемераб хӏалтӏи гьабизе ккана налогал ракӏариялъул рахъ роцӏинабизе. Исана 10 моцӏида жаниб, бачӏине кколелдаса, микьго миллионалдаса цӏикӏкӏун гъурущ щун буго налогазул.
Гьелдаго цадахъ хӏалтӏи гьабизе ккана районалъул халкъалъул социалияб рукӏа-рахъиналъул рахъ борхизабиялъул мурадалда.
Хӏалтӏул тӏоцересел къоязго Мудунхӏажи Къадировас тӏалаб гьабуна «Гъуниб» лъималазул санаториялда Гъуниб росдал школалъул филиалалъул хӏалтӏи цӏигьабизе,
районалда физкультураялъулабгун сахлъиялъулаб комплекс Хьиндахъ росулъ баялъе практикаялъулал хӏалтӏаби гьаризе.
Ахираб заманалда Гъуниб росдаде тӏаде балагьараб кьуру тӏун бачӏунеб хӏалалда букӏун, гьеб кьуру щула гьабиялъе проекталъулал хӏалтӏаби гьарулел руго МЧСалъгун цадахъ «Ленгидропроект» абураб гӏуцӏиялъ.
Хӏаракат бахъана батӏи-батӏиял республикаялъулги федералиялги программаби районалда рилълъанхъизариялъул мурадалда хӏадур гьабуна хасаб программа.
Бищунго гӏемер гӏадамаз кьолеб суал букӏана Гъуниб районалде газ бачиналъул. Мудунхӏажи Къадировас гьеб суалги борхана ДРялъул промышленносталъулгун энергетикаялъул министр Сайгидпаша Гӏумахановас тӏобитӏараб данделъиялдаги. Къокъабго заманалда районалде рачӏана газалъул хӏалтӏухъаби. Бахъана Гъуниб районалде газ бачиналъул хасаб карта.
Жакъа райцентралде рачӏунездаги бихьулеб буго гьелъул гьумер хисулеб букӏин. Райцентралда гӏумру гьабулел гӏадамазе лъадал бугеб къварилъиги хӏисабалде босун, тадбирал гьарулел руго гӏурухъа лъим бачиналъеги. Гьеб мурадалда, биччан буго 35 миллион гъурущ гӏарацги. Райцентралда балеб буго футболалъул майданги.
Гӏемерал соназ бицунеб букӏана Гъуниб цӏияб ясли-ах базе хӏажат букӏиналъул. Гьале гьанже, райцентралда ясли-ах базе проекталъулал хӏалтӏаби гьаризе байбихьана.
«150 школа» абураб республикаялъул программаялде гъорлъеги бачун, Гьонода росдал школалда хисана школалъул минаялъул тӏох, гордал. Гьарулел руго ремонталъулал хӏалтӏаби. Гьекъолеб лъел масъала тӏубазабизабиялъул мурадалда биччан буго анкьго миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъурущ гӏарац.
Щивав цӏияв нухмалъулесул гӏадат буго бугеб ахӏвал-хӏал мухӏканго лъазабизеросабалъеги ун, гьенир дандчӏваял тӏоритӏулеб. Гьедин Мудунхӏажи Къадиров щвана щибаб росулъе. Ратарал гӏунгутӏаби хӏисабалде росана лъугӏизаризе кьуна тӏадкъаял, цо-цоязе гьаруна бадирчӏваял.
Гьанже росабалъе щвараб мехалда бихьулеб буго цебехун букӏинчӏеб гӏадаб чӏаголъи букӏин. Цо-цо бакӏазда хӏалтӏи гьабулеб батани хӏукуматалъул гӏарцудалъун, цо-цояз хӏаракат бахъулеб буго жамагӏатазул ресазда рекъонги хӏалтӏаби гьаризе.
Районалъул бетӏер щварал бакӏазул цояб букӏана Чӏохъ росуги.
Гьанже гьенибги хӏалтӏул кор боркьараб хӏисаб буго. Рагӏалде бахъун буго граждан рагъул гӏахьалчагӏазул хӏурматалда бугеб парк къачӏан, гьединго лъугӏулеб буго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазул хӏурматалда рагьараб паркги, культураялъул кӏалгӏаялда хисун буго тӏох.
Цохӏо гьеб росдал клуб капиталияб къагӏидаялъ къачӏазе биччан буго 15 миллион гъурущ. Кватӏичӏого Чӏохъ росулъе бахъизе бугеб цӏияб лъел мухъалда хӏалтӏи гьабизе бихьизабун буго 19 миллион гъурущ гӏарацги.
Хьиндахъ росулъ, «Городская среда» абураб программаялда рекъон гьабун буго гьитӏичазе расандизе санагӏалъи, чӏахӏиязе торгӏо хӏазе майдан, къачӏалел руго гьенире нухал…
Мохӏоре щведал бихьана тӏохги хисун, берцинго жанисаги къватӏисаги къачӏараб ясли-ах.. Гӏемерисеб хӏалтӏул хӏасилги бараб букӏуна бегавулзабазулги райадминистарциялъулги бугеб гьоркьоблъиялда.
Гьелъул бицуна ахирал соназда, масала, Къорода жалго гӏадамазул харжаздалъун гьарулел хӏалтӏаби цӏикӏкӏунел рукӏиналъ. Бачана Цӏияб Къороде кӏуядерил лъарахъа лъим, гьарулел руго канализацияби, некӏсияб росулъ ралел руго къулгӏаби, нухда бетон тӏуна. Гьединго гамачӏ-гъегъалдаса бацӏцӏад гьабуна хъил тӏураб шагьранухги.
Таманаб заман букӏана Бацӏада росдал школалъул спортзал къачӏазе тӏалаб гьабулеб букӏаралдаса. Гьебги хӏисабалде босун, капиталияб къагӏидаялъ спортзал къачӏаялъе тадбирал гьаруна. Гьелъие биччан буго лъабго миллионгун анкьнусазарго гъурущ гӏарац. Гьабсагӏаталда гьенир тӏад ран унел руго хӏалтӏаби.
Гьеб буго районалъул цӏияв бетӏерас тӏаде гӏун бачӏунеб гӏелалде кӏвар кьолеб букӏиналъул цоги мисал. Хӏалтӏуде вахъун заман балелдего районалда лъазабуна гӏолилазда гьоркьоса специалистал тӏаса рищиялъул къец. Районалда хӏаракат бахъулеб буго цебе букӏараб къагӏидаялъул даражаялде районалъул лъайкьеялъул хӏалтӏи бачине. Гьабсагӏат унеб буго школаздагун ясли-ахазда щартӏал лъикӏлъизариялъул хӏаракатчилъи. Гьедин республикаялъул хӏукуматалъул тӏадкъай тӏубаялъул мурадалда Гъоркьа-Кӏогьориб, Гӏобохъ, Къорода-кьотӏа, Салтӏа, Сильтӏа, Гӏунтӏиб, Шамгъода, Кӏогьориб, Гъуниб, Ругъжаб росабазул школазда гьарулел руго хинал хӏажатханал.
Кудалиб росдал школалъе кьуна цӏияб автобус.
Исана лъагӏалил ахиралде гьединалго микроавтобусал рачӏине ругилан бицана районалъул бетӏерас Шуланиб ва Гъуниб школазеги.
Цохӏо Гьонода гуребги, «150 школ» проекталъул хӏисабалдасан капиталиял хӏалтӏаби гьаруна Силтӏа, Хӏутниб, Чӏохъ-Коммуна, Салтӏа, Сугъралъ росабазул школаздаги.
Гьединго районалда гӏумруялде рахъинарулел руго «Современная школа» абураб федералияб программа ва «Точка роста» абураб регионалияб проект. Гьеб мурадалда биччараб ункъо миллонгун 800 азарго гъурущ щвана Гъуниб, Сугъралъ, Кудалиб росабазул школазе.
Къачӏазе байбихьун руго росабазул ясли-ахалги: Гъоркьа-Кӏогьориб — цо миллионгун 34,3 азарго, Салтӏа — кӏиго миллионгун нусазарго гъурущ гӏарац бихьизабун буго.
Цебехун букӏинчӏеб къагӏидаялъ байбихьун буго районалъул росабазул жанисел нухаздеги кӏвар кьезе. Гьедин бихьизабун буго Бацӏаде нух къачӏазе — 14730 азарго, Ругъжабе — 20 миллион, Салтӏе — 50 млн, Тӏад Гъунибе — 2400 азарго, Хӏотӏочӏ-Хьиндахъ- 100 азарго, Гъуниб-Бацӏада-Накӏазухъ нухалъе ичӏго миллионгун 700 азарго гъурущ . Гьениб буго нухазда хӏалтӏи гьабизе букӏине проект бахъизе биччарабги.
Гьелде тӏадеги республикаялъул нухазулаб фондалдаса Мохӏоб ва Бацӏада росабазул жанисел нухазеги бихьизабун буго кӏиго миллионгун 404 азарго гъурущ.
Ракӏалдаго гьечӏого бухӏуана Кьогъоб школалъул байбихьул классал жанир цӏалулеб корпус. Гьенибги хех гьабун гӏуцӏана хасаб комиссия. Жеги хӏинкъараб хӏалалда буго Кьогъоб школалъул хутӏараб корпусги. Гьениб 2020 соналда цӏияб школа базе планалде босун буго.
Гьеб мурадалда Мудунхӏажи Къадиров щвана Минэкономикаялде ва рагӏалде бахъана бачӏунеб соналъ Кьогъоб 100 цӏалдохъанасе школа баялъул суал.
Гьединго лъай кьеялъул министерствоялъ 2,5 миллион гъурущ гӏарац биччалеб буго Гъуниб росдал школалъул спортзал къачӏазеги.
2012 соналдаса нахъе тӏалаб гьабулеб букӏараб Кьогъоб ясли-ахалъе биччазабуна гьелъие гӏураб гӏарац. Лъел хӏалтӏаби гьаризе руго Силтӏа, Шуланиб росабалъги. Хӏотӏочӏиб къачӏазе буго ясли-ах. Церечӏарал масъалабиги дагьал гьечӏо. Цӏидасан базе ккун буго жеги ичӏгоги школа. Гьечӏо цониги росулъ типалъулаб къагӏидаялъ бараб ясли-ахалъул мина.
Гьединалги цогидалги масъалаби дагьал гьечӏо районалда. Цо-кӏигоги соналда жаниб гьеб кинабго рагӏалде бахъунеб хӏалги гьечӏо. Амма хьул лъезабулеб гьабсагӏат гьарулел лъикӏал ишаз районалде хинаб гьогьен бачун бачӏунеб букӏиналъ.
Гьале цебегоялдаса нахъе бицадулъ хутӏун букӏараб МТС — машинабазулгун тракторазул станция хӏалтӏизе бичана. Босана гьенибе цӏияб кӏиго комбайн. Гьелъ рес кьезе буго къватӏиса ккураб техникаялъухъ къватӏибе унеб букӏараб гӏарац районалда жанибго хутӏизе. Цебе лъолеб буго туризмги районалъе пайдаяб, хайир кьолеб къагӏидаялъ гӏуцӏизе ккелилан абураб суалги.
2020 соналда бицен гьабулел программабазда рекъон хӏалтӏи гьабизе хӏисабалде босун буго Хӏотӏочӏ, Бухтиб, Сугъралъ росабалъ. Базе буго 1993 соналдаса нахъе нухдаго хутӏун бугеб Салтӏа-Кудали кьоги.
Тӏолалъулго хӏакъалъулъ гьаниб бицун лъугӏиларо. Ратила районалда, гӏунгутӏабиги, гӏоларел рахъалги, гӏумруялде рахъинаризе кколел ишалги.
Гьеб киналъулго хӏасил гьабун буго районалъул бетӏерас ва баркала кьолеб буго районалда бугеб ахӏвал-хӏалги бичӏчӏун, сундулъго сабурги гьабун, жигаралда цадахъ хӏалтӏулезе.
Бихьулеб буго районалъул нухмалъиялде вачӏунаго Мудунхӏажилги районалъул гӏадамазулги рукӏарал хьулалгун анищал дагь-дагьккун гӏумруялде рахъунел рукӏин. Гьелдаса рази буго Гъуниб районалъул захӏматчагӏиги.